Венециялдаса Мальдивазде щвезегIан
Мальдивазул чIинкIиллъаби рикIкIуна туристазул «алжанлъун». Гьел тIагIине рес буго гьаб гIасруялдацин океаналъул лъел даража тIаде ин халат бахъунеб бугони. 1200 чIинкIиллъиялдаса архипелагалъул гьоркьохъеб борхалъи ккола лъел даражаялъул мухъалдаса 2 метра, ай дунялалдаго бищунго «къокъаб борхъалъи».
2008 соналда Мальдивазул хIукуматалъ лъазабуна, гражданал гочинариялъул цогидал улкабазда ракьал росулел рукIиналъул хIакъалъулъ.
Гьелдаго релъараб ахIвал-хIал буго чIинкIиллъабазда ругел цогидал улкабаздаги. Карибати республикаялъул президентас абулеб буго, гьесул улка лъеде гъоркье ине бегьулин гIагарисеб 30-50 соналда жанибин.
Австралиялда бугеб КIудияб барьералъул риф 1970 соназдаса байбихьун махIрумлъана кораллазул бащалъиялдаса. Жиб лъалареб къагIидаялда хисизе бегьула 2050 соналде. Гьедин лъазабулеб буго ралъдал биологиялъул профессор Питер Сейлица.
Рифалъул уникалияб экосистемаялъе хIинкъи буго климат хинлъиялдаса ва лъин чуруклъизабиялдаса.
Италиялъул машгьураб каналазул шагьар Венеция нус-нус соназ къеркьолеб буго лъел «гьужумалде» данде, амма проблемаби гьанжеги хутIулел руго.
Глобалияб хинлъиялъе гIоло узухъда мугIрул дунялалдаса тIагIунаро. Ама гьелъие гIоло хисула гьезул гIадатияб нилъее ругьунаб сурат-сипат.
Африкаялъул бищунго борхатаб Килиманджаро мегIералъул цIорол «тIагъур» гьитIинлъана 85 проценталъ 2011-леб соналде. ХутIараб цIер тIубанго тIагIине бегьула 2020 соналде. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго NASAялъ.
«Хвараб ралъад хвезе бегьула» абураб цIар лъурал макъалабазда дунялалъул информалатаз бицунеб буго бищунго цIамхIалаб лъин бугеб хIоралъул проблемабазул хIакъалъулъ.
Хвараб ралъад буго дунялалъул океаналъул лъел даражаялъул мухъалдаса 430 метралъ гъоркь. Санайилго гьелъул даража гIагар-шагарго цо метралъ гъоркье кколеб буго.
Ахирисеб 40 сонида жаниб хIоралъул гIатIилъи дагьлъана лъабго бутIаялдаса цо бутIаялъ. Гьелъие гIиллалъун гIалимчи Гидон Бромбергица рикIкIунеб буго Израилалъги Иорданиялъги гьенисан минералал рахъулел рукIин.