Демьяново. Миллияб рокьукълъийищ берчlегlерлъийищ?

Росия-- Демьяново росулъ бухlулеб дагъистаниясул кафе, 22Июн2012

Россиялъул Киров икълималъул Демьяново росулъ 22 июналда цоцалъ рагъизе ккун вукIана 60гIан чи-дагъистаниялги бакIалъул гIадамалги. Кафеялда кваналеб бакIалда ккараб дагIба-рагIиялдаса хадуб бухIун буго дагъистаналдаса бизнесменасул кафе. РукIана гьеб тунка-гIусиялъул хIасилалда тIадагьго лъукъаралги. Полициялъ ккун вуго конфликт багъариялда щаклъи бугев кIиго чи жеги кIияв валагьулевги вуго.
Демьяново – гьеб бугин абизе бегьула Киров икълималъул бищунго рикIкIадисеб росу. Гьениб гIумру гьабулеб буго анлъазаргогIан чияс. Гьенир гIемерал руго жанир шартIал чIезарурал ганчIил рукъзал. Росулъе рохьил рагIалдасан унеб буго лъикIаб нух. БакI-бакIалда ракIкIулел руго чIунтарал, анлъго рукъалда гьоркьоб жаниб гIумру гьабизе бегьулеб цо гурони гьечIеб гIисинал росаби.

Гьаб сагIат Демьяновалда лъазабун буго коммендантияб сагIат гьениб бакIалъул гIадамазда ва дагъистаниязда гьоркьоб букIараб конфликталдаса хадуб. Гьеб низамалъул гIурхъабалъ бичулеб гьечIо гIаракъи-чагъир, амма гьелъ квал-квал гьабулеб гьечIо бакIалъул гIадамазе мехтиялъ хьвартIелаго ва гьаракь борхун кIечIги ахIулаго къватIал тиризе.

Гьебго заманаялда бакIалъул гIадамаз абулеб буго бицен гьабулеб конфликталъул бицунаго федералияб прессаялъ жал гьекъолдухъаби хIисабалда сурукъго рихьизарун ругин.


Демьяновоялда дагъистаниялги бакIалъул гIадамалги цоцалъ рагъиялде иш ккараб конфликталъул бицани, гьелъие гIиллалъун букIун буго, бакIалъул гIадамаз бицаралъул хIисаб гьабуни, гьезул росулъ лъикIаб бизнес гIуцIизе кIварал дагъистаниязда гьезул берчIегIерлъи.

Гьениб жидерго магIишат лъикI гIуцIизе бажарарал дагъистаниял ресалда руго ва жидерго лъималазе гьез автомашинаби росулеб мехалда гьезулгун гIелбащадазул рекIелъ жахIда бижулеб букIун руго. Гьеле гьелъулъ бугин конфликталъул гIиллайин хъвалеб буго Демьяново росулъе щварай Эркенлъи Радиоялъул гIурус хъулухъалъул мухбир Екатерина Лушниковалъ.