Дербенталъе 2000 сон тIубай кIодо гьабулеб буго

Дербенталда халичабазул ярмарка тIобитIизе бугеб бакI.

Дербенталъул 2000 сон тIубаялъул юбилеялда хурхарал тадбирал тIоритIизе байбихьун буго Дагъистаналъул жанубияб тахшагьаралда.

17, 18 ва 19 сентябралда Дербенталда тIоритIулел руго Россиялъул территориялда бищун некIсияб шагьаралъе 2000 сон тIубаялда хурхарал тадбирал, гьединго 17 сентябралда Дербенталде щварав Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас хал гьабуна гьалбал къабул гьаризе ругел аслиял бакIал кин хIадурун ругелали.

Кинабниги аслияб байрамалъул къоялъ Дербенталъул гьаблбадерие хIадур гьабун буго микьго батIияб тадбир. Тадбирал байбихьизе руго шагьаралъул майданазда, гьедин аслияб тадбир букIине буго Дербенталъул «Эркенлъиялъул» майданалда, ва лъугIизе руго Нарын-Хъалаялда.

Байрамалъул аслияб къоялъ, 19 сенябралда, тIоцебесеб тадбир байбихбизе буго радал сагIат 10 тIубарабго, Дунялалъул культурабазул ва диназул музеялда, гьенисан гьалбад ине бегьизе руго динияб культалъул бищунго некIсиял бакIазде: Джума-мажгиталде, Покрова Пресвятой Багородицал киласаялде Келе-Нумаз абураб синагогаялде, армяназул киласаялде.

СагIат 11 тIубараб заманалда, Эркенлъиялъул майданалда тIобитIизе буго этникияб культураялъул фестиваль, гьениб, 13 батIияб Дагъистаналъул халкъазул ва 19 Россиялъул регионазул вакилзабаз бихьизабизе буго жидер халкъазе хасиятаб культура, кверзул махщалил хIалтIаби, тIагIалаби, ретIел ва цогидаб.

Гьединго тIобитIизе буго халичабазул ярмарка, дунялалдаго цIар рагIарал Дербенталъул халичабазул церероси гьабизе бугеб бакI гIуцIарухъабаз гIодоб халичадул накъищал рахъун къачIан буго цебеккунго. Анкьабилеб магъалалда байрамалъул къоялъ букIине буго рагьарал нуцIбузул къо.

Гьеб кколеб буго шагьаралъул бищун басриял къватIазул цояб. Магъалалда гьалбадерида бихьизабизе буго Дербенталъул гьоркьохъел гIасрабазда букIараб рукIа-рахъин, батIи-батIиял гIадатал ва кин гьоркьохъел гIасрабаздаса жакъа къоялде Дербент хисарабали.

Гьединго байрамалда рагьизе буго Петр 1 цIаралда бугеб сквер ва музей. ГIуцIарухъабаз баян гьабухъе «Домик Петра 1» абураб музеялда цебе гьалбадерида бихьизабизе буго Россиялъул император Дербенталда рещтIиналъул сцена ва гьединго музеялъулаб экспозиция, 1823 соналда Персиялде гьабураб походалъул, гьел саназул авлахъалъул богогьанлъи ва цогидаб, заманалъе хасиятаб жо.

Бакъанидехун байрамалъул тадбирал Нарын-Хъалаялъул майданалде руссине буго. Гьениб тIобиIизе буго концерталъулаб программа, гьединго Нарын-Хъалаялда тIобитIизе буго «Нарын-Хъалаялъул кьерал» абураб суратал рахъиялъул исскуствоязул фестиваль ва хасаб канлъул графика ва видеопроэекция, гьединго чIагоял сценаби лъун ургъараб, «Дагъистаналъул щIагIил гор: Дербенталъул хъалаялдаса Кремлялъул кавабахъе щун» абураб цIаралда бугеб шоу.

Дербенталъе 2000 сон тIубаялда хурхарал тадбирал тIоритIулел къояз шагьаралда автотранспарталъул лазатбахъиял рукIинчIого рукIине рачIарал гьалбаз транспорт тезе бугин шагьар тун къватIиб, хасаб бихьизабураб бакIалда, гьенисан микроавтобусазда рекIун рачине ругин гьалбал шаьаралде жанирейин баян гьабулеб буго Дербенталъул администрациялъ.

Микроавтобусал хьвадизе ругила чIорого, амма гьел гIоларогон ругонани, тIаде ахIарал микроавтобусазда рекIадул багьа анцIго гъурщидаса тIаде букIине гьечIила. Гьединго байрамалъул къояз МахIачхъалаялдаса Дербенталде хьвадулеб буго электричка, рекIадухъ багьа босичIогон. Жибго шагьаралда къан рукIине руго базарал.

Байрамалъул къоязда Дербеналда 40 батIияб Россиялъул регионазул ва къхватIисел пачалихъазул делегациял ва цогидал гьалбал рукIине ругин, гьезие киназего квербакъи гьабизе гIуцIун бугин волонтеразул корпусилан лъазабулеб букIана цебеккун информ-сурсааз. Волонторазул кинавниги 1200 чи, гьезул гIемерисел жалго Дербенталъул гIолилал ругин, баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Волонеразул чвахиялъул нухмалъулей Амина МухIамадовалъ. Волонтерал куцанила Сочиялда букIараб олимпиадаялъул волонтерал хIадур гьарурал чагIаз.

Амина МухIамадова: « «Дербент 2000» абураб волонтеразул корпус гIуцIана шагьаралъул юбилеялда цебе, гьенир аслияб куцалда Дербенталъул гIолилал руго, руго гьединго цогидал мухъаздаса гIолилалги. Волонтерал хIалтIулел руго 9 батIияб рикьиялда.

Цо къокъа буго медикияб кумак гьабулел, цо руго гьалбазе данбчIвай гьабулел, руго гостиницабазда гьалбал къабул гьариялъе бихьизабураб къокъа, тадирал тIоритIулеб заманалда киналго волонтерал рикьун рукIине руго аслиял тадбирал тIоритIулеб бакIалда.

Абизе ккола, хадубккунги гьеб корпус биххизе гьечIо, гьел шагьар берцин гьабиялъе хIалтIизе руго, гьезул жидерго гъираги буго гьелъие».

Дербенталъе 2000 сон тIубаялда бан гьабураб хитIабалда, Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас баян гьабуна, Дербент кколин абадияб шагьар, киналго абадиял идеалал: берцинлъи, ритIухълъи, рокьи гъорлъ росун ругин гьенир некIого ва гьел гIицIго ричIчIизе кколин нилъедайилан, амма жеги тIуран ричIчIун гьечIин.