А. Шевченко: "Ниж руго секстремистал..."

Итни къоялда немцазул Ганновер шагьаралда унеб экспозициялде россиялъул президент Владимир Путин щвараб мехалда ккана инцидент. Гьесул хъаравулзабазул гор-свериялдаса рорчΙун, украиналъул Femen абураб руччабазул гΙуцΙиялъул гΙицΙал активистаз гьесде данде ахΙиял гьаруна. Гьезда гъорлъ йикΙарай Александра Шевченкоца Эркенлъи радиоялъул ГΙурус сервисалъе кьураб интревью.
ЭР. Кинал претензияби ругел нужен Путиниде? Щиб бугеб нужер гьесде данде?

Александра Шевченко: "Дир пикруялда, Путинида хурхун нижер гуребги, тΙолабго планетаялъул руго проблемаби. Путиница россиялъул гражданазе гуребги, кинабго дунялалъе квешлъи гьабуна. Гьединлъидал мун дурго демократияб пикру загьир гьабизе хΙинкъуларев, гΙакълу бугев чи ватани, гьеб пикру дуца вачΙинеги вачΙун гьесде бадибе загьир гьаби ккола дур налъи. БитΙараб бицани, дун тамашалъизаюла - «Гьесде кинал претензияби ругин» - кьолеб суалалъ. Щайгурелъул гьел претензиябазул бицунеб букΙуна щибаб къойилго я прессаялдахун, я радоялдасахун тΙолабго дунялалда. Нижеца къокъаб къагΙидаялда загьир гьабуна дунялалъе къваригΙараб - Путин нахъе ине кколев вукΙин. ЦΙакъго лъикΙ букΙинаан, гьев нижеца витΙулеб бакΙалде ани."

ЭР: Немцазул полициялъ нуж хъачΙаб къагΙидаялда нахъе рахъана гьениса. Лъиениги зарал кканищ?

Александра Шевченко: "ХъачΙаб къагΙидаялъул асар нижеде немцазул полициялъ гуреб гьабураб. Гьеб Путинил хъаравулзабаз гьабуна. Немцазул полициялъулаз ниж берцинго рекΙинаруна машинаялда ва щвезаруна полициялъул бутΙаялде."

ЭР. Нуж ккурал чагΙи гΙурусалищха рукΙарал?

Александра Шевченко: "Дида лъаларо кинаб миллаталъул гьел чагΙи ругелали. Гьел ккола мухΙканго Путин цΙунулел чагΙи. Гьел немцазул полициялъулал гуро."
http://www.youtube.com/embed/DQai5C7Sn8E
ЭР: Кин нужеда бажарараб Путинил хъаравулзабазул гор-сериялдаса рорчΙизе?

Александра Шевченко: "Ниж ккола секстремистал. Нижеда бажарула гьел къагΙидаби ратизе. Гьезул мухΙканлъиял къватΙир чΙвазари нижер интерес бугеб жо кколаро."

ЭР: Нужеда бихьанищ кинаб гьумер букΙараб Путинил нуж аскΙоре щвараб мехалда?

Александра Шевченко: "Узухъда, узухъда! Дун гьесул бадие балагьана. Гьев цΙакъ гΙажаиблъун вукΙана. ГΙажаиблъун вукΙун ватила, кин нижеца гьесул хъаравулзабазул сверухълъиялда жагъалаб бакΙ батун букΙиналъ. Нижее батана гури гьединаб жагъалаб бакΙ. Ва гьенисан жанире ниж рорчΙана. Гьеб гΙантаб гΙажаиблъи букΙана, идиотасул гьимигун. Гьесул гΙантаб гьумер букΙана."

ЭР: Бажаранищ нужеда Путинида нужер мугъазда хъван букΙараб бихьулеб къагΙидаялда сверизе?

Александра Шевченко: "Дир каранда хъван букΙана "Фак диктатор!" абун. Гьев лъай бугев чи ккола. Дида ккола гьесда гьеб инглис мацΙалда хъвараб бичΙчΙун батилин."

ЭР: Нужеда тад такъсирияб иш рагьанищ германиялъул нухмалъиялъ.

Александра Шевченко: «У, нижеде тΙад такъсирияб иш рагьана. Ниж балагьун чΙун руго прокурорасул хΙукмуялъухъ. Гьесда бараб буго, нижер иш диваналъухъейищ кьезе бугеб яги къазейищ бугеб.»
ЭР: Полициялъул бутΙаялде щвезарун, нужеда ретΙелищ ретΙизабураб гьез? Нужер хΙакъалъулъ информацияги бакΙарун, улка тун къватΙире унгеянги лъазабун, нуж гьез эркен гьаруна. Гьеб битΙараб бугищ?

Александра Шевченко: «Буго.»

ЭР: Германиялда вугищ нужер адвокат?

Александра Шевченко: "ГьечΙо."

ЭР: КΙолищ дуда цогидал гΙахьлчагΙазул хΙакъалъулъ бицине?

Александра Шевченко: «Гьеб акциялда гΙахьаллъана кΙиго украинай, дунги Оксана Сачкоги. Гьей ккола сон цебеккун Путиница гьаракь рехараб урна бикъарал активистазул цояй. Активистазул цогидай ккола Россиялъул гражданай Ирина Ханова. Ва кΙиго Германиялдаса активист. Баркала немцазул прессаялъе. Гьез нижер хΙакъалъулъ битΙараб бицунеб буго. Гьедин абизе кΙоларо нижеда Россиялъул, щиб мунагьал рахчизарун рукΙинаро, украиналъулги прессаялда хурхун. Прессаялда хΙакъикъаталде данде кколеб къагΙидаялда бихьизабиялъ раккана немцазул, франциялъул, бразилиялъул феменисткаби. Гьанже нижер буго Femen Бельгия, Femen Канада, чанго хΙаракатчΙужу йиго Цолъарал штатазда, Британиялда, Тунисалда. Прессаялъул кумекалдалъун немцазул руччабазда лъана Femenалъул, нижер идеябазул хΙакъалъулъ.»

ЭР: Кин дуда кколеб кин гьеб инцидент рагΙалде бахъине бугеб? Щиб гьабизе бегьулеб немцазул полициялъ нужеде данде?

Александра Шевченко: «БитΙараб бицани, Кремлалдаса хΙинкъун гуреб, демократиялъулгун ихтияразул принципаздалъун хΙалтΙулеб немцазул полициялде буго хьул. Нижер хьул буго гьеб иш лъикΙ рагΙалде бахъине букΙиналде. Хьинкъизе ва кир рукΙаниги рахчарила рукΙине нижер планалда гьечΙо.»
ЭР (ГΙурус сервис)