Москваялъул Бирюлёво мухъалда Егор Щербаков чIваялда шаклъи бугев Орхан Зейналовасу эмен Загьидица абулеб буго жиндир васасде гIайиб гIунтIизаби – цебеккунго ургъараб иш бугин политикияб мурадалда гьабураб.
Хас гьабун Эркенлъи радиоялъул Азербайджан хъулухъалъе кьураб интервьюялда Загьидица абуна жив божулев гьечIин жиндир вас чIвадарухъан вукIиналда.
Загьид Зейналов: «Лъугьа-бахъаралде божизе кIоларо дида. Ункъго соналдаса цIикIкIараб заманалъ дир васас Москваялда гIумру гьабулаан. Гьаб хабар рагIидал, дир рахIат хвезабуна.
Дица абуна, дир васа гьадинаб иш гьабилароан. Гьеб буго байбихьудасанго ахиралде швезегIан ургъунго гьабураб иш. Гьеб буго политикияб иш. Щибха тIокIаб абилеб?»
30 сон барав Орхан Зейналов Москваялъул полициялъ ккуна талат къоялъ. Гьесде гIунтIизабулеб гIайиб – Егор Щербаков чIвай. ТIокIаб мухIканлъи жеги лъазабун гьечIо, цо гьитIинаб хIужа гурони – чIвадарухъанасда ва Щербаковасда гьоркьоб дагIба ккун бугин яс сабаблъун.
ХIужа ккараб бакIалдаса чIвадарухъан лъутана. Гьесул сипат-сурат хал-кквей гьабулеб видеокамераялъ гьабуна. Гьелдалъун бихьулеб буго гьев Кавказалдаса ялъуни Централияб Азиялдаса чи вукIин.
Гьелдаса нахъе багъарун букIана ахирисел чанго соназда жаниб бищун кIудияб низам биххи. 13 октябралда ццим бахъарал гIурус миллаталъул гIадамаз расизмалъул иглIанал ахIулаго дармил централде гьужум гьабун гьеб бахъана.
Полициялъ нахъе гъуна протесталъул гIахьалчагIиги, дармил централда хIалтIулел Кавказалдаса рачIаралги. Загьид Зейналовасул рагIабазда рекъон жиндир вас хасго гьезда гъорлъ вукIун вуго.
Гьеб акциялъул хIасилалда 23 чи лъукъана, гьезда гъорлъ 8 полициялъулавги. ГIага-шагарго 400 гIахьалчи ккун вуго пролициялъ, хадув ккун вукIана 1200 мигрантги. Орханил эбел Ясминица абулеб буго доб къоялъ Орханица жиндихъе телефоналъ ахIанин.
Ясмин Зейналова: «Васас телефоналъ ахIун абуна, жив сах-саламат вугин ва жинца щибго квешаб гьабичIин. Нужеда рагIулеб батила прессалда дун чIвадарухъанлъун лъазавун вукIин. Гьанже дир хиял буго полициялдеги ун, дирго гIайиб гьечIолъи бихьизабизе, ян, хIукму гьабуна Орханица».
Орхан Зейналов ккун хадусала Интерфакс агентлъиялъ Жанисел ишазул министерлъиялъул баяналда мугъчIвай гьабун чIечIого лъазабулеб букIана гъов жинде гIунтIизабулеб гIайибалъе мукIурлъанин хасал хъулухъчагIазулгун официалияб гуреб гара-чIвариялда.
Амма Орханил эмен Загьидица ракI чIун абулеб буго гьеб лахI чIегIераб гьереси бугин политикияб мурадалда тIибитIизабураб.