Страсбургалъул диваналде нух къокълъулеб гьечІо

Россиялъул пачалихъиял хъулухъчагІаз гьеб хурхинабулеб буго улкаялдаса Страсбургалъул диваналде хитІабал дагьлъун рукІиналда. Амма россиялъул инсанасул ихтиярал цІунулез гьелъул багьана хурхинабулеб бугин гІуралъ пашманаб хІужаялда - Европаялъул диваналда Москваялдаса ахІарал юристал хІалтІулел рукІиналда.
2012 соналда Европаялъул инсанасул ихтиярал цІунулеб диваналъ (ЕСПЧ) гьоркьор лъурал россиялъулазул гІарзабазул къадар бихьулеб къагІидаялда дагьлъун буго. Гьединаб хІужжа І959 соналдаса байбихьун загьирлъулеб буго тІоцебесеб нухалда.

Цебесеб соналда Страсбургалда 40 000 гІарзаялда гъорлъан гьоркьоб лъуна 28 600. ХутІарал гІарзаби нахъ чІван руго руго цебеккунисеб хІалтІи унеб мехалда.
Машгьураб пикруялда, жиндир диваналъул система коррупциялъ ва протекционизмалъ ккун бугеб россиялъул рахъалъ гьелъие багьаналъун рехсолеб буго, улкаялъул диваналъул система низамалде бачунеб букІиналда. Гьезго прогнозал загьир гьарулел руго, ЕСПЧялде гІарзаби кьолеб улкабазул лидерлъиялдаса Россия нахъе ине бугин абун.

Амма Россиялъул инсанасул ихтиярал цІунулезда бихьулеб буго гІагсаб хІакъикъат. ЕСПЧялъ гьоркьор лъурал россиялъулазул гІарзаби цинтІаго дагьлъиялда нахъ гьезда бихьулеб буго, гІарзаби гІемерлъун рукІиналъ гьеб диваналъ кумек гьабизе россиялъул юристал ахІун рукІиналда.
Гьединаб пикру, мисалалъе загьир гьабуна нижер радиоялъе машгьурав инсанасул ихтиярал цІунулев Лев Пономаревас.

Лев Пономарев, инсанасул ихтиярал цІунулев

Лев Пономарев: «Цо босани, гьелда нахъ буго квешаб ишара. Гьезул хІалтІиялда хурхун буго щаклъи. Щаклъи буго гьел лъилалиго мурадазе хІалтІулел рукІиналда. Щаклъи буго гьез жидерго хІалтІиялдалъун ЕСПЧялъ къабул гьаризе бегьулел рукІарал хитІабазул къадар дагьлъизабулеб букІиналда. Пуланал гІарзаби гьез рихьизарулел рукІине бегьула ЕСПЧялъ гьоркьор лъеялъе данде кколареллъун, мустахІикъалгуреллъун, идараялъул тІалабазде данде кколареб къагІидаялда кьураллъун.

Цогидаб рахъалдаса, гьелъул бицунеб мехалда, дие бокьилаан гьеб ишалда хурхарал, гьеб процессалда гІахьаллъулел лъиданиги рачІел юристазул профессионалиял пикраби кьучІое росизе. Дир гьединал ресал рукІинчІо. Амма дица лъай-хъвай гьабуна профессионалиял къагІидаялда ЕСПЧялда гІарзаби кьеялъе кумек гьабулей инсанасул ихтиярал цІунулей Карина Москаленкол позициялъулгун. Гьелъ жиндирго пикраби загьир гьарулел руго гІуралъ цІодорго. РукІаниги гьеб рахъалда нижер пикраби релъарал руго. Гьединлъидал нижер, инсанасул ихтиярал цІунулезул хІинкъи буго, Россиялдаса рачІарал юристазул хасаб тІадкъай букІине бегьиялда бан.»

Россиялдаса рачІарал гІарзабаз жиндир хІалтІи цІакъ захІмалъизабураб ЕСПЧялъ россиялдаса юристал ахІулеб мехалдаги инсанасул ихтиярал цІунулез загьир гьарулел рукІана жидерго ургъелал. Амма диваналъул хъулухъчагІаз гьеб инициатвалъул критикал гІодор риччазаризе гІамал гьабулеб букІана, гьел гІолохъанал юристазул хІалтІуда тІад букІине кколеб контроль чІезабизе бугинги абун. Амма гьелда байбихьудасаго божулей йикІинчІо Страсбургалъул диваналде гІарзаби хІадуриялъе кумек гьабулей адвокат ва инсанасул ихтиярал цІунулей Карина Москаленко.

Карина Москаленко, инсанасул ихтиярал цІунулей, юрист

Карина Москаленко: "ГІарзабигун хІалтІулел гІадамазул лъиданиги бачІоголъиялда ва кингабгІаги жидерго интересал гьечІолъиялда бан букІине кколаро кинабгІаги щаклъи. Гьеб рахъалдаса диванчиясул хІалтІиялъги баккизабизе кколаро кинабгІаги щаклъи. Гьеб къокъаялъул хІалтІуда хадуб Европаялъул инсанасул ихтиярал цІуниялъул диваналъул чанго чияс хал ккун бугин абураб, дун божиялъе гІолеб жо гуро."

ЕСПЧялде гІарзаби ритІизе байбихьана І996 соналдаса, Россия Европаялъул мажлисалде гъорлъе лъугьараб мехалда. Гьанже І28 азарго гІарзаялда гъорлъан диваналъ гьоркьоб лъеялде щун буго 20 процент. Аслияб къагІидаялда гьел руго Щималияб Кавказалъул республикабаздаса хитІабал.

ГІицІго гьел гІарзабигун хІалтІулел руго жакъа цадахъ «Правововая инициатива» ва «Астреа» абураб гІуцІаби. Гьезул юридикияй директор Анастасия Кушлейкоца абулеб буго, жакъа ЕСПЧялда реформаби тІоритІулел ругин.

Анастасия Кушлейко

Гьединлъидал гьенир захІмалъаби рукІиналда бан жиндир суалал раккулел гьечІин. Гьелъулго рагІабазда Страсбургалъул диваналда данде хитІабазул кІудияб къадар данде бакІари хурхараб буго жалго гІарзаби гІемер рукІиналда гуребги, гьел гьоркьор лъеялъул ва гьел къабул гьариялъул щвалде щвараб система гьечІолъиялдайин. Гьелъие гІоло Россиялдаса гІаразаби 5-10 соналда жанир рагъаричІого хутІулел руго. Гьедин гьениб хиса-басиял гьарулел рукІиналда бан гьеб диваналъ ахІун руго россиялъулал. Гьениб гьанже хисизабулеб рагІуна гІарзаби къабул гьабиялъул къагІида. Гьезде бугеб тІалаб дагьалъ хъачІлъизабулеб рагІула, гьел кьолеб мехалда гъалатІал дагьлъизариялъул мурадалда ва гьединаб къагІидаялда гІададагосеб хІаракатчилъи ва гьезул ирга дагьлъизабиялъул мурадалда.

Your browser doesn’t support HTML5

Анастия Кушлейко


Гъарачайгун Черкессиялдаса машгьурай юрист ва инсанасул ихтиярал цІунулей Лариса Дороговалъ абулеб буго, жинца Страсбургалъул диваналъул галабазул рахъ кквезе букІанин, гьелъ гьеб хІалтІуде гъорлъе лъиданиги рачІел юристал рачІун рукІарабаниян.

Лариса Дорогова: «Страсбургалда гьоркьор лъолел ишал инсанасул ихтиярал хвезариялда хурхарал рукІин ракІалде босани, гьенире гІадамаз ритІарал гІарзабазул къисматалда хурхараб хІукму гьабиялъе квербакъи гьабизе ккола гІицІго лъиданиги рачІел юристаз. Амма нилъеда лъалагури улкаялда лъиданиги бачІеб диваналъул система гьечІеблъи. Баянаб жо ккола улкаялда букІине кколеб къагІидаялда къанунал хІалтІулел гьечІолъиги. Баянаб жо ккола гьединго къанунал бищунго гІемер жалго низам цІунулел идарабазул хІалтІухъабаз хвезарулел рукІинги. Гьединлъидал, дир пикруялда, кинабгІаги логика гьечІо инсанасул ихтиярал хвезариялда хурхарал, бищунго гІемер хитІабал ругеб улкаялдаса кумекалъе юристал, мухІканлъизабуни, гьединаб мекъаб системаялъе мутІигІал юристал, ахІиялда нахъ. Дида кккола гьеб логика хвезаби, нонсенс бугин. Цогидаб къагІидаялда дида гьеб бихьулеб гьечІо.»

Пономаревасул пикруялда, гьанже европаялъул диваналъ гъалатІал ругин абун нахъ чІвалел хитІабазул къадар цІикІкІунеб букІиналда бан, инсанасул ихтиярал цІунулез, гражданиял хІаракатчаз ва юристаз гІамал гьабизе ккола жидерго махшел щулалъизабизе.

Лев Пономарев: «Инсанасул ихтиярал цІунулев хІисабалда дида бичІчІана, ЕСПЧялде гІарзаби хІадурулел чагІи ругьун, хІадур гьаризе колел рукІин. Гьединаб мурадалда гьединаб программаялде гражданиял хІаракатчагІи, адвокатал цІализариялъе дица кІвар кьун ресал ралагьулел руго Москваялда. Гьединаб гранталъул гІарза кьун дица. Хьул буго гьединаб грант щвезе букІиналъул.»

Амма гьелдасанги цІикІкІун нилъее къваригІунеб жо кколин улкаялда, хасго Шималияб Кавказалда Страсбургалде гІарзаби хъваялъул багьанаби дагьлъизариян жубалеб буго Пономаревас.

ЭР. Гьеб рахъ босун гьикъулеб буго, кинал тенденцияби дуда рихьулел жакъа Шималияб Кавказалда бугеб ахІвал-хІалалда, раккІкІулел гьечІищ гьанжеги регионалда Страсбургалде гІарзаби хъваялъул багьанаби дагьлъизариялъе шартІал?

Лев Пономарев: «Дида лъикІ лъала Шималияб Кавказалда бугеб ахІвал-хІал. Дун кидаго гІахьаллъула гьенир тІоритІулел форумазда. Гьеб ахІвал-хІал буго катастрофиябин абизе бегьулеб. Гьединаб къагІидаялда хутІулебги буго гьеб.
Дида бихьухъе, дагьалъ позитивиял процессал унел руго Гъалгъазул республикаялда. Гьенив президент вуго ситуациялъе кІвар кьолев. Гьес гражданияб жамгІияталъулгун контактал ралагьулел руго. Гьев рагьарав вуго инсанасул ихтиярал цІунулезулгун, гражданиял хІаракатчагІазулгун, журналистазулгун цадахъаб хІалтІи гьабиялъе.

Гьениб хІалтІулеб буго рекъел гьабиялъул комиссия. Гьеб цІакъ кІвар кІудияб хІалтІи ккола. ГІадамал рохьосан нахъ руссунел руго. Гьединал комиссияби цогидал республикабаздаги руго. Амма Гъалгъазул республикаялда гьелъ кьолел руго хІассилал.

Бищунго гьединаб хІалтІи къваригІараб Дагъистаналда, гьединаб комиссиялъул хІаракатчилъи гьоркьоб къотІизабуна. Щаяли дида бичІунеб гьечІо гьанжеги. Чачаналъ гьединаб комиссия баккунцин букІинчІин абизе бегьула. Гъабардагун Балкариялда гьеб комисиялъул хІалтІул хІассилал руго берцинго рихьуларел. Гьеб ккола дица кІвар кьолеб тІоцебесеб рахъ.

АхІвал-хІал рукІалиде буссинабиялъул рахъалда дида бихьулеб кІиабилеб гали ккола стратегиялда хурхараб. Дир пикруялда, нухмалъиялъул оппонентазул рес букІине ккола ракІбацІадаб, рагьараб къагІидаялъул конкуренциялъе, ай рагьарал демократиял рищиял рукІине ккола. Цогидал улкабазул хІалбихьиялъги бихьизабулеб буго, гІицІго гьединаб къагІидаялъ гурони яргъид гІуцІараб оппозициялъул рахъ ккуразул къадар дагьлъизабизе кІолареблъи.
Щай ахирисезухъе гІолохзъаби унел ругел? Щайгурелъул щибаб къойилгогІадин загьирлъулел руго нухмалъи коррупциялъулъ къан букІиналъул хІужжаби. Гьеб ахІвал-хІал хІалуцунеб букІиналъул хІужжабаз ва гьелде данде къеркьезе рахъунезул бергьенлъиялда божунгутІиялъ гьезул цо-цояз ярагъ босулеб буго кодобе. Гьай-гьай гьединал гІадамазде, кин гьезде абулеб букІаниги, боевиказде, партизаназде данде къеркьезе ккола. Щайгурелъул политикиял мурадазде щвезе ккани, ярагъ кодобе босизе бегьуларо. Гьеб гьабизе ккола политикиялго къагІидабазда, ай рищиязда гІахьаллъиялдалъун. Амма гьаниб нилъер проблемаби руго. Гьединал рищиял Кавказалдани щиб, тІолабго улкаялда перспективаялдацин рихьулел гьечІо.

Узухъда, цадахъго къеркьезе ккола коррупциялде дандеги. Нухмалъиялда коррупциялде хурхен бугел чагІи нахъе къотІиялъги квербакъи гьабизе буго яргъид гІуцІараб оппозициялъул рахъ колел дагьлъиялъе.

Лъабабилеб цІакъ кІудияб кІваралъул суал ккола, бакІазда,диваналъул хІукму гьечІел тамихІал гьариялъул хІужжабазде данде къекьей. Гьединал хІужжаби кІвар кьечІого теялъги цІикІкІинабулеб буго рохьоре унезул къадар.
Дица бицунеб буго Шималияб Кавказалада бугеб ахІвал-хІал рукІалиде бачиналъул къагидабазул. Амма россиялъул нухмалъиялъ жакъасеб къоялда пачалихъалде данде чІарал къуватал дагьлъизариялъе рес кьолел гьединал къагІидабаздаса пайда босулеб гьечІо ва рахъ кколеб гьечІо.»

Гьанже дуца рехсарал къагІидабазде гІенеккизе рес бугищ , мисалалъе, Дагъистаналда, хасго гьениве цІияв нухмалъулев, ГІабдулатІипов Рамазан вачІун вукиналда бан.

Лев Пономарев: «ЦІияв чи ваккиялъ раккизарула цІиял хьулалги. Дида гьев дидаго лъала, ниж кІиялго цого заманалда Пачалихъияб Думаялъул депутаталъул рукІана. Гьевни гьениб хІалтІи гьабизхе жиндирго жигараб гІумруялъ ругьун гьавурав чи вуго. Гьеб кколаро, дица Дагъистаналда гьабураб хиса-баси битІараблъун риккунеб бугин абураб. Щайгурелъул дида лъаларо цеве вукІарав нухмалъулесдаса къуватавищ гьев вугевали яги гьечІищ. Гьесда бан хьулал хутІулел руго. Балагьилаха гьесул хІалтІуде. КъварагІани кумекги гьабила.»