БекIмурза БекIмурзаев хIалтIулев вукIараб идараялдаса прокуратураялъ гьесде гIунтIизарулел гIайибазда тIасан баян щвечIо «Эркенлъи» радиоялъе. Дагъистаналъул прокуратураялъул
Дагъистаналъул миллияб политикиялъул, къватIисел бухьеназул ва диналъул рахъалъ министерлъиялъул вукIарав нухмалъулев БекIмурзаев БекIмурзатIе гIайиб гIунтIизабулеб буго гьес нухмалъи гьабулеб идараялъул цIаралдасан Лотос басмаханаялъулгу
Басмаханаялъулгу
Амма жакъа къоялде щвезегIан БекIмурзаца хIадурун буго гIицIго гьеб тIехьалъул кIиго том, хIутIараб кIигояб къватIибе бачIун гьечIо. Гьеб кинабгоги хIисбалде босун гIунтIизабулеб буго прокуратураялъ экс-министрасде гIайиб
Живго я БекIмурзал, я гьесул адвокатасул кинал ругониги комментариял жеги къватIире загьирлъичIо.
Дагъистаналда цIияв прокурор хисаралдаса гьаб кIиабилеб хIужа бугин абизе хIукуматалъул кIудиял хъулухъчагIазда, гьединго кIудияб идараялъул хIалтIулъ къанун хвезабиялъул хIужаби загьир гьарурал. «Эркенлъи» радиоялъ дагьаб цебегIан бицун букIана МахIачахъалаялъу
Гьаб нухалъ миллияб политикаялъул ва диналъул суалазул рахъалъ министрасул хIалтIулъ ккарал гIунгутIаби чIвазаруна къватIир. Гьелъул магIна кколищ Дагъистаналъул цIияв прокуррорас кIуди-кIудиял такъсирал къватIир чIвазаризелъун хIалтIи гьабулеб бугилан абураб? Гьеб суал нижеца кьуна юрист Сулейманов Сулеймание. БекIмурза БекIмурзаевасул гIайиб къватIиб чIвазаби гьеб цохIо прокурорасул буюрухъалда рекъон тIубалеб иш гурин, республикаялъул тIалъиялъги квербакъун батулин гьелъиеян рикIкIунеб буго Сулейманица:
Сулейманов Сулейман: «БатIи-батIиял цIех рехалъул идарабазде материалал ритIун хIалтIи гьабичIого жалго лъугьун прокуратураялъ гIайиб гIунтIизабулеб къагIида букIунаро. Гьелъие квербакъи республикаялъул тIалъиялъги гьабун батила узухъда. Жибго прокуратураялъул руго цогидалги хIалтIи гьабиялъулъ лъикIал хIасилал рихьизаруралги хIужаби. Амма гьединал кIудиял хIакимзабазе гIайиб гIунтIизабиялъул хIукму гьез жидецаго гьабуларо».
Прокуратураялъ БекIмурзадехун кIвар буссинабиялъе сабаблъун ккараб, гьес хIадур гьабураб тIехьалда цIар ккола «Инсанияталъе бугеб хIинкъи ва хIинкъи гьечIолъи балагьиялъул нухда бугеб дунял» абун. Министрлъун вугебгIан заманаялъ гьев гIемер вихьизе бегьулаан Дагъистаналъул рухIияб идараялъул вакилзабигун цадахъ гIодов чIун батIи-батIиял диниял мажлисазда данделъабазда кIалъаял гьарулев. Амма гьоркьоб заман иналде халкъалда гьоркьоб тIибитIун букIана хабар тIарикъаталъул церехъабазда берцин вихьизе гаргадулевги вукIун чанги хIилла макруялъул ишал тIатун ругин гьесда хадурилан.