Гьал къоязда МахIачхъалаялда гIагарда бугеб Семендер абулеб баIкалда чIвана Гъизиюрталда бугеб изну гьечIого яргъид гIуцIараб къокъаялъул цевехъан Темирбек Темирбеков. Гьевгун цадахъ чIвана гьеб къокъаялде гъорлъе унев вукIарав Рустам ЯхIяев.
Терроралде дандечIараб миллияб комитеталъул лъазабиязда рекъон, оперативияб информация щун буго Семендер росулъ рахчун ругин изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе унел.
«Мина сверухъ ккуна низам цIунулез. Жанир ругезда гьез абулеб букIана ярагъги гIодоб лъун къватIире рачIаян. КъватIире рачIана минадул хважаинги гьесул чIужуги. Темирбековасги ЯхIяевасги инкар гьабуна къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазул гьари. Ккараб кьвагьдеялда чIвана гьел кIиялго. Низам цIунулезда гъорлъ лъукъарал гьечIо.
Темирбековасда чанги гIайиб гIунтIизабулеб буго: полициялъул хIалтIухъаби чIвай, бизнесменазухъа флешкаби рехун гIарац бахъи – гьелги цогидалги такъсиразда гIайибавлъун рикIунев вуго Темирбеков».
РакIалде щвезабила: гьаб моцIалъул байбихьуда интернеталда лъун букIана Темирбекиде хитIаб. Видероликалда бахъун буго рагъулаб къокъа. Гьелде гъорлъе унезда тIад ретIун буго камуфляж, гьурмазда маскаби ххун руго, кодор автоматал руго.
Гьезул цояс лъазабулеб буго Темирбекида жидеца гьесулги, къокъаялде гъорлъе унезулги гIагаразе гIадлу гьабизе бугин: «Нижеца гIадлу-низам чIезабила нижерго къуваталдалъун. Полициялъулги, прокуратаруаялъулги, хасал хъулухъазулги кумек нижее къваригIинаро. Къанунги хIалтIизабун низам чIезабизе гьезда кIолеб гьечIо».
Экспертаз рикIунеб буго Дагъистаналда ахIвал-хIал хIалуцунеб бугин. Гьелъие мисаллъун рачине бегьула ахирал къоязда карал лъугьа-бахъинал.
Гъизляр мухъалъул Черняевка росулъ изну гьечIого яргъид гIуцIаразе кумек гьабиялда щаклъи бугев ШагIбан ХIасановасул рокъоб ярагъ батанин лъазабулеб буго низам цIунулез. ХIасановасул гIагаразни абулеб буго гьеб ярагъ жалго полициялъулаз рехараб бугин.
23 сон барав ХIасанов 16 июлалда ккун вукIана низам цIунулез. Гьев изну гьечIого яръид гIуцIаразде гъорлъе уневлъун вугилан абулеб букIана полициялъулаз. Ахир-къадги гьев нахъе вичана. Гьанибго абила, 2011 соналъ диваналъ ХIасанов гIайибавлъун чIезавун вукIана къануналда рекъечIого ярагъ цIуниялъулъ. Гьеб мехалдаги гьанжеги ХIасанов гIаийбав гьечIилан абулеб буго гьесул гIагарлъиялъ. Рагъулал аскариязда гъорлъе унез рехулеб бугин гьесие ярагъилан абуна журналистазе ХIасановасул гIагарас.
Низам цIунулезул тIаса ккараб хIалтIуда хъинтIараб цоги гIарзаги букIана гьаб анкьалда. Шамхал поселокалда гIумру гьабулев Назирбег Нажмудиновас инсанасул ихтиярал цIунулезухъе гIараз хъвана жив жахIавго толев гьечIин низам цIунулез.
Нажмудиновасул рагIабазда рекъон 10 июлалда гьев Гъизляр мухъалъул Первокизлярское росулъ щвана хварав гIагарав чиясул хъизаналъухъе. Къадеялдаса нахъе жив лъалев-хъвалев МухIамад Багаевасухъе анин хъвалеб буго Нажмудиновас ва тIаде жубалеб буго: «Кваназе гIодор чIаралго Багаевасул рокъкоре кIанцIана къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби». Живги, МухIамадги, гьесул цингIалги гьез цадахъ рачун анилан абулеб буго Нажмудиновас.
ТIубараб къоялъ низам цIунулез жиндие гIакъубаби кьолел рукIанин хъвалеб буго гIарзаялда гьес. Гьесул рагIабазда рекъон, полициялъ гьев тIамулев вукIун вуго изну гьечIого яргъид гIуцIаралгун жиндир бухьенал ругин абизе.
Гъизляралдаса гьев МахIачхъалаялде вачун вуго. Гьенивги жив вухулев вукIанин полициялъулазилан абулеб буго Нажмудиновас. Полициялъулазул цояс гьезда абун буго гъулбас лъеилан цо кагътида гъоркь. Нажмудиновас гъулбас лъун буго ва гьев нахъе вичан вуго.
Гьал къоязда гьев полициялде ахIун вуго. МахIачхъалаялъул Киров мухъалъул цIех-рехалъул бутIаялда гьесда абун буго щаклъи бугин гьев изну гьечIого яргъид гIуцIаразе кумек гьабулевлъун вукIанин.
Нажмудинов хIинкъун вуго жив гIайибавлъун чIезавилин ва тIуснахъалде тIамилин.
ЦIех-рехалъул комитеталъул пресс-хъулухъалъул вакилас абуна журналистазе жинда лъалеб жо бугин полициялъулазухъ Нажмудиновасда хурхараб цо иш бугеблъи.
ГIадамал рикъиялъул хIужжабиги рукIана ахирисеб заманалда. Хасавюрт мухъалда мажгиталдаса къватIир рачIунаго рикъана Байрамаул росулъ гIумру гьабулев кIигояв. Гьел хадур ратана Хасавюрталъул жанисел ишазул идараялда.
Журналист Мадина Исламовалъ абуна «Эркенлъи» радиоялъе низам цIунулезда жидерго хIалтIи къануналда рекъон бачине кIолеб гьечIолъиялъги республикаялда хIвал-хIал хIалуцунабулеб бугин:
Мадина Исламова: «Къоийдаса къойида ахIвал-хIал Дагъистаналда хIалуцунеб буго. Гьебгун цадахъ телевизоралдаса бицунеб буго курортал раялъе контракт хъванин Италиялдаса бизнесменалгун. КIиго батIияб дунялалдайищ ругел гIадатияб халкъги, республикаялъул нухмалъиги? Дида бичIуларо. Изну гьечIого яргъид гIуцIараз гьабулебщналда дун разияй гьечIо, амма низам цIунулезда жидерго хIалтIи къануналда рекъон бачине кIолеб гьечIо. Гьелдалъунги ахIвал-хIал хIалуцунеб буго».
ЖамгIияв хIаракатчи ва адвокат Расул Кадиевас абун букIана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул полициялъул хIалтIулъ чанги гIунгутIаби ругин. Гьесул рагIабазда рекъон, полициялъулал такъсирлъиялде данде къеркьоларо, статистикаялъе гIоло хIалтIулел руго.
Низам чIезабиялъулъ руго тIуразе кколе чанги кIвар бугел суалалилан рикIунеб буго.