Шайих чIваялъул жавабчилъи тIаде босун буго радикалаз

Шайих СагIид Афандил хобалда сверухъ, Чlикlаб росу, 29Авг2012

Шайих СагIид Афанди чIваялъул жавабчилъи тIаде босун буго «Ар-Рияду-с-Салихlин» жамагIаталъул дагъистаналъул гIаркьелалъ. Гьедин лъазабулеб буго радикалиял сайтазул цоялда.
ТIадехун рехсараб сайталда абулеб буго редакциялде бачIанин «Ар-Рияду-с-Салихlин» абулеб жамагIаталъул дагъистаналъул бутIаялъ тIаде босулеб бугин Шайих СагIид Афанди чIваялъул жавабчилъиян хъвараб кагъатин. Гьелда гьединго абулеб бугин жал кутакалда кIвар кьун гIенеккун ругин дагъистаналъул диниял ва политикиял лидераз бицунелда хадуб. Гьелъул анализги гьабун, кколел хIукмуял къотIизе ругин жидецайин. Гьезул цересел ишазде тIаде жидеца гьанжеселги журазе ругин.

Жидеда кIочон гьечIин чачаналъа Дагъистаналде мужагьидал рачIараб заманалда муфтияс рагъулазул ретIелги ретIун, жиндирго мисалалдалъун гьезие дандечIей гьабизе дагъистаниял ахIулел рукIараб куцин.

Кагътида гьединго хъвалеб буго «Ахльу сунна валь джамаа» ассоциациялъул гIалимзабазде жидеца рагьараб хитIаб гьабулеб бугин.
Гьениб хъвалеб буго аза-азар дагъистанияв къосинавурав чи чIваялде провокация ва тушбабазул ишин кинин нужеда абизе кIолебин ва жеги гIемераб.
Шайих чIван хадусел къоязда «Ахльу сунна валь джамааталъ» лъазабун букIана гьеб ишалъулъ жидер кинабгIаги гIахьаллъи гьечIин ва байбихьараб ракълилаб процесс чIезабизе гьечIин абун.

Гьал къоязда гIемерал экспертаз ва журналистаз борхулеб буго исана ихдал байбихьараб дагъистаналъул суфиязда ва салафиязда гьоркьоб ракълилаб процессалъул гьанже щиб ккезе бугеб, халат бахъинейищ бугеб гьеб щвараб бакIалдайищ хутIизе бугебин абурал суалал.

Гьединго гьал къоязда интернеталда тIибитIизабун букIана республикаялъул муфтиясул лъади ХIамзатова ПатIиматица хъвараб «Худайбиялъул «ракълилаб» къотIи-къай» абураб макъала. Гьелда гьелъ мухIканго бицунеб буго тIадехун рехсараб дагъистаналъул суфиязда ва салафиязда гьоркьоб ракълилаб къотIи-къай гьабиялъе рукIарал гIиллабазул, гьеб диалог унеб букIараб куцалъул ва гьеб заманалда кIиябго рахъалъул букIараб хьвада-чIвадиялъул. Бицунеб буго макъалаялда гьеб диалогалъулъ шайих СагIид Афандица кколеб букIараб бакIалъулги.

ПатIиматил рагIабазда рекъон, щиб гьабунги диалог халат бахъинабейин абулеб букIун буго шайихас ва гьебго заманалда гьес гьелда абун букIун буго: «Дуца вагьабиязе журнал гьабизе рес гIадада кьун буго, гьез жидерго хасият киданиги хисуларо», -ян.

Киреха жакъа щун ругел салафиязда ва суфиязда гьоркьор кIалъа-ралъаял ва кинаб бугеб гьезул букIинисеб? Гьеб суал нижеца кьуна щибаб анкьица дагъистаналда къватIибе бачIунеб «Миллат» газеталъул редактор БисавгIалиев МухIамадие.

Your browser doesn’t support HTML5

БисавгIалиев МухIамад:



Журналист Латынина Юлиял пикруялда салафиязда ва суфиязда гьоркьор бицинегIанасел кIалъа-ралъаялго рукIинчIо. Гьел рукIаралги халат рахъинаризе бокьун батани гьабизе кколеб жо гьелъ гьадин бичIчIизабуна.

Латынина Юлия: «Дида ккола гъваридал ракълилал кIалъа-кIалъаял гьезда гьоркьор рукIинего рукIинчIин. Гьел халат рахъинариялъулги магIна бихьуларо дида ракълилалин абулел салафияз гьеб акт ва «рохьилазул» ишал гьез кьварун какичIони. Дида рагIана гьеб ракълилаб процессалда гIахьаллъарал салафиязе «рохьилаз» гIурал хIинкъаби кьун ругин. Амма аслияб суал буго жалго легалияллъун ва ракълилаллъун рикIкIунел салафияз Шайих чIвай какиялъулъ. Гьеб какиялъул бакIалда, ракълилаб процесс хвезабизе теларин, гьеб бугин нилъ цоцалъ рагъизе гьабураб ишин, гьеб «бидулаб ФСБ» лъул иш бугин ахIдолел гьел ругони, гьеб кинаб букIанги ракълилаб процесс букIунаро. Гьеб буго салафиязул ххвелал гьари».

Хас гьабун гьанже СагIид Афанди чIваялъе гIиллалъун щиб букIине бегьулеб ва гьелъ сунде рачине рес бугеб?

Журналист Латынина Юлия

Латынина Юлия: «Балагьизе ккола гьеб киналдего СагIид Афандил муридазул реакция кинаб букIине бугебали. Дида ккола гьеб кьварараб букIине бугин. Цоги иш буго гьезда рохьилал кир ратилелин абураб. Гьел бигьаго ратулел чIаги гурелъул. Гьанибго абизе ккола СагIид Афандил муридазул гIемерисел хIакъикъаталдаги полициягун рекъон хIалтIулел ругин ва гьез рохьилал церегоялдаса ралагьулелги ругин. Жеги абизе ккола гьезда гьел ратулелги ругин.

СагIид Афанди чIвазе цебеги къасд гьабун букIаниги гьев гьанжелъизегIан чIвалев вукIинчIо гьелде букIине бегьулеб реакциялъукьа хIинкъун. Гьеб реакция 1999 соналда букIаралда релъараб букIине рес букIана. Гьеб мехалда Дагъистаналда шаригIат чIезабизе салафияз хIаракат бахъараб мехалда тIатун букIана дагъистаниязул цIикIкIунисеб халкъ гьезул рахъалда гьечIолъи.

Гьанже СагIид Афанди чIваялъе гIиллалъун букIине бегьула, жидее бокьараб тIолабго республикаялда тIибитIизабизелъун, жал гIураб куцалда къуваталда ругин салафиязде ракIалде ккей.

Дие бокьун буго гьанибго нужер кIвар буссинабизе СагIид Афанди чIваялъул жавабчилъи тIаде босараб гьезул лъазабиялда абулеб бугелде. Гьез абулеб буго жидеца кутакалда кIвар кьун хал ккун бугин гьев чIваялда бан кинав динияв ва политикияв хIаракатчияс кинаб лъазаби гьабулеб бугебалиян. Гьелъул магIана буго жидее гьеб бокьичIони нужее щиб гьабилебали жидеца бихьизе бугин абураб».

Латыниналъул пикруялда гьеб кинабго буго жакъа республикаялъул тIалъиялъ билъанхъизабулеб бугеб политикаялъул хIасил ай, гьелъул пикруялда, гьез щибго гьабулеб гьечIолъиялъул хIасил. Гьелъго абулеб буго салафиязде данде тIалъиялъ кинаб гали лъуниги гьез гьеб жидерго бергьенлъи хIисабалда къабул гьабулеб бугин. Жакъа Шималияб Кавказалда бугеб ахIвал-хIалалъ гьеб Россиялъе камиялде рачине рес бугин рикIкIунеб буго журналисталъ.

Латынина Юлия: «Гьеб проблема лъикIаб хIасилгун рагIалде бахъинабизе рес букIуна гIицIго къанунал хIалтIулеб ва демократияб улкаялда. Масала, Америкалда радикалияб исламалъул проблема букIаниги, улкаялъе жигьад лъазавурав Бин Ладен вукIана, амма гьелда бан улка биххичIо. Мисри, Либия, Судан, СириягIадал радикалияб исламги бугел нухмалъмялъул букIине кколеб системаги гьечIел улкабазул тIалъи хисиялде яги улка биххиялде рачуна гьелъ. Дида ккола Кавказалда цIа гвангъун рекIун бугин ва гьанже гьеб свинабизе ресги гьечIин. Щибха гьабилеб? Кавказ камилеб батилаха».