Рикlкlун ахlарал гьалбал

Россиялъул хIукуматалъ рикьулел руго Олимпиадаялъухъ балагьизе рачIунел гIадамазе бакIал. Дагъистаналъеги щун буго 800 бакI.

Гьедин 800 бакI Дагъистаналъеги щвана. Амма гьел кьезехъин руго хIакимзабазе – муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулез, министрлъабазул, идарабазул нухмалъулез жиде-жидер хIалтIуда тIаса вищизе вуго чанго чи. Гьедин Сочиялде белтал гьез жидерго гIарцухъ росизе ккола.

Цо-цо баяназда рекъон, Олимпиадаялъухъ балагьизе рес щвезе буго гьенир объектал рарал чагIазеги.

Гьез рарал объектазда тIасан рукIуна гIемерисеб мехалда бахIсал. БакIал раялъул рахъалъ хасаб лъай бугел чагIаз рарал объектал гурин гьел, гьабураб хIалтIухъ жидее гIарац щвечIел гастарбайтераз рарал жал ругин абула Олимпиадаялда рази гьечIел гIадамаз.

Гьедин, масала, Кабардагун Балкариялдаса жамгIияв хIаракатчи Ибрагьим Ягъановас ЭР-гун букIараб гара-чIвариялдаги кIудияб щаклъи загьир гьабуна Олимпиада тIобитIизе букIиналда. Гьедин объектал хIадур гьечIолъиялда бан гьеб байбихьичIого хутIани ялъуни цо кIудияб квалквал ккани, гIайиб рехизе чагIиги ругила. Мисалалъе росани, черкесал. Жибго Олимпиада лъугIун хадубги жидедехун бербалагьи Россиялда квешаб рахъалдехун хисилин абураб хIинкъи рагIула черкесазул миллияб багъа-бачариялъул вакилзабазул.

Гьелъул гIаксалда, Олимпиадаялдаса хадуб Шималияб Кавказалда гIодоцинин абун кколеб буго Москваялда чIарав Дагъистаналдаса политолог Энвер Кисриевасда. Гьединго Олимпиадаялъул заманалда Сочиялда яги гьелда гIагарлъухъ терактал гьаризе ругин абураб жоялдаги божулев гьечIо гьечIо. Амма гьел терактал нахъчIвазе багьанаялда, масала, Дагъистаналде Россиялъул батIи-батIиял регионазда аскарал жанире гъей битIараблъун бихьулеб гьечIо Кисриевасда.

Энвер Кисриев: «Гьеб киналъго копоххинарула Дагъистаналъул гIадамал, сундалъунниги гьезда бецIизе тIамула. Гьединлъидал дида ккола гьел аскарал Дагъистаналдаса нахъе рачун лъикIанилан. Щайгурелъул цгидазего гIадин дагъистаниязеги бокьула гIадлу-низам. Гьезда жидедагоги кIола террористал гIодоруссинаризе. Гьединго щибго кIвар кьечIого тезе ккола исламалда хурхарал жалги. Гьеб мехалда тезе бегьула ахIвал-хIал гIодобиччалеб бугилан».

Сочиялда Олимпиада тIобитIизе 55 млрд гъурущ хаж гьабунин лъазабуна Россиялъ официалияб куцалда. Амма гьебщинаб гIарац улкаялда гIумру гьабулев I40 млн чиясда тIад харж гьабурабаниго гIезегIан лъикI букIинаанин пикру загьир гьабулезул къадар дагьаб гьечIо, прессаялдасан, батIи-батIиял мажлисаздасан цере рахъунел гIадамазухъ гIенеккун. Мисалалъе, Кабардагун Балкариялдаса жамгIияв хIаракатчи Ягъанов Ибрагьимица рехсолел руго жидер дора тIурачIого хутIун ругел ракьулгун социалиял масъалаби.

Ибрагьим Ягъанов: «Жидерго хъизанал хьихьизе бетIербахъиялда хадур гьабщинаб мехалда Сочиялдеги ун гьенир хIалтIулел рукIарал Кабардагун Балкариялдаса мигрантал тIадруссун хадуб гьезда щиб гьабизе бугеб? Гьезул суалал руго тIурачIого хутIун. ХIалтIи гьечIого хутIизехъин руго гурищ гьел? ТIадежоялъе кватIичIого Россиялда кризис буго байбихьизехъин, гьелъги тIубанго ццим бахъинабизе буго халкъалъул».

Чанго къоялдасан Дагъистаналде тIаде щвезе буго Олимпиялъул цIаги. Гьеб цоцахъе кьезе буго машгьурав Дагъистаналъул 67 спортсменас. ЦIа цоцахъе кьолеб тадбир МахIачхъалаялда «Анжи-Аренаялда» букIине буго.