Дербенталъул тарих лъазабизе кьураб тIадкъай

Дербенталъул хъала

14 маялда Россиялъул хIукуматалъул нухмалъулев Дмитрий Медведевас Россиялъул культураялъул министр Мединскиясдаги ГIелмабазул Академиялъул нухмалъулев Осиповасдаги тIадкъана Дагъистаналъул Дербент шагьаралда ратарал некIсиял хабалазул тIалаб гьабеян.

Гьелъие гIиллалъун ккана исана 25 апрелалда улкаялда гIумру гьабулел гIадамазулгун президент Владимир Путинил букIараб гара-чIвариялда Дербенталдаса чияс дол хабалазул бицун гьесухъе ахIи.

ХIукуматалъул сайталда кьураб баяналда рекъон, исана 20 маялде щвелалде церехун рехсарал Мединскиясги Осиповасги хIадуризе ккола бицен гьабулел хабалазда тIасан хасаб документ.

Гьел ккола 18 апрелалда Дербенталда Мамедбековасул къотIнор гъоркьисала хаслихъе рарал цIадаз жагъал гьарурал рогIрал къачIалаго тIатинарурал къанал. Гьезул хIакъалъулъ ЭР-ялъе мухIканлъи кьолеб буго археолог, тарихиял гIелмабазул доктор МуртазагIали ХIажиевас. Аслияб куцалда Дербенталда некIсиял хабалазда сверухъ хIалтIи гьабулев чи ккола гьев.



Дербенталъул хъала

МуртазагIали ХIажиев: «Цебеккунисеб къиматалда рекъон, гьеб ккола чанго чи вукъараб хабзал, цо чи вукъараб бакI гуро гьеб. 400 метра квадраталда бугеб, сверун къараб бакI буго гьеб. Заназда тIад руго 11-12 гIасруялда гьарурал хъвай-хъвагIаял.ГьабсагIаталде магIна гьабун бахъун буго цо зонода тIад гьарурал хъвай-хъвагIаязул. Гьел ккола Куфиялъулин абулеб хатIалъ гIарабалъ хъварал, Къуръаналдаса росарал аятал. ПалхIасил, гьел руго гIалимзабазе кIудияб кIвар бугел, азарго соналъ церего гьарурал хъвай-хъвагIаял».

Амма гIалимчи МуртазагIали ХIажиевас бицаралда тIадрекъолев гьечIо Дербенталдаса ХIусенбала ХIусенов. ГIагараб ракь лъазабулев чи вугин абула гьес живго. Гьев гIалимчияс абухъе, чанго чи вукъараб хабзал гьеб батани, шималияб рахъалдехун балагьун щайинха гьел къанал эхетун ругелин гьикъулеб буго ХIусенбалаца. Гьеб лъабабго къоноги цоялдаса цояб батIияб бугила.

ХIусенбала ХIусенов: «Шималияб рахъалдехун руссун рукъуларо бусурбабаз гIадамал. Гьенир гъоркье раккун хадуб гурони лъазе рес гьечIо гIадамал рукъараб бакIищ гьеб гуребищали. Гьел къаназда тIад хъван гьечIо пуланав чиясул цIар, яги гьев хвараб сон, заман. Заназда тIад рукIине кколаха гьединал хъвай-хъвагIаял. Амма гьел къаназда гьединал баянал рихьизарун гьечIо. Дир хIисабалда, цониги бакI бихьизабизе чIварал къанал рукIун ратила гьел. Масала, цониги ицц букIун батила гьениб аскIоб…»

Мамедбековасул къотIнор ратарал гьел къаназул цIех-рех гьабизе шагьаралъул мэриялъ гIарац кьолеб гьечIин букIана бакIалъул гIадамазул разилъи гьечIолъи. Гьедин бахъараб букIанила чIагояб эфиралъул заманалда Путиниде гIарзги. Амма археолог МуртазагIали ХIажиевас ЭР-ялъе бицана гьел хабалазда тIасан чIагояб эфиралда президент Путиние суал кьелалдего тIубан букIанин гьенир рухъа-хъваялъул хIалтIаби гьаризе гIарац биччаялъул суал.

Дунялалда бищун некIсиял шагьаразул цояб хIисабалда Дербент босун буго ЮНЕСКОялъул сияхIалде. Цо-цо тарихчагIазул баяназда рекъон, гьеб ккола щуазарго соналъ цебего кьучI лъураб шагьар. Амма цевехун рехсарав МуртазагIали ХIажиевасги цогидал тарихчагIазги рикIкIуна Дербенталда гIадамаз гIумру гьабизе байбихьун 2000 яги 2 500 сон гурин инчIилан.