Хъулухъалъулаб халгьабиги байбихьун, полициялъул нухмалъулев Варис Варисов гьабсагIаталда цодагьаб заманаялъ хIалтIудаса гIодов чIезавун вуго. Гьелъие гIиллалъун ккун буго лицензия гьечIого ЧIарада мухъалда бичулеб гIаракъи-чагъир гIолохъабаз тукабаздаса бахъи. Ахираб заманалда гьел гIолохъабаз гьединал табирал гIемер тIоритIула ЧIарада мухъалда. Полициялда цадахъго гьезги квербакъулеб бугин жидер дора наркотикал хIалтIизарунгутI
ГIолохъабаз лицензия гьечIеб гIаракъи-чагъир тукабаздаса бахъулеб мехалда гьезие щибниги квалквал гьабичIого чIун вугин полициялъул нухмалъулев Варис Варисовин абураб тIадкIалъай буго жанисел ишазул министерлъиялъул
Гьелда бан гьадинаб баян кьолеб буго «ЭР-ялъе» МикагIил МикагIиловас.
МикагIил МикагIилов: «Ахираб кIиго соналъ нижер мухъалъул имамзабазги жамагIаталъги чанго нухалда лъазабун букIана гьезда лицензия гьечIеб гIаракъи-чагъир бичугеян. Цинги гьез гьеб пиша тунгутIи бичIчIидал, ракIарана нижер гIолохъаби МахIачхъалаялдас
Лицензия гьечIого гIаракъи-чагъир бичулел ричарухъабазда хурхун ЧIарада мухъалдаго гIадаб хIужа цебехун Казбек мухъалдаги ккун букIун буго.
МикагIил МикагIилов: «Нижеда рагIана Казбек мухъалъул гIолохъабаз гьединалго ричарухъаби чIезарунин щибгно ахIи-хIур гьабичIого – гIодориччан гIарзаги хъван, гьезда тIад гIакIаги къотIун».
Низам цIунулезул махщалилаб цолъиялъул нухмалъулев ккола Шамилов МухIамад. Гьесда лъалеб гьечIоан чIарадисезул хитIабалъул хIакъалъулъ.
Шамилов МухIамад: «Полициялдехун халкъалъул полициялдехун гьаниб бугеб бербалагьи лъаларищха. Гьединлъидал гIажаибаб жо буго гьеб. Варисовасда хадуб халкъ батани, гьев лъикIав полициялъулав ватула. РишватчагIиги жидерго гурони ургъелги гьечIел хIакимзабиги жалго тун, аслияб куцалда хъулухъалдаса рахъулел руго рацIцIадал хIалтIухъаби».
Шамиловас кумек гьабула хъулухъалдаса рахъулел низам цIунулезе. Масала, Москваялде щвезегIанги ун вукIана гьанжегIагар Шамилов гьедин хъулухъалдаса вахъарав полковник СалихI ХIажиев цIунизе.
Гьеб киналдаго цадахъ цо-цо суалал раккулел руго чIарадисез министрасухъе битIараб хитIабалда тIасан. Масала, цин бугони, лицензия гьечIеб гIаракъи-чагъир тукабазда гьукъи ккола экономикиял такъсиразда бан хIалтIи гьабулел низам цIунулезда тIадаб иш. ЧIарада мухъалдайин абуни гьеб тIаде босизе хIалбихьун буго гIадатиял гIолохъабаз. Гьез гьеб иш гьабун буго, гьезул вакилзабаз бицахъе, къанунги хвезабичIого ай кьун гIарацгун бичун босун ва хадуб тIагIинабун буго гьеб гIаракъи-чагъир.
Гьединго бичIчIулеб гьечIо лицензия гьечIеб гIаракъи гIарацги кьун тукабаздаса къватIибе босулел гIолохъабазе квал-квал гьабичIогойилан полициялъул нухмалъулесда сверухъ хъулухъалъулаб халгьаби щай тIобитIулебалиги.