Рузман къоялъул кьвагьи

Каспийск шагьаралда автомобилазул цIатари бичулеб станициялда аскIоб ккараб кьвагьи

Рузман къоялъ Каспийск шагьаралда автомобилазул цIатари бичулеб станициялда аскIоб ккараб кьвагьиялъул хIасилалда гIадамасе къварилъи ккун гьечIо. Цереккунисел баяназда рекъон, кьвагьи ккун буго гьениб аскIосан унеб букIараб автомобил цIатари жаниб бугеб кIудияб къалиялда тунки ва гьелъул хIасилалда машинаялда цIа рекIин.

Каспийскаллда кьвагьи ккана гIага-шагарго къад сагIат цоялде 15 минут хIалтIараб гIужалъ. Кьвагьиялъул сасалъ гьаргьазаруна аскIор рукIарал минабазул рукъзал. Шагьаралде жанире рачIунеб абкIалда бугеб автомобилазул цIатари бичулеб станциялда аскIоб ккун бугин кьвагьиян абулеб букIана гIадамаз. ТIоцебе абулеб букIана АЗСалда цебе бугеб «Шейх» абураб гIадамал квана-гьекъезе рачIунеб бакI кьвагьизабун рагIулин, хадуб баянлъана гьениб цо автомобиль кьвагьун букIин.

Кьвагьи ккараб бакI хех гьабун сверун куна полициялъул хIалтIухъабаз ва гьенибе хехаб кумекалъул автомобильги бачIана. Амма лъукъарав ялъуни зарал ккарав чиясул хIакъалъулъ щибниги баян бачIинчIо къватIибе

Кьвагьи ккараб бакIалда аскIобго цун балеб буго гIадамаз жанир гIумру гьабулеб гIемертIалаялъулаб мина. Гьелда аскIоб кьвагьун буго автомобиль.

Автомобилазул цIатари бичулеб станиция шагьаралда жаниб букIине бегьуларилан абулеб буго экспертаз. Каспийскалда рузман къоялъ кьвагьи ккараб бакIалда бугеб АЗС чанго соналъ цебе гIадамаз гIумру гьабулел бакIалдаса дагьаб къватIибегIан букIана. Гьанже гьеб гIемертIалаял минабаз сверун ккун буго.

Тахшагьар МахIачхъалаялда абуни гьединаб чанго цIатари бичулеб станция буго шагьаралда жанир. Ралел бакIазул програмаялда рекъон гьел шагьар бахун къватIирехун рукIине ккола. Гьедин бицана «Эркенлъиялъе» Зиявудинов МухIамадицаги. хасаб батIергьанлъиялъулаб «Шауриб» абураб архитекторазул агенствоялъул нухмалъулев ккола гьев. АЗСдаги, гIадамаз гIумру гьабулел бакIазда ва магIишатиял бутIабазда гьоркьорги кигIан манзил букIине кколебали гьадинаб баян кьуна гьес «Эркенлъиялъе».

Зиявудинов МухIамад: «Мисалалъе магIишатиял бутIабазда гьоркьоб бихьизабун бго 15-20 метр амма гьезулги жидерго тайпаби руго рихьизарурал. ГIадамаз жаниб гIумру гьабулел рукъзабахъ 25-80 метр, гIемерал гIадамал ракIарулеб бакIалдаги гьебго манзил буго. Автомобилал лъалхъизарулел ва къаси къаси гьел толел бакIазда бихьизабун буго 35-40 метр. Гьединал руго гIага-шагарго АЗС дагун гIадамал рукIонеб бакIалдаги гьоркьоб бихьизабураб манзилаллъул цо-цо баянал».

Араб соналъ кьвагьи ккун букIана МахIачхъалаялъул ГIахъушиясул къотIноб бугеб «БЕЛНЕФТЬ» абураб АЗС-алдаги. Гьоркьоб заман ун хадуб гьелдаго дандбитIун бугеб цогиги станция бухIун букIана МахIачхъалаялда. Амма гIицIго цIаккун гурони гIадамасе щибниги къварилъи ккун букIинчIо добмехалъ.