Гьалкъояз Кавказская политика абулеб сайталда загьриабун буго– «Рагъухъаби гьечIеб шаригIаталъе гIолоилан» абураб цIаралда гъоркь къокъаб макъала.
БатIи-батIиял тарихалги кьун, гьеб макъалаялъул авторас чIван къотIун абулеб буго къеркьохъаназул кьеразде журазе хIадурал ругин гIолохъанал дагъистаниязул 3 процент.
Кин гьадинаб хIасил баккараб ва лъица кин ва лъида гъорлъ гьадинаб гьикъа-бакъи гьабурабали, гьеб хIакъикъаталда гьабун бугони, ян абураб суалалъе рехсараб макъалаялда жаваб батулеб гьечIо.
Батун букIарабани гьебги шакъаблъун бихьилаан, шай гурелъул къеркьохъанлъул вахъине хIадурав дагъистанияв абиладай жиндир гьадинаб хиял бугин?
Гьадинаб суал нижеца кьуна Дагъистаналъул юрист ва журналист Сулайманов Сулаймание.
Гьесдаги гьединал рикIкIенал рихьула щакаллъун ва цереккунго ургъун гьарураллъун щай гурелъул къеркьохъаназул кьеразде жувазе жив хIадурав вуго ян абурав гIолохъанав Дагъистанияв хъващтIан полициялъулаз ва хасал хъулухъчагIаз кквезе вугин ялъуни гьев араб бакI лъачIого тIагIине вугин абураб жоялда шакдаризе бакI гьечIин абулеб буго Сулайманица ва тIадехун рехсараб макъалаялда тIаса гьадинаб баян гьабулеб буго.
Сулайманов Сулайман: Сулайманов Сулайман
Кавказская политика абулеб сайталда загьирабураб макъалаялъул автораз абулеб буго гIолохъанал дагъистаниязул 30-гIан процент хIадурал ругин пачалихъалде рагьараб къагIидаялда данде чIезе Ислам диналъул адаб хвезабуни.
ХIатта официалиял диниял цIалул идарабазул цIалдохъаназул 26-гIан проценталъ гьадинабго хIадурлъи загьирабун бугин. Гьелда бан Сулайманов Сулайманица абулеб буго, гьеб динияб хасияталъул протест гурин, гьеб бугин Россиялъул киса-кибго бихьулеб жо. Добго Болотный майдан букIа, добго Сахаровасул проспект букIа.
Сулайманов Сулайман. Сулайманов Сулайман.

Your browser doesn’t support HTML5