Гуржиялъ Дагъистаналъулгун гIорхъода рагъулаб операция.

Гуржия -- Лапанкури росулъе унел аскариял, 29Авг2012

Гуржиязул Жанисел ишазул министерлъиялъул лъазабиялда рекъон, дагъистаналъулгун гΙорхъода аскΙобехун бугеб Телави мухъалда тΙобитΙараб хасаб операциялъул хΙасилалда тΙагΙинавун вуго 11 диверсант.
Гуржиялъ Дагъистаналъулгун гIорхъода аскIоб бугеб Лапанкури абулеб росдал сверухълъиялда чIван вуго 11 яргъидгIуцIарав чи. Камиял ккун руго гуржиязул рахъалъеги. ЧIван вуго лъабго ва лъукъун вуго щуго чи. Операциялда гΙахьаллъун рагΙула тирелабиги нус-нус рагъулавги. Гьедин лъазабулеб буго «Новости-Грузия» абулеб сайталъ. Гьел баянал мухIкан гьаруна Эркенлъи Радиоялъул гуржиязул хъулухъалъул мухбир Ликликадзе Кобацаги гуржиязул Жанисел ишазул министерлъиялда мугъчIвайги гьабулаго.

Ликликадзе Коба: «Гуржиязул жанисел ишазул министрелъиялъ арбагI къоялъул бакъаниде лъазабулеб букIана Улка цIуниялъул министрелъиялъул аскаразул лъабго чи чIван ва щугояв лъукъун вугин. Гьединго лъазабулеб букIана диверсанталин абулезул II чи чIван вугин ва анлъгояв сверун ккун вугин ва гьеб заманалде гьеб бакIалда жеги халат бахъунеб бугин гьел кквеялъул яги тIагIинариялъул операцияйин. Гьебго заманалда мухIкан гьабулеб букIинчIо гьеб операция унеб бакIал киб бугебалиги».

ЭР: Гьел диверсанталин абулел чагIи щалали ва гьел кисаяли лъалеб бугищ?

Ликликадзе Коба: «Гьез гъоркьлъалие росарал гIадамал эркен гьарун хадуб тIибитIизабураб видеоялда гъоркьлъалие росун рукIараз цоцазда хадубгогIадин такрар гьабулеб букIана гьел чагIи лъикIаб куцалда яргъида рорчунги рукIанин, гьезда камуфляж ретIелги букIанин, гьезул киназулго халатал чIегIерал мугжулги рукIанин абун. Кинаб мацIалда гьел цоцалъ кIалъалел яги ккуразе хIинкъаби рукIаниги буюриял рукIаниги гьез кьолел рукIаралали жеги лъазабулеб гьечIо. Гьелъ рижунел руго гьеб ахIвал-хIалалда сверун дагьалги гIемерал суалалги батIи-батIиял щакдариялги».

Цебе лъазабулеб букIана гуржиялъул ракьалде рачIарал яргъидгIуцIарал гIадамаз гъоркьлъалие чагIи росун ругин. Хадубго тIибитIараб информациялда абулеб букIана гъоркьлъалие восарав кIиго чи эркен гьавун вугинги. Гъоркьлъалие росун рукIаразул рагIабазда рекъон, гьел квана-гьекъолеб бакIалдаса рачIунел рукIун руго ярагъгун кодоб халатал мугжул ругев 15-гIан чи гьезда дандчIвараб мехалда. Лъутизе къасд гьабуни жидеца нуж чIвалинги абун яргъидгIуцIараз гьел цадахъ рачун рукIун руго. Кин гьел эркен гьаруралали лъазабулеб гьечIо.

"Имеди" каналалъ лъазабулеб буго Гуржиялде Дагъистаналъул территориялдасан бачIун бугин 20гIан чиясдасан гIуцIараб яргъидрорчарал гIадамазул къукъайин. Ахираб лъабго къоялда жаниб гьез гъоркьлъалие босун букIанин бакIалъул гIадамазул лъабго къукъайин-кинабниги 10 чи. Хадуб тIокIал мухIканлъабиги рехсечIого лъазабулеб букIана гьел эркен гьаризе бажарун бугин.

Жиндирго иргаялда россиялъул къуватал идарабаз лъазабулеб буго россиялъулгун-гуржиязул гIурхъи бахиялъул киналгIаги хIужаби рукIинчIин ахирал къоязда, гьебги кIиябго рахъалдасанин. Гьедин лъазабулеб буго "Интерфаксалъ".

Кавказалда сверун эксперт Мамука Арешидзеца абун буго гIорхъода лъугьараб ахIвал-хIал Дагъистаналъул бусурбабазул рухIияв цевехъан шайих СагIид Апанди чIваялда хурхараб букIине рес бугин.
Арашидзел рагIабазда рекъон, чанго къо цебе гьеб мухъалда россиялъул рахъалда аскаразул концентрация цIикIкIине байбихьунги букIана.
Амма гьеб кIиябго лъугьа-бахъиналъул цоцазда хурхен хIакъикъаталдаги бугебищали жеги лъалеб гьечIин абулеб буго экспертаз.