26 июлалда Дагъистаналда кIодо гьабуна республикаялъул конституциялъул къо. Кидаго гIадин батIи-батIиял байрамалъулал тадбиралги тIоритIана гьеб къоялъ МахIачхъалаялда. Амма цересел саназде дандеккун исана конституциялъул къо кIодо гьабиялъулъ миллияб хаслъи букIанин абизе бегьула. Гьелъие гIиллалъун ккана Дагъистаналъул гIемерисел хIакимзаби гьеб байрамалде жидерго миллияб ратIлилъ рачIун рукIин.
Дагьаб цебегIан Дагъистаналъул президентасул ишал тIуралев Рамазан ГIабдулатIиповас лъазабун букIана щибаб халкъалъ жиндирго хаслъигун гIадаталги, тарихгун маданиятги цIунизе кколин.
Гьеб тIагIинчIого букIиналъе хIалтIи гьабиги щивав чиясда тIадаб иш бугин. Гьединлъидал гIолеб гIелалда умумузул ретIел кIочон течIого букIине, гьезул гьеб парталал ретIине гъираги базе Коституциялъул къоялъ киналго хIакимзабаз миллияб ретIел ретIани лъикI букIинин абун букIана ГIабдулатIиповас.
Президентасул ишал тIуралесухъ гIенеккунищ яги жидерго рекIел ахIиялъищ чухъа-бухариялдеги хъабало чохтIоялдеги рачаралали лъаларо, амма республикаялъул нухмалъиялда ругел гIемерисез байрамалде миллияб ретIел букъун букIун бугоан.
«Эркенлъи» радиоялъухъ щварал баяназда рекъон гьоркьохъеб къагIидаялъ бихьиназул ретIел 35-55 азарго гъурщиде бахун буго, амма гьелъулъ 70ги, хIатта 500 азарго кьуралги ругинги бицунеб букIана цоцада гьоркьоб тIалъиялъул вакилзабаз.
Лъицаниги абичIониги кидаго жидерго умумузул нухдасан хьвадулел ва гьезул ретIел нахъе цIунарал ва гьеб ретIунел дагъистаниялги рукIана тахшагьаралъул аслияб майданалде рачIун. Гьезул цоявлъун ккола Хунзахъа цIар рагIарав тарихчи, Хунздерил нуцазабазул наслуялъул чи Хъазанбиев ГIалибег.
Умумузул ретIелги ретIун некIсияб ярагъги бан вугев ГIалибегидаги, гьесда цадахъ рукIарал ясазул васаздаги сверун гIемер чи вакIарун вугоан. Гьезие тарихчияс ярагъалъул хIакъалъулъги, гьеб кин хIалтIизабулеб букIарабалиги бицунеб бугоан.
Хъазанбиев ГIалибег: «ТIубан халкъалда кIочон тун гIодобе реххун тун букIараб нилъер умумузул ретIел ретIинаби гьеб нилъер маданияталъе кIудияб кIвар бугеб хIалтIи буго. Жакъа гIемер чияс ретIун гьечIониги, гьеб ретIун букIин бихьани цойгидазеги бокьиларищха гьеб ретIине.
Эбел-инсуцаги, кIудияб гIелалъги лъималазе нилъер умумузул ретIелги, ярагъги бокьизабизе ккола. Гьеб буго нилъер маданияталъулги, рукIа-рахъиналъулги кIудияб бутIа»
Россиялъул Кавказалъул халкъазул конгресалъул нухмалъулезул цояв Денга Халидовас «Эркенлъи» радиоялъе бицана халкъалъул миллияб хаслъи цIуничIони заманалдасан гьелъул цIарцин хутIуларин. Гьединлъидал Рамазан ГIабдулатIиповас умумузул ретIел ретIин модаялде бачIинабиялъулъ цохIо лъикIлъи бугилан.
Денга Халидов: «Дида ккола гьеб цIакъ лъикIаб пикру бугин. Гьелдасан байбихьила умумузул нухде руссин. Жакъа гIадаб байрам къояз гурони некIсияб ретIелги ретIунареб тарихги лъалареб гIелалъ лъикIал дарсал росизе бегьула Рамазан ГIабдулатIиповас нилъер халкъалъул рухIияб рахъ цебетIезабиялъе гьабулеб хIалтIул.
Байбихьи ратIлидаса лъун бугелъул гьелда рекъараб букIине ккела хьвада-чIвадиги гIамал-хасиятги. Гьеб кинабго шоуялде буссинабизе кколаро, щивас жиндирго рекIелъан биччазе ккола. Дир пикруялда рекъон Рамазан ГIабдулатIиповас битIараб нух тIаса бищун буго»
Бизнесмен МухIамад Дарбищевасги «Эркенлъи» радиоялъе бицана гIун бачIунеб гIелалъе тарбия кьолеб мажлислъун лъугьанин исана Дагъистаналъул конституциялъул къо кIодо гьабийилан.
МухIамад Дарбищев: «Цересел саназде дандеккун исана цIакъ кIодого берцинго тIобитIулеб буго гьаб Дагъистаналъул конситуциялъул къо. Нилъер умумузул букIараб чухъаги чохтIоги жакъа цIидасан ракIалде щвезабулеб буго.
Гьелъ гIун бачIунеб гIелалъе тарбия кьеялъе, гьезда умумузул гIадаталги, гIамалалги, ретIелги кIочон тунгутIиялъе кIудияб бакI кколеб буго».
Гьебго къоялъ Дагъистан Россиялде гьоркьоб бугелдаса200 сон тIубаялъул хIурматалда МахIачхъалаялда рагьана «Гьудуллъиялъул рукъ». Гьеб буго Цебе культураялъул центр букIараб цIидасан къачIазеги къачIараб минаялда жаниб.
«Гьудуллъиялъул рукъги» рагьун тIоцебе гьениб тIобитIараб тадбирлъун лъугьана республикаялъул гIумрудулъ кIудияб бакI кколел ва гьеб цебетIеялъе хIалтIи гьабурал культураялъул, адабияталъул, гIелмуялъул хIалтIухъабазе Дагъистаналъул пачалихъалъул шапакъатал кьей.
Гьезда гьоркьов вуго магIарулазул цIар рагIарав хъвадарухъан ва журналист ГъазимухIамад ГъалбацIовги ва Москваялда вугев жигарав жамагIатчи ва тохтур ЦIумадаса МухIамад ГIабдулхабировги.