Исана цIалул сон цIилъиялда цадахъ цIилъана Москваялда гъоркьехун школазде ясаз хIижаб ретIиналъул темаги. Россиялда гIаммаб лъайкьеялъул мактабазде ретIине кколеб ретIелалда сверун стандарт чIезабун букIаниги Москваялда гъоркьехун ругел мактабазде хьвадулел цо-цо бусурманал ясазул улбуз тIадчIей гьабулеб буго, исламалда рекъон, гьез рас бахчизе кколеб букIиналда.
Дагьабго батIияб рахъалде гьетIараб, амма гьебго заманаялда бусурманал руччабазул ретIа-къаялда сверун бахIс багъарана гьаб анкьалда Британиялдаги диванчияс бусурманчIужуялъ диваналъул процессалда гьелъухъа сурав босулаго гьумер рагьизе кколин хIукму гьабун хадуб. Щай бусурманчIужуялъ черх бахчиялъул проблема лъугьунеб бугеб цо жинсалъул гIадамаз цоцалъ ригьинал гьаризецин гьукъуларел киналго ихтиярал кьурал улкабаздаги бокьараб дин гьабизе Конституциялъулаб ихтияр бугел улкабаздаги? Гьеб пачалихъазул политикаяйищ яги националистазул хIаракатищ?
Россиялда гIаммаб лъайкьеялъул мактабазде ретIине кколеб ретIелалда хурхун чIезабураб стандарталда рекъон, ботIрода тIад я кIаз я тIагъур лъезе бихьизабун гьечIониги Москваялда гъоркьехун ругел мактабазде хьвадулел цо-цо бусурманал ясазул улбуз тIадчIей гьабулеб буго, исламалда рекъон, гьез рас бахчизе кколеб букIиналда. Жибго Москва шагьарада цо-цо мактабазда гьеб суалалъулъ, бичIчIи загьир гьабун, цо-цо ясазе школазде кIазалгул рачIине изну кьун бугин, амма Москваялда гъоркьехун гьединал бигьалъаби гьечIин абун буго IslamNews агентлъиялъе Николай Жуковас. Гьев вуго бакIазда жидеего нухмалъиялъул рихьизариял чIезарулеб идараялъул хIалтIухъан. Гьесулго рагIабазда рекъон, хIижабал ретIине Москваялдаги толел гьечIо, амма рас бахчулеб гIадатияб кIаз къазе тола.
Аслияб къагIидаялда гьел школазда Азербажаналдаса ва Таджикистаналдаса улбузул лъимал цIалулел ругин ва гьезул гIаммаб къадарги 20 проценталде бахунеб бугин, амма хIижабалъул суал гIицIго кIиго хъизамалда гурони баккулеб гьечIин бицун буго Жуковас. Гьеб гIиллаялда бан цо яс школалде ячIунейцин гьечIин, цогияй гьоркьо-гьоркьой гурони ячIунарин ва лъай щвечIони гьезул букIиниселда ракI унтун школалъул директорги йигин бицун буго гьес.
Гьел ясазул цоялъул эбелалъ абулеб бугин хIижаб бегьулареб батани ясалда парик лъезе теян. Цо бугони, гьеб хIижаб гурин, кIиабизе бугони, гьелъ тIубанго рас бахчулин. Гьанже щиб гьабилебали лъаларого ругин жалин абун буго гьес.
Жуковасул пикруялда, гьел суалал зама-заманаялдасан ракIкIулел руго гьезда сверун чIван къотIараб хIукму гьечIолъиялъ. Ислам диналъул церехъабиги, жамгIиятги, нухмалъиялъул вакилзабиги, информалаталги гIахьаллъун кIудияб дискуссияги гьабун гьеб проблема рагIалде бахъинабизе заман щун бугин рикIкIунеб буго гьес.
Жуковасул рагIабазда рекъон, пачалихъиял хъулухъчагIазда тIубанго бичIчIулеб гьечIо хIижаб щиб жояли. Бусурбанал руччабазе гьеб буго ретIине гьезда тIадаб ва ретIичIони хIакъ батулеб жо. Гьеб хъанч горбода баялде яги кипа ботIрода лъеялде данде кквезе бегьуларо. Гьанже жиндир диналъул тIалабал гIодор рехизе бегьулищ чияс киналалиго тIалабазе гIолонин абураб суал бачIунеб буго ва гьеб суалалъе жаваб батизе кколин абулеб буго гьес.
Франция ва Бельгия гIадал Европаялъул цо-цо улкабазда хIижабалда сверун ва хас гьабун бусурманал руччабаз жамгIиял бакIазда гьумер бахчиялде данде къануналцин рахъун рукIаниги жидеца гIумру гьабулеб Австриялда хIижабалъул яги бусурбабазул руччабазул ретIа-къаялъул суалго гьечIин ва бусурбабазе кколел шартIал гьенир чIезарун ругин бицана Ибрагьимов Виститаца. Гьев ккола Австриялда чачаназул диаспораялъул лидер.
Гьев вукIана диниял суалазда сверун Ичкериялъул президент Аслан Масхадовасул гIакълучилъунги. Европаялда гьес гIумру гьабулеб бугелдаса исана гIола 13 сон.
Гьесул пикруялда Европаялда ва хас гьабун Австриялда бусурбабазе чIезарун руго гIунги тIокIал шартIал.
Ибрагьимов Висита: «Вена буго кIудияб тахшагьар, тIоцебе Дунай гIурул рагIаллъуде дун вахъараб мехалда гьеб тIабигIаталъул берцинлъиялда гьоркьоб дида бихьана гьайбатаб мажгит. Гьеб мехалда дир бадиса магIу бачIана. Хадусан дун ругьунлъана гьединал мажгитазде. Парижалда, Брюсселалда, Берлиналда, Страсбургалда ва цоги шагьаразда дир бералъе- мажгит бихьи- гьеб ругьунаб сипат буго».
Ибрагьимовасул рагIабазда рекъон, Европаялъул хаслъилъун ккола, гали бахъарабщинаб бакIалда мажгит букIин. Гьел мажгитазда минараби кидаго гурел рукIунел. Гьел руго бусурбабазул жамгIиятаз ккурал яги ричун росарал рукъзал. Гьезда чIвала гьаб мажгит бугин абураб хасал игIланал. Сверухълъиялдаса гIадамалги рачIине байбихьула гьенире. Бусурбабазе гIурхъаби чIваялъул проблемабиги как базе ине бакIалъул проблемаги Европалда гьечIин бицана Виситаца.
Ибрагьимов Висита: «Масала, лъабго чиясул рес буго нухмалъиялда лъазабизе мажгит къваригIун букIиналъул, гьез гIуцIула идара, гьабула гьелъие регистрация ва мажгит рагьиялъул суал гьаниб моцIида жаниб рагIалде бахъуна.
Дагьаб цебегIан дица цIалун букIана Пятигорскаялда, Кисловодскаялда гIадамаз бараб мажгит нухмалъиялъ бахъизе хIаракат бахъулеб букIиналъул, гьеб территориялда мажгит базе букIиналъул лъазабун букIинчIинги абун. Гьелъ дун цIакъ гIагализеги гьавуна. Цо дун гуревги, нижер жамгIиятго цIакъ гIажаиблъизарун рукIана гьеб лъазабиялъ. Масала нижеца гIумру гьабулеб Австрия-цебе Аавстро-Венгриялъул букIараб империялъидал, гьаниб гьеб халкъалъул жиндирго католикияб килиса бугелъул. Буго палихъалъе гьез кьезе кколеб хасаб магъалоги, амма Австриялъул хIукуматалъ улкаялда ругел бусурбабазухъа магъало бакIарулеб гьечIелдаса 100-ниги сон буго. Гьаниб ислам рикIкIуна кIиабилеб динлъун. Гьелъул дарсал кьола школаздаги, гьанир лъабгоялдаса цIикIкIун бусурманаб лъимер классалда бугони, гьезда Къуръан малъичIого тезе ихтияр гьечIо школаялъул.
Шагьараздацин гуреб, Венгриялъулгун гъорхъода бугеб цо росулъ нижеца гIумру гьабулеб мехалдаги бусурбаби ругел классазда кьолеб букIана Къуръаналъул аслуялъул дарсал».
Ибрагьимовас бицухъе, росулъе гьел рачIараб мехалда бегавулас гьел жидехъего ахIун руго, гьединго ахIун руго росдал жамагIатги ва лъазабун буго гьанире чачанал рачIун ругин ва гьел бусурбаби ругин. Гьеб данделъиялдаса хадуб гьезухъе сайгъаталгун рачIинчIеб хъизан хутIун гьечIо росулъ, гьезул адабги гьабулеб букIун буго, школазда лъималазе хIалалаб квенги чIезабун буго.
Висаитил рагIабазда рекъон, Москваялда бусурбабазе какал разе бакIал гьечIолъиялъ какал къватIахъ ралел ругин абуралда божизецин бачIунеб гьечIо гьезул.
КъватIахъ Европаялда рихьулин цохIо берал гурони раккизе толарел руччаби, батIи-батIиял улкабаздаса гIадамал гьенир рукIаниги, бакIалъул халкъалъе кIвар букIунарин гьезул тIомол кьералъул, беразул къварилъи-гIатIилъиялъул, мугжузул, ретIа-къаялъул, къокъал яги халатал тIажазул, гьезул диназул ва гьезул диназда ругел гIаркьалазул. Нухмалъиялъе инсанасдаса гьениб къваригIараб жо бугин гIицIго къанун цIуниян бицана Австриялда чачаназул диаспораялъул лидерас Эркенлъи Радиоялъе.
Чачаназул тIоцебесеб рагъулъ авлахъалъул командирлъун вукIарав ва Масхадовасул заманаялда бухьеналъул ва телекоммуникациязул министрлъун вукIарав ГIалиев Идрисица бицана Эркенлъи Радиоялъе Европаялда цониги улкаялъул жиндехун кинал рукIаниги суалал рукIинчIин. Жинда как щай балебин яги мегеж щай толебин гьез гьикъизе гьечIин жидецаго школазда Къуръаналъул аслуял малъулеб мехалдайин абуна гьес.
ВатIаналде тIад вуссине бокьун гьечIищан нижеца гьикъидал Идрисица гьадинаб жаваб кьуна:
ГIалиев Идрис: «ГIурусаз гьеб ракьалда жидер бугин абулеб гIанасеб заманаялда дица гьенибе хIетIе чIезе гьечIо.Гьениб полициясухъ бер борхун балагьизе рес букIунаро мун дунялалда вукIиналъулго гIайиб гьабун гьев дуде тIаделъиларедухъ. Щай дун тIадвуссине кколев даим дун хIинкъизе кколеб улкаялде? ГIантав ватичIони, щив гьеб жужахIалъуве тIадвуссунев?»
Чиясул диналда сверун цIияб историялда киналгIаги бахIсал жамгIиталда рукIинчIеб Британиялдаги гьанже бахъарун буго бусурманал руччабазул ретIа-къаялда сверун дискуссия. Гьелъие гIиллалъун ккана Лондоналъул диванчиясул хIукму. Диванчияс чIезабун буго диваналъул процессалда гьумер бахчун рукIине бегьаниги, сурав босулеб мехалда бусурманал руччабаз гьумер бахчизе кколарин абун.
Британиялъул премьер-министр Дэвид Кэмеронил хIукуматалъ кидаго бахъулеб букIана Европаялда бусурбаби кин ретIа-къазе кколел абураб суалалдаса рикIкIад чIезе хIаракат. Европаялъул цо-цо цоги улкабазул жамгIиятазда кIудиял бахIсал рукIана бусурманал руччабаз пачалихъиял идарабазда, школазда ва диванханабазда гьумер бахчиялда сверун.
Амма гьаб анкьалда Лондоналъул диванханаялъ гьел дебатал цIигьаруна Британиялда гьел байбихьун рукIарал 2006 соналъул даражаялде гIунтIизарун. Доб мехалда улкаялъул премьер-министрлъун вукIарав Тони Блэрица абун букIана бусурманал руччабаз гьумер бахчун цебе балеб никIаб-«гIадамал рикьиялъул гIаламат бугин».
Доб мехалда нухмалъиялда букIараб коалициялдаса депутаталги министралги халкъалда рагIинабун цоцалъ къацандулел рукIана гьеб суалалда сверун.
Диванчи Питер Мерфица итни къо 16 сентябралда 22 сон барай Лондоналдаса бусурманай ясалда лъазабуна сурав босулеб мехалда гьелъ бицунелъе гьа бараз ва адвокатаз къимат кьезелъун гьезда гьелъул гьумер бихьизе кколин.
Юридикиял гIиллабазда бан цIар бицуней гьечIей ясалъ тIадчIей гьабулеб букIана диналда рекъон гьелъ гьумер бахчизе кколеб букIиналда, гьебги гьелъул хъизамалдаса гурел ва гьелъие махIрумияллъун кколарел бихьиназда гьелъул гьумер бихьизе бегьуларин абун.
Мерфица рикIкIунеб букIана диванханаялъул залалъур ругел процессалъухъ гIенеккизе рачIаразда гьелъул гьумер бихьиларедухъ гьелдаги гьездаги гьоркьоб пардав базе бегьулин.
Гьесул пикруялда, диниял ва цоги кинал рукIаниги гIиллаби рукIине кколаро лъие букIаниги къануналдаса ва рагьараб диван къотIиялдаса цIикIкIун ихтиярал кьезе ккани..
Гьанже Мерфица гьабуралда хадур рилъизе рес буго британиялъул юридикияб системаялъулго. Гьесул хьул буго улкаялъул парламенталъ ва ТIадегIанаб диваналъ гьеб суалалда сверун «кIванагIан хехго» хIукму къабул гьабизе букIиналда.
Бусурманал руччабазул ретIа-къаялъул суалазда сверун бахIсаз бикьизабун букIанин абизе бегьула Франциялъул ва Бельгиялъул жамгIиятал.
Гьеб дискуссиялда рачунел рукIана терроралде данде гьаризе кколел тадбираздаса байбихьун инсанасул эркенлъиялде щун аргументал. Гьелде тIадеги гьел бахIсазда рорхулел рукIана чиясул бокьараб дин гьабизе бугеб ихтияралдаса байбихьун паранжа руччаби инжит гьариялъул гIаламат бугин абиялде щун суалал.
Джереми Браун ккола такъсирчилъи дагьлъизабиялъул ва антисоциалияб хьвада-чIвадиялъул суалазда сверун Британиялъул министр (жанисел ишазул министр хисулев). Гьесул пикруялда хIукуматалъ гьукъизе ккола бусурманал руччабазе гьумер бахчизе, гьедин гьез цIунизе руго жидее бокьичIого гьумер бахчизе кколел бусурманал гIолохъанал ясазул ихтиярал.
Британиялъул «Дейли телеграф» газетаялъе гьес абуна гьал къоязда бусурманал руччабаз гьумер бахчизе кколищ кколарищ абураб суал-гьеб бугин «тIолабго миллаталъ дискуссия гьабизе лъикIаб темайин».
Сара Волластон йиго Консервативияб партиялъул рахъалдасан парламенталъул гIахьалчIужу. Демократалгун ва либералалгун гьеб буго нухмалъиялъулаб коалициялда. Гьелъул пикруялда, паранжа гьукъизе ккола школазда ва колледжазда. Ройтер агентлъиялъе гьелъ абуна чIужугIаданалдаса регрессивиял ай нахъеккарал тIалабал гьариялъул гIаламатлъун рикIкIине бугин жинца паранжайин.
Сара Волластон: «Дида ккола заман щун бугин чIужугIаданалъе жамгIиталъул бутIалъун йикIине ресал цIикIкIун рукIиналъул мухIканаб лъазаби гьабизе. ЧIужугIадан чиядаса яхчун йикIине кколин гьарулел лъазабиял регрессивияллъун рихьула дида».
Амма либерал-демократазул лидер ва вице-премьер Ник Клеггица абуна жив разияв гьечIин пачалихъалъ гIадамазе дресс-код чIезабиялдайин.
Ник Клегг: «Дида кколаро нилъеца никIабал гьукъизе кколин. Дица рикIкIунаро нилъеца гIадамаз ретIине бегьулеб-бегьулареб жоялда сверун цоги улкабазул политиказ гIадин къанунал рахъизе кколин. Иш хадуб гьедин билъани, ахирги нилъ рачIине рес буго горбода хъанч базе гьукъиялде. Нилъ руго эркенаб улкаялъул гражданал ва нилъер улкаялда гIадамазе буго жидерго пикру эркенго загьир гьабизеги, жидер хаслъи цIунизеги, жидер дин гьабизеги ва жидерго гIадатал цIунизеги ихтияр».
Клеггица гьединго абуна эркенлъаби цIунулел рукIаниги улкаялъул хIинкъигьечIолъиялъул суал батIияб иш бугин. Аэропортазда хал гьабулеб мехалдаги, школазда мугIалимасда дарсида ругел лъимал лъазе кканиги гьезул гьумер гьарун букIине кколин.
МухIамад Шарикъица нухмалъи гьабулеб буго Британиялда бугеб «Рамадан» абулеб фондалъе. Гьеб фондалъ кумек гьабула Британиялда гIолохъанал бусурбабазеги, конфессиязда гьоркьосел диалогал рачинеги. Гьесул пикруялда паранжа ретIине бугеб ихтияралъухъ балагьизе ккола дин гьабизе бугеб ихтияралъухъ гIадин.
МухIамад Шарикъ: «Нуж либерализмалда божулел ратани, нуж чиясул эркенлъиялда божулел ратани, диналде ва жинсалде балагьичIого инсанасул бокьараб дин гьабизеги бокьараб ретIел ретIинеги ихтияр букIиналдаги нуж божизе ккола».
Амма жинцаго никIаб бан гьумер бахчулей бусурманай гIадан Шалина Литтаца абуна Эркенлъи Радиоялъе Лондоналъул диванчияс гьабураб хIукму битIараб букIанин.
Шалина Литта: «Дида ккола гьеб битIараб хIукму букIанин. Дида ккола гьес гьелъул ихтиярал хвезаричIин. Гьей щияли лъазаюн хадуб, гьес гьелъие кьуна тIасабищи. Гьебго заманаялда бокьани пардавалда нахъа чIезе ихтияр кьеялъ гьес квал-квал гьабичIо гьелъие диниял тIалабал тIуразе. Кинабго битIун букIана».
Гьебго заманаялда Литтал рахIат хвезабулеб буго Британиялда цо динияб къукъаялда сверун миллиял дебатал гьаризе журалел рукIиналъ.
Шалина Литта: «Дун гIагализаюлей йиго бусурманал руччабаз гьумер бахчиялде данде багъарулеб гьеб хъуялъ. Бусурбабазда гьоркьорги гьединазул къадар абизегIан кIудияб гьечIелъул. Депутатазулги букIинарищха щивасул жиндирго пикру. Амма гьеб тIолабго миллаталъулаб дискуссиялъул лъугьани, дида ккола, жамгIияталъе щиб букIаниги бичIчIизе бокьун бугин».
Диванчи Мерфица тIадехун рехсараб хIукму гьабилалде цо анкьалъ цебе Бирмингемалъул колледжалда нахъе бахъун букIана гьениб гьумер бахчизе гьукъун букIараб бихьизаби. Гьелъие гIиллалъун ккун букIана дискриминация гьабулеб бугин протесталъул акциял тIоритIи.
Премьер-министр Кэмеронил пресс-секретарас лъазабуна британиялъул хIукуматалъ цIалул идарабазда хадуб цIунулеб бугин гьениб ретIине кколеб ратIлъида хурхун хIукму къотIизе ихтиярин.
Пачалихъиял хъулухъчагIаз жидерго миллатчилъиялъулал мускулал гIезаризе хIалтIизабулеб спортивияб алатлъун лъугьун бугин жакъа бусурманай чIужугIаданалъул ретIа-къайин рикIкIунеб буго Россиялъул Европаялъул бутIаялъул бусурбабазул РухIияб идараялъул ай ДУМЕРалъул нухмалъулев хисулев Мухетдинов Дамирица. Астраханалъул ракьалъул губернаторас абун буго ясазда хIижаб ретIизе гьукъиялде данде ругел улбузде ВатIан хисейин, гьебги, гьевго губернаторасул баяназда рекъон, гьенир бусурбабазул 29 процент бугеб мехалда. Дамирил пикруялда, политикиял дискуссиял гьаризелъун лъимал гъоркьлъалие росизе кколаро. Гьебги, I4 сон баралдаса кьолел паспортазда хIижабги ретIун сурат бахъизе изну Россиялъул ТIадегIанаб диванханаялъ 2002 соналдаго кьун букIараб мехалда.
Цоязул къадаралде яги пуланаб ракьалда гьезул умумул цере рукIиналде балагьун гьел цогияздаса тIокIал ругин бицине нилъ лъугьани, хIакъикъиял далилазда, улкаялъул тарихалда ва географиялда кьабун щущалин гьел аргументалин рикIкIунеб буго ДУМЕРалъул вакилас. Гьединал харбал цогияб рахъалъ жаваб кьечIогоги толарин ва гьеб киналъго улкаго лъикIалде бачине гьечIин рикIкIунеб буго Дамир Мухеметдиница.
Россиялда гIаммаб лъайкьеялъул мактабазде ретIине кколеб ретIелалда хурхун чIезабураб стандарталда рекъон, ботIрода тIад я кIаз я тIагъур лъезе бихьизабун гьечIониги Москваялда гъоркьехун ругел мактабазде хьвадулел цо-цо бусурманал ясазул улбуз тIадчIей гьабулеб буго, исламалда рекъон, гьез рас бахчизе кколеб букIиналда. Жибго Москва шагьарада цо-цо мактабазда гьеб суалалъулъ, бичIчIи загьир гьабун, цо-цо ясазе школазде кIазалгул рачIине изну кьун бугин, амма Москваялда гъоркьехун гьединал бигьалъаби гьечIин абун буго IslamNews агентлъиялъе Николай Жуковас. Гьев вуго бакIазда жидеего нухмалъиялъул рихьизариял чIезарулеб идараялъул хIалтIухъан. Гьесулго рагIабазда рекъон, хIижабал ретIине Москваялдаги толел гьечIо, амма рас бахчулеб гIадатияб кIаз къазе тола.
Аслияб къагIидаялда гьел школазда Азербажаналдаса ва Таджикистаналдаса улбузул лъимал цIалулел ругин ва гьезул гIаммаб къадарги 20 проценталде бахунеб бугин, амма хIижабалъул суал гIицIго кIиго хъизамалда гурони баккулеб гьечIин бицун буго Жуковас. Гьеб гIиллаялда бан цо яс школалде ячIунейцин гьечIин, цогияй гьоркьо-гьоркьой гурони ячIунарин ва лъай щвечIони гьезул букIиниселда ракI унтун школалъул директорги йигин бицун буго гьес.
Гьел ясазул цоялъул эбелалъ абулеб бугин хIижаб бегьулареб батани ясалда парик лъезе теян. Цо бугони, гьеб хIижаб гурин, кIиабизе бугони, гьелъ тIубанго рас бахчулин. Гьанже щиб гьабилебали лъаларого ругин жалин абун буго гьес.
Жуковасул пикруялда, гьел суалал зама-заманаялдасан ракIкIулел руго гьезда сверун чIван къотIараб хIукму гьечIолъиялъ. Ислам диналъул церехъабиги, жамгIиятги, нухмалъиялъул вакилзабиги, информалаталги гIахьаллъун кIудияб дискуссияги гьабун гьеб проблема рагIалде бахъинабизе заман щун бугин рикIкIунеб буго гьес.
...пачалихъиял хъулухъчагIазда тIубанго бичIчIулеб гьечIо хIижаб щиб жояли
Франция ва Бельгия гIадал Европаялъул цо-цо улкабазда хIижабалда сверун ва хас гьабун бусурманал руччабаз жамгIиял бакIазда гьумер бахчиялде данде къануналцин рахъун рукIаниги жидеца гIумру гьабулеб Австриялда хIижабалъул яги бусурбабазул руччабазул ретIа-къаялъул суалго гьечIин ва бусурбабазе кколел шартIал гьенир чIезарун ругин бицана Ибрагьимов Виститаца. Гьев ккола Австриялда чачаназул диаспораялъул лидер.
Гьев вукIана диниял суалазда сверун Ичкериялъул президент Аслан Масхадовасул гIакълучилъунги. Европаялда гьес гIумру гьабулеб бугелдаса исана гIола 13 сон.
Гьесул пикруялда Европаялда ва хас гьабун Австриялда бусурбабазе чIезарун руго гIунги тIокIал шартIал.
Ибрагьимов Висита: «Вена буго кIудияб тахшагьар, тIоцебе Дунай гIурул рагIаллъуде дун вахъараб мехалда гьеб тIабигIаталъул берцинлъиялда гьоркьоб дида бихьана гьайбатаб мажгит. Гьеб мехалда дир бадиса магIу бачIана. Хадусан дун ругьунлъана гьединал мажгитазде. Парижалда, Брюсселалда, Берлиналда, Страсбургалда ва цоги шагьаразда дир бералъе- мажгит бихьи- гьеб ругьунаб сипат буго».
Ибрагьимовасул рагIабазда рекъон, Европаялъул хаслъилъун ккола, гали бахъарабщинаб бакIалда мажгит букIин. Гьел мажгитазда минараби кидаго гурел рукIунел. Гьел руго бусурбабазул жамгIиятаз ккурал яги ричун росарал рукъзал. Гьезда чIвала гьаб мажгит бугин абураб хасал игIланал. Сверухълъиялдаса гIадамалги рачIине байбихьула гьенире. Бусурбабазе гIурхъаби чIваялъул проблемабиги как базе ине бакIалъул проблемаги Европалда гьечIин бицана Виситаца.
Ибрагьимов Висита: «Масала, лъабго чиясул рес буго нухмалъиялда лъазабизе мажгит къваригIун букIиналъул, гьез гIуцIула идара, гьабула гьелъие регистрация ва мажгит рагьиялъул суал гьаниб моцIида жаниб рагIалде бахъуна.
Дагьаб цебегIан дица цIалун букIана Пятигорскаялда, Кисловодскаялда гIадамаз бараб мажгит нухмалъиялъ бахъизе хIаракат бахъулеб букIиналъул, гьеб территориялда мажгит базе букIиналъул лъазабун букIинчIинги абун. Гьелъ дун цIакъ гIагализеги гьавуна. Цо дун гуревги, нижер жамгIиятго цIакъ гIажаиблъизарун рукIана гьеб лъазабиялъ. Масала нижеца гIумру гьабулеб Австрия-цебе Аавстро-Венгриялъул букIараб империялъидал, гьаниб гьеб халкъалъул жиндирго католикияб килиса бугелъул. Буго палихъалъе гьез кьезе кколеб хасаб магъалоги, амма Австриялъул хIукуматалъ улкаялда ругел бусурбабазухъа магъало бакIарулеб гьечIелдаса 100-ниги сон буго. Гьаниб ислам рикIкIуна кIиабилеб динлъун. Гьелъул дарсал кьола школаздаги, гьанир лъабгоялдаса цIикIкIун бусурманаб лъимер классалда бугони, гьезда Къуръан малъичIого тезе ихтияр гьечIо школаялъул.
Шагьараздацин гуреб, Венгриялъулгун гъорхъода бугеб цо росулъ нижеца гIумру гьабулеб мехалдаги бусурбаби ругел классазда кьолеб букIана Къуръаналъул аслуялъул дарсал».
Ибрагьимовас бицухъе, росулъе гьел рачIараб мехалда бегавулас гьел жидехъего ахIун руго, гьединго ахIун руго росдал жамагIатги ва лъазабун буго гьанире чачанал рачIун ругин ва гьел бусурбаби ругин. Гьеб данделъиялдаса хадуб гьезухъе сайгъаталгун рачIинчIеб хъизан хутIун гьечIо росулъ, гьезул адабги гьабулеб букIун буго, школазда лъималазе хIалалаб квенги чIезабун буго.
Висаитил рагIабазда рекъон, Москваялда бусурбабазе какал разе бакIал гьечIолъиялъ какал къватIахъ ралел ругин абуралда божизецин бачIунеб гьечIо гьезул.
КъватIахъ Европаялда рихьулин цохIо берал гурони раккизе толарел руччаби, батIи-батIиял улкабаздаса гIадамал гьенир рукIаниги, бакIалъул халкъалъе кIвар букIунарин гьезул тIомол кьералъул, беразул къварилъи-гIатIилъиялъул, мугжузул, ретIа-къаялъул, къокъал яги халатал тIажазул, гьезул диназул ва гьезул диназда ругел гIаркьалазул. Нухмалъиялъе инсанасдаса гьениб къваригIараб жо бугин гIицIго къанун цIуниян бицана Австриялда чачаназул диаспораялъул лидерас Эркенлъи Радиоялъе.
Чачаназул тIоцебесеб рагъулъ авлахъалъул командирлъун вукIарав ва Масхадовасул заманаялда бухьеналъул ва телекоммуникациязул министрлъун вукIарав ГIалиев Идрисица бицана Эркенлъи Радиоялъе Европаялда цониги улкаялъул жиндехун кинал рукIаниги суалал рукIинчIин. Жинда как щай балебин яги мегеж щай толебин гьез гьикъизе гьечIин жидецаго школазда Къуръаналъул аслуял малъулеб мехалдайин абуна гьес.
ВатIаналде тIад вуссине бокьун гьечIищан нижеца гьикъидал Идрисица гьадинаб жаваб кьуна:
Гьениб полициясухъ бер борхун балагьизе рес букIунаро мун дунялалда вукIиналъулго гIайиб гьабун гьев дуде тIаделъиларедухъ
ГIалиев Идрис: «ГIурусаз гьеб ракьалда жидер бугин абулеб гIанасеб заманаялда дица гьенибе хIетIе чIезе гьечIо.Гьениб полициясухъ бер борхун балагьизе рес букIунаро мун дунялалда вукIиналъулго гIайиб гьабун гьев дуде тIаделъиларедухъ. Щай дун тIадвуссине кколев даим дун хIинкъизе кколеб улкаялде? ГIантав ватичIони, щив гьеб жужахIалъуве тIадвуссунев?»
Чиясул диналда сверун цIияб историялда киналгIаги бахIсал жамгIиталда рукIинчIеб Британиялдаги гьанже бахъарун буго бусурманал руччабазул ретIа-къаялда сверун дискуссия. Гьелъие гIиллалъун ккана Лондоналъул диванчиясул хIукму. Диванчияс чIезабун буго диваналъул процессалда гьумер бахчун рукIине бегьаниги, сурав босулеб мехалда бусурманал руччабаз гьумер бахчизе кколарин абун.
Британиялъул премьер-министр Дэвид Кэмеронил хIукуматалъ кидаго бахъулеб букIана Европаялда бусурбаби кин ретIа-къазе кколел абураб суалалдаса рикIкIад чIезе хIаракат. Европаялъул цо-цо цоги улкабазул жамгIиятазда кIудиял бахIсал рукIана бусурманал руччабаз пачалихъиял идарабазда, школазда ва диванханабазда гьумер бахчиялда сверун.
Амма гьаб анкьалда Лондоналъул диванханаялъ гьел дебатал цIигьаруна Британиялда гьел байбихьун рукIарал 2006 соналъул даражаялде гIунтIизарун. Доб мехалда улкаялъул премьер-министрлъун вукIарав Тони Блэрица абун букIана бусурманал руччабаз гьумер бахчун цебе балеб никIаб-«гIадамал рикьиялъул гIаламат бугин».
Доб мехалда нухмалъиялда букIараб коалициялдаса депутаталги министралги халкъалда рагIинабун цоцалъ къацандулел рукIана гьеб суалалда сверун.
Диванчи Питер Мерфица итни къо 16 сентябралда 22 сон барай Лондоналдаса бусурманай ясалда лъазабуна сурав босулеб мехалда гьелъ бицунелъе гьа бараз ва адвокатаз къимат кьезелъун гьезда гьелъул гьумер бихьизе кколин.
Юридикиял гIиллабазда бан цIар бицуней гьечIей ясалъ тIадчIей гьабулеб букIана диналда рекъон гьелъ гьумер бахчизе кколеб букIиналда, гьебги гьелъул хъизамалдаса гурел ва гьелъие махIрумияллъун кколарел бихьиназда гьелъул гьумер бихьизе бегьуларин абун.
Мерфица рикIкIунеб букIана диванханаялъул залалъур ругел процессалъухъ гIенеккизе рачIаразда гьелъул гьумер бихьиларедухъ гьелдаги гьездаги гьоркьоб пардав базе бегьулин.
Гьесул пикруялда, диниял ва цоги кинал рукIаниги гIиллаби рукIине кколаро лъие букIаниги къануналдаса ва рагьараб диван къотIиялдаса цIикIкIун ихтиярал кьезе ккани..
Гьанже Мерфица гьабуралда хадур рилъизе рес буго британиялъул юридикияб системаялъулго. Гьесул хьул буго улкаялъул парламенталъ ва ТIадегIанаб диваналъ гьеб суалалда сверун «кIванагIан хехго» хIукму къабул гьабизе букIиналда.
Бусурманал руччабазул ретIа-къаялъул суалазда сверун бахIсаз бикьизабун букIанин абизе бегьула Франциялъул ва Бельгиялъул жамгIиятал.
Гьеб дискуссиялда рачунел рукIана терроралде данде гьаризе кколел тадбираздаса байбихьун инсанасул эркенлъиялде щун аргументал. Гьелде тIадеги гьел бахIсазда рорхулел рукIана чиясул бокьараб дин гьабизе бугеб ихтияралдаса байбихьун паранжа руччаби инжит гьариялъул гIаламат бугин абиялде щун суалал.
Джереми Браун ккола такъсирчилъи дагьлъизабиялъул ва антисоциалияб хьвада-чIвадиялъул суалазда сверун Британиялъул министр (жанисел ишазул министр хисулев). Гьесул пикруялда хIукуматалъ гьукъизе ккола бусурманал руччабазе гьумер бахчизе, гьедин гьез цIунизе руго жидее бокьичIого гьумер бахчизе кколел бусурманал гIолохъанал ясазул ихтиярал.
Британиялъул «Дейли телеграф» газетаялъе гьес абуна гьал къоязда бусурманал руччабаз гьумер бахчизе кколищ кколарищ абураб суал-гьеб бугин «тIолабго миллаталъ дискуссия гьабизе лъикIаб темайин».
Сара Волластон йиго Консервативияб партиялъул рахъалдасан парламенталъул гIахьалчIужу. Демократалгун ва либералалгун гьеб буго нухмалъиялъулаб коалициялда. Гьелъул пикруялда, паранжа гьукъизе ккола школазда ва колледжазда. Ройтер агентлъиялъе гьелъ абуна чIужугIаданалдаса регрессивиял ай нахъеккарал тIалабал гьариялъул гIаламатлъун рикIкIине бугин жинца паранжайин.
Сара Волластон: «Дида ккола заман щун бугин чIужугIаданалъе жамгIиталъул бутIалъун йикIине ресал цIикIкIун рукIиналъул мухIканаб лъазаби гьабизе. ЧIужугIадан чиядаса яхчун йикIине кколин гьарулел лъазабиял регрессивияллъун рихьула дида».
Амма либерал-демократазул лидер ва вице-премьер Ник Клеггица абуна жив разияв гьечIин пачалихъалъ гIадамазе дресс-код чIезабиялдайин.
Ник Клегг: «Дида кколаро нилъеца никIабал гьукъизе кколин. Дица рикIкIунаро нилъеца гIадамаз ретIине бегьулеб-бегьулареб жоялда сверун цоги улкабазул политиказ гIадин къанунал рахъизе кколин. Иш хадуб гьедин билъани, ахирги нилъ рачIине рес буго горбода хъанч базе гьукъиялде. Нилъ руго эркенаб улкаялъул гражданал ва нилъер улкаялда гIадамазе буго жидерго пикру эркенго загьир гьабизеги, жидер хаслъи цIунизеги, жидер дин гьабизеги ва жидерго гIадатал цIунизеги ихтияр».
Клеггица гьединго абуна эркенлъаби цIунулел рукIаниги улкаялъул хIинкъигьечIолъиялъул суал батIияб иш бугин. Аэропортазда хал гьабулеб мехалдаги, школазда мугIалимасда дарсида ругел лъимал лъазе кканиги гьезул гьумер гьарун букIине кколин.
МухIамад Шарикъица нухмалъи гьабулеб буго Британиялда бугеб «Рамадан» абулеб фондалъе. Гьеб фондалъ кумек гьабула Британиялда гIолохъанал бусурбабазеги, конфессиязда гьоркьосел диалогал рачинеги. Гьесул пикруялда паранжа ретIине бугеб ихтияралъухъ балагьизе ккола дин гьабизе бугеб ихтияралъухъ гIадин.
МухIамад Шарикъ: «Нуж либерализмалда божулел ратани, нуж чиясул эркенлъиялда божулел ратани, диналде ва жинсалде балагьичIого инсанасул бокьараб дин гьабизеги бокьараб ретIел ретIинеги ихтияр букIиналдаги нуж божизе ккола».
Амма жинцаго никIаб бан гьумер бахчулей бусурманай гIадан Шалина Литтаца абуна Эркенлъи Радиоялъе Лондоналъул диванчияс гьабураб хIукму битIараб букIанин.
Шалина Литта: «Дида ккола гьеб битIараб хIукму букIанин. Дида ккола гьес гьелъул ихтиярал хвезаричIин. Гьей щияли лъазаюн хадуб, гьес гьелъие кьуна тIасабищи. Гьебго заманаялда бокьани пардавалда нахъа чIезе ихтияр кьеялъ гьес квал-квал гьабичIо гьелъие диниял тIалабал тIуразе. Кинабго битIун букIана».
Гьебго заманаялда Литтал рахIат хвезабулеб буго Британиялда цо динияб къукъаялда сверун миллиял дебатал гьаризе журалел рукIиналъ.
Шалина Литта: «Дун гIагализаюлей йиго бусурманал руччабаз гьумер бахчиялде данде багъарулеб гьеб хъуялъ. Бусурбабазда гьоркьорги гьединазул къадар абизегIан кIудияб гьечIелъул. Депутатазулги букIинарищха щивасул жиндирго пикру. Амма гьеб тIолабго миллаталъулаб дискуссиялъул лъугьани, дида ккола, жамгIияталъе щиб букIаниги бичIчIизе бокьун бугин».
Диванчи Мерфица тIадехун рехсараб хIукму гьабилалде цо анкьалъ цебе Бирмингемалъул колледжалда нахъе бахъун букIана гьениб гьумер бахчизе гьукъун букIараб бихьизаби. Гьелъие гIиллалъун ккун букIана дискриминация гьабулеб бугин протесталъул акциял тIоритIи.
Премьер-министр Кэмеронил пресс-секретарас лъазабуна британиялъул хIукуматалъ цIалул идарабазда хадуб цIунулеб бугин гьениб ретIине кколеб ратIлъида хурхун хIукму къотIизе ихтиярин.
Пачалихъиял хъулухъчагIаз жидерго миллатчилъиялъулал мускулал гIезаризе хIалтIизабулеб спортивияб алатлъун лъугьун бугин жакъа бусурманай чIужугIаданалъул ретIа-къай