8 декабрялъ МахIачхъалаялъул администрациялъул минаялда тIобитIана жамгIияб траспорталъул хIалтIухъабазулгун шагьаралъул тIалъиялъул данделъи.
Гьеб тIобитIиялъе гIиллалъун ккана радалалдаса байбибухьун маршруткабазда хIалтIулез лъазабураб забастовка. ТIубараб къоялъ шагьаралда хьвадулеб цогIаги маршутка гьечIолъиялъ гIемер квекIенал ккана гIадамазе, гьелдаго цадахъ шагьаралда гIемерлъана таксиял.
Гьез гIадамаздаса букIине кколелдаса 2-3 нухалъ цIикIкIараб багьа тIалаб гьабулеб букIанин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе СалихIова Маржанатица. Гьединго, гьелъ баян гьабуна, хутIарал къояз гIицIго 4-5 чи гурого рекIунарел троллейбусал хIетIе лъезе бакI гьечIого цIун рукIанин.
Забастовка лъазабурал хIалтIухъабазул аслияб тIалаб букIана рекIадухъ багьа 17 гъурщиде бахинаби, гьаниб абизе ккола, араб анкьалъ, цо-цо хIалтIухъабаз жидецаго борхизабун букIанин багьа, амма тIалъиялъ кинабгIаги багьа бахинаби букIине гьечIилан лъазабун букIана.
Жидер аслияб тIалаб бугин багьа бахинаби, гьебги хурхараб бугин цIатаридул багьа бахун букIиналдайин баян гьабуна забастовка лъазабураз «Эркенлъи» радиоялъе. Гьезул пикруялда, жакъа МахIачхъалаялда батIияб жамгIияб транспорт хIалтIизе ресал гьечIо.
Батиров Вали: « Ниж гьитIинал лъимал гуро, цин багьа бахинабизе бугиланги абун, цинги бахинабизе гьечIилан абизе. Жакъа администрациялъ лъазариял гьаризе гьел нижее щал? Гьез я транспорт, я бухIизе цIатари я цогидаб щибго нижее кьураб жо гьечIо.
Ниж нижго бетIергьаби руго. Нижеца багьа бахинабичIогон тела гьез цIатариялъул багьа гIодобе ккезабунани. Жакъа Грозный шагьаралда 18 гъурущ буго газил багьа, нилъер гьаниб 20 гъурущ буго. Цин нижеца росулел кепказул тIалаб гьабилалде, щай анцIила хадуб соналъ МУПалъ бакIарулеб магъало кибе унеб бунебали хал гьабулареб».
ХIалтIухъабазул пикруялда, жакъа шагьаралда киналгIаги жамгIияб транспорт лъалхъулел бакIал руго жидер бетIергьаби ругел бакIал. Масала, Орджоникидзе къватIалда бугеб гьединаб бакIалда бетIргьанас балеб буго ашбаз. Гьеб хIал букIаго автобусал хIебтIизе рес гьечIила шагьаралъулин баян гьабуна гьез.
Рамазан ГIабдулатIиповас 8 декабрялъ тIобитIараб данделъиялда мухIкан гьабуна гьеб суал ва лъазабуна 90% транспорт лъалхъулеб бакIалъул гIадамал бетIергьанаб бакIал ругин. Гьел ричун ругила цебесеб шагьаралъул тIалъиялъ.
Шагьаралъул тIалъиялъ транспорталъул хIалтIухъабигун тIобитIараб данделъиялда, мэр, МухIамад Сулеймановас, маршуткабазул хIалтIухъабаздасан тIалаб гьабуна гьаб сон лъугIизегIан багьа хисизабичIого тезе.
МухIамад Сулейманов: « Нижеца цIех-рех гьабуна батIиял шагьаразда ругел рекIадухъ багьабазул, гьедин Ростовалда рекIадухъ багьа буго 24 гъурущ, Астрахань шагьаралда 23 гъурущ, гьединал багьаби руго батIиял регионазда. Амма гьеб суал тIубан якъин гьабизе ккола. ГIадамазухъги гIин тIамизе ккола. Гьелъ, тIаде соналъ лъагIан чIезе ккола нилъ сабур гьабун. ЛъагIалил ахиралда гьабила хIукму.
КинабгIаги суал ккедал, хIал-зулму гьабун, яги, гьедин гIадалтIе гIазу гIадин забастовка гьабичIого, кIалъан, цуцазухъ гIенеккизе ккола. Гьелъ, дица абулеб буго лъагIел лъугIизе хутIарал къояз бугеб багьаялда рекъон хIалтIийилан.
Жакъа киназго абулеб буго гьаниб 5 азарго - 10 азарго марщрутка бугин, амма гьеб битIараб къадар гьечIо. Дихъ бугеб сияхIалда рекъон, 2990 маршутка руго хIалтIулел. Гьезул бащалъиги хварал руго. Гьединлъидал, кинабгIаги данде босун, хIукму гьабизе заман къваригIуна».
МухIамад Сулеймановас гIайиб гьабуна ГIалиев ГIалибегида, гьес тIоцебе багьа бахинабиялъул хабар байбихьанин, амма республикаялъул тIалъиялъул хъулухъ гьечIин шагьаралъул ишазда гъорлъе лъугьине.
Шагьаралъул нухмалъулесдаса хадуб жидерго пикру загьир гьабуна жалго хIалтIухъабаз, Гьедин, 19 маршруталъул хIалтIухъанас баян гьабуна, Ставрополь, Пятигорск шагьаралда 20 гъурщидаса тIаде ругин багьаби. МахIачхъалаялда некIого заман щун букIанин гьеб бахинабизе.
Гьебго пикру загьир гьабуна цогидал хIалтIухъабазги. Шималияб Кавказалда цIатариялъул гьоркьохъеб багьаги рекIадухъ гьоркьохъеб багьаги босун гьабизе ккелин хIукмуйилан баян гьабуна цогидав хIалтIухъанас. ХIасил калам, данделъи лъугIигун, гIемерисел рази рукIинчIо лъагIел лъугIизегIан чIезе.
Гьедин, жал хIукму гьабизегIан рахъинарин хIалтIудейин баян гьабулеб букIана цо-цояз. Жакъа, 9 декабрялъ хIалтIулеб транспорт цIакъ къанагIат буго, гIемерисез забатовка халатбахъинабулеб буго. Жал божуларила тIалъиялъул анищазда. Гьезда божи жидерго къимат гьабунгутIи бугин бан гьабуна гьедин забастовка лъазабуразул цояс.