Жидер цохIого вугев вас Ибрагьим «рохьоса» нахъе вачIинелъун ракъи лъазабун буго Хасавюрталда гIумру гьабулел гьесул эбел-инсуца ГIалибеговал Зайнудиница ва Сапиятица. Информалатаздаса гьез чанго нухалда хитIаб гьабун букIана васасде тIадвуссаян. Ибрагьимил рокъор руго лъадиги лъимерги.
Вас рохьове иналъул гIиллаби жинца рицине гьечIин жинца бицаралъ гьесие зарал гьабунгутIизелъун, гьесие зарал ва хIинкъи бугеб цониги рагIи жинца абизе гьечIин, жиндир цого-цо мурад бугин рокъове тIадвуссаян жинца гьабулеб ахIи васасда рагIизабиян абуна ГIалибегов Зайнудиница Эркенлъи Радиоялъе.
ГIалибегов Зайнудин: «Дун хIинкъун вуго дир васасе дица бицаралъ зарал гьабилин. Дир буго цого-цо мурад- дир ахIи васда рагIи ва гьес битIараб хIукму гьаби. Дихъе батIи-батIиял бакIаздасан ахIун гьанже бахъун бугеб ахIи-хIуралъги, гьев «рохьове» иналъул мухIканлъабазги гьесие ва нижее зарал гьабилин хIинкъун вуго дун. ГьабсагIат унеб буго гьел васал чIван реххиялъул тенденция. Гьезул гIайибги чIезабулеб гьечIо, гьелъул цIех-рех къваригIарав чиги гьечIо. Дир мурад тIубани, дица кинабго бицина».
ЭР: Хасавюрталъул полициялдасан щварал баяназда рекъон, Зайнудинил вас Ибрагьимидехун гьезул гьечIо кинал рукIаниги суалал. Гьес къунуназде данде кколареб щиб букIаниги гьабун бугин абулеб баянги гьезухъ гьечIо.
Зайнудинилги кIудияб божи буго вас къануналда цеве вацIцIад рукIиналда ва гьев рокъове тIадвуссине вукIиналда.
ГIалибегов Зайнудин: «Я, Аллагь ватайгиха гьев вацIцIадавги, бичIчIагиха гьесда жиндирго гъалатIги, вуссагиха гьев рокъовеги! Гьанже ругел гIолилал цIакъ чIухIарал руго. Гьезда кколеб буго цо гъалатI бичIчIани, нахъе нух гьечIин. Дица ракъи лъазабиялдалъун бичIчIизабулеб буго гьенив хвезе гьесда ракIалде ккун батани, гьесие гIоло гьанир нижги хвезе рукIин.
Нижер жигьадги, гIемерисел гIадамазул щаклъи бугеб гьесул жигьадалдаса кIвар бугеб буго. Нижерго вас хвасар гьавизе нижеца лъазабураб жигьадалда лъилго щаклъи бижуларо.
Нижее къваригIун буго гьевги, гьесгогIадин мекъаб гали лъурал цоги васалги тIадруссине.
Цебе абулаан гьел кверде рачIунарин-рачIанагуриха, абулаан гьел тIадруссунарин-руссанагуриха. Нижеца рикIкIуна гьанже ругел цо-цо тенденцияз лъикIалда хьул лъезе бакI кьолин нижеейин. Амма гьебго заманалда жидер васал рокъоре тIадруссинаризе хIаракат бахъулел улбузул бищунго жигарав инсул вас чIвана дагьав цевегIан.
ЧIван рехана гIолохъанав вас! Гьев хвасар гьаризе ресал рукIаниги. Диваналъул хIукму гьечIого гIадамал чIваялъги, президент Путиница абухъе «хIажатханалъур чIваялъги» проблема рагIалде бахъунаро».
ЭР: Зайнудиница бицана лъимал «рохьахъа» тIадруссинаризе хIаракат бахъулел улбузул къукъа бугин жидер Хасавюрт шагьаралда ва мухъалда. Гьезул бажаригун жигаралдалъун кIванин ахираб заманалда 11-гIан гIолохъанчи рокъове тIадвуссинавизейин.
ГIалибегов Зайнудин: «Нижеда лъала гьезул цIикIкIунисезда "рохьоре" инго ракIалда бухIун букIин. Гьенире щун чанго къоялдасацин рекIекълъулел руго гьел гьелдаса. Лъала гIемеразе тIадруссине бокьун букIинги. Амма руго жидерго цо хIаязулъе гьел цIалел гIадамал. Нижер лъималазе гьабулеб буго унго-унгояб геноцид.
Гьаб лъугIичIеб лъагIалида жаниб чIван вуго 500 чи. Гьеб жо халатбахъунебги буго. Гьеб буго я халкъалъе, я республикаялъе, я Россиялъе кинабгIаги пайда яги магIна гьечIеб рагъ. Гьелъие рагIал- ахирги бихьулеб гьечIо».
ЭР: Дагьаб цебегIан Хасавюрталъул полициялъ лъазабулеб букIана рохьахъ рукIарал гIолилал тIадруссинаризе бажаранин, гьеб дуца бицунеб улбузул къукъаялъул хIаракатищ кколеб?
ГIалибегов Зайнудин: «У, нижер гьеб къукъаялъул хIаракаталда дагьав цевегIан тIадвуссана ункъго гIолохъанчи. Гьелдаса цебе жеги лъабгоявги тIадвуссинавизе бажарун букIана. Гьел тIадруссунарин абун гьанжелъизегIан рицунел рукIарал жал маргьаби руго. Буго гьезие тIадруссине рес. Гьеле гьеб бихьизабизеги бокьун буго нижее».
ЭР: Дагъистаналъул Жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев Вячеслав ХIасановас нижер радиоялъе бицун букIана дуца рехсарав гьев ункъавго гIолиласда щибго гIайибги гIунтIизабулеб гьечIин, гьел кIиабилеб къоялъ полициялдаса рокъореги риччанин. Рес бугищ цоги «рохьахъа» тIадруссине бокьарал хадусан рукIине рес бугел тамихIалде цIайгIадал полициялъул санкциязукьа хIинкъун рукIине?
ГIалибегов Зайнудин: «Дица гьедин рикIкIунаро. Гьале гьаб заманалда Хасавюрталъул полициялъ хIаракат бахъулеб буго мекъи ккарал гIолилазе кумек гьабизе. Хас гьабун полициялъул нухмалъулев Темиргереев Шамилица кьурал гарантиязда божун тIадруссарал руго гьел гIолилал. Нижер къукъаялъ рачунги рачIана гьел. Низам цIунулезулгун къотIиги гьабун букIана нижеца.
Аллагьасе рецIцI, гьев ункъавго гIолиласе тIубанго реабилитация гьабизе буго. Гьел руго жиде-жидер рокъор. Гьелгун дунги вукIана кIалъалев. Гьединал, тIадруссине бокьарал гIолилал рохьабахъ гIемерал руго. Лъаларо сунца яги лъица гьезие квал-квал гьабулеб бугебали. Гьединлъидал дица рикIкIуна жамгIияталъ гьезда бичIчIизабизе кколин гьездаса къисас босизе гьечIолъиян. Хасавюрталъул нухмалъулев ГIумаханов Сайгидпашацаги кIудияб квер-бакъи гьабулеб буго гьеб ишалъулъ».
ЭР: Чачаналъ цо заманалда билъанхъун букIана рохьахъе арал гIолилазул эбел-эмен яги гIагарал полициялъ рохьореги щвезарун жидерго васазде тIадруссаян ахIизе тIамулеб гIадат. Нужеца васал кин ахIулел рукIарал тIадруссине?
ГIалибегов Зайнудин: «Гьеле гьедин, улбузул гIахьаллъиялдалъун бажарун букIана тIоцебесев лъабго гIолилав рокъове вачине гьел сверун ккун рукIараб бакIалдаса».
ЭР: Рохьахъе ун ахIдолелищ нужги рукIарал?
ГIалибегов Зайнудин: «Рохьахъеги унел рукIана ниж. Гьелъул кумекги кканаха. Кин хIаракат бахъунги II чи тIадвуссинавизе кIванагури».
ЭР: ЛъикI буго. Гьел тIадруссана. Амма гьезул гьанжеги гьечIо цебегогIадин хIалтIиги, гьечIо гьеб щвезе бакIги, гьечIо киналгIаги хиса-басиял. Гьел доре ине рукIарал гIиллаби жеги цIунун хутIун ругеб мехалда, гьел нахъеги инарин абураб ракIчIей букIунищ?
ГIалибегов Зайнудин: «ХалтIуда бараб жо гьениб гьечIо. Кинабго буго гьелгун гьабулеб идеологияб хIалтIуда бараб. Буго гьаниб кисаялиго бачIараб исламияб фактор. Кин-щибали лъаларел нилъер гIолилалги божулел руго гьелда. Гьелъиеги руго гIемерал гIиллаби, 90-билел соназул бихха-хочиялдасан байбихьун».
Зайнудиницаги гьесул лъади Сапиятица ракьи лъазабуралдаса арбагI къо букIана ункъабилеб къолъун. Жидер васасде тIадвуссаян ахIи цоги кин балебали лъаларин жидедаян абуна Зайнудиница.