Дагъистаналдаса гIолилал армиялде ахIизе улка цIуниялъул министерлъиялъ гьукъун букIиналъул бицунеб баян тIибитIизабуна информалатаз гьал къоязда. Гьелъие гIиллалъун рехсолеб буго Кавказалдаса гIолилаз хъулухъ гьабулел бакIазда гIадлу- низам хвезабиялъул ва цадахъ ругел гIурус миллаталъул васал инжит гьариялъул хIужаби цIикIкIунел рукIин. Амма республикаялъул Рагъулав комиссарас абуна Улка цIуниялъул министерлъиялъ официалиб куцалда гьединаб хIукму гьабун гьечIин, букIарбани гьеб жинда лъазе букIанин.
Дагъистаналдаса, гьединго Шималияб Кавказалъул республикабаздаса гIолилал армиялде ахIунгутIизе Улка цIуниялъул Министерлъиялъ официалияб гуреб бюрухъ кьун букIиналъул бицунеб лъазаби бачIана гьал къоязда къватIибе. «Кавказалъул Политика» абураб сайталда бахъун буго гьелда тIасан дагъистаналъул «Черновик» газеталъ хIадурараб кIудияб баян. Улка цIуниялъул министерлъиялъул тIалаб тIубачIолъиялъухъ югалъул федералияб мухъалда ругел рагъулал комиссариатазул чанго нухмалъулел хIалтIудаса рахъун ругиланги хъвалеб буго гьебго баяналда.
Дагъистаналдаса гIолилал армиялде риччазе гьечIолъиялъул хабар цебего букIана, ихдал армиялде ахIиялъул тадбир республикаялда байбихьулеб мехалъго бицунеб букIана гьелъул хIакъалъулъ. Амма республикаялъул Рагъулаб коммиссариаталъул нухмалъулев МустIафаев Даитбегица бахчулеб букIанин гьеб баянилан рикIкIунеб буго тIадехун рехсараб макъалаялъул автораз. Гурони кисаги босунин гьес исана ихдал Дагъистаналдаса 2780 чи витIизе хъулухъ гьабизеян абураб. Рагъулав комиссарасул рагIабазда рекъон 2011 соналъ Дагъистаналъ витIун вуго хъулухъ гьабизе 3500 чи.
Амма цогидал баяназда рекъон гьабсагIаталда Дагъистаналдаса гIолилал къабул гьаризе разилъулел руго гIицIго Россиялъул жанисел ишазул аскариял. Пачалихъалъул Думаялъул депутат МухIамад Къади ХIасановасулги, Москваялда вугев Дагъистаналъул вакил МухIамад Сайгидовасулги жанисел ишазул аскариязул бетIерав нухмалъулев Рогожкин Николайилгун букIараб дандчIваялъ квербакъи гьабун рагIула гьелъие. Гьедин, цогидал аскарияз Дагъистаналъулал къабул гьаризе инкар гьабидал ракIалда букIараб 16 азарго чиясдаса 2000 чиясде швезегIан дагь гьабизе ккун буго армиялде ахIулезул къадар. Цебесеб соналъ гьеб гIодобе ккун букIун буго 1000 чиясде швезегIан, гьеб мехалъ киса босраб тарихин Дагъистаналъул рагъулав комиссарас 3500 чиясул къадаран гьикъулеб буго «Кавказалъул Полтикаялда» гьал къоязда бахъараб макъалаялда.
Дагъистаналдаса гIолилаз хъулухъ гьабулел бакIазда гIадлу низам хвезабиялъул хIужаби рукIин бахчичIо «Эркенлъи» радиоялъе гьабураб гара- чIвариялда республикаялъул Рагъулаб Комиссариаталъул нухмалъулес, амма абуна гьединазул къадар дагьаб гурони гьечIин, гIемерисел гIолохъабаз хъулухъ ракIбацIцIадго тIубалеб бугин.
Даитбег МустIафаев: « ГIемерисел нилъер гIлолилаз хъулухъ такIбацIцIадго тIубазабулеб буго, командиразул рахъалдаса гьездехун щибниги дагIбаги гьечIо. Узухъда руго гьезда гьоркьоргиха армиялда чIезабураб низамалда рекъон хъулухъ гьабизе разилъуларел , цадахъ ругел инжит гьарулел, гьезухъа жо бахъулел гIолохъабиги. ДагIба гьечIо гьединал мисалал рукIиндал нилъер гIолила къабул гьаризе бокьуларел бакIалги ратила , амма чIван къотIун гьединал бакIал ругилан абизе дида кIоларо».
Дагъистаниял армиялде рачунгутутIизе бугеб лъабго гIилла рехсолеб буго: гьебги, цере лъурал рагъулал низамал тIурангутIи, цадахъ ругел гIурус миллаталъул васал инжит гьари, ва жидеего бокьун хъулухъ гьабулеб рагъулаб бутIа рехун тей.
Гьеб гуребги интернеталда руго гьел хIужаби тасдикъ гьарулел чанго видеороликал, дагал -гьеб ккола къуват абун гIурус солдатасул гIицIаб бетIералда хъвай -хъвагIай гьарун бахъараб сурат ва цогидалги мисалал.
Амма Дагъистаналъул рагъулав комиссар Даитбег МустIафаев рази гьечIо гьединал мисалал сабаблъун Дагъистаниял армиялде ахIизе инкар гьабун бугилан биччараб хабаралда, официялиб куцалда гьабураб хIукму гьечIин, букIарабани гьеб жинда лъазе букIанилан абуна гьес ЭР-ялъе.
Даитбег МустIафаев: «Батизеги бегьула гьединаб хIукму гьабун, букIарабани гьеб дида лъазабизеги букIана. Амма гьадин хIисаб гьабуни гьеб буго букIине рес гьечIеб жо, щай гурелъул интернационалияб хIукуматалда гьединал жал рукIине рес гьечIо. Россиялъул армиялда хъулухъ гьабула башкиразги, татаразги, цогидал миллатазги, нахъеги абила, букIине рес гьечIеб жо буго гьеб».
Дагъистаналдаса армиялде ине бокьаразда гьоркьор аслияб куцалда рукIуна тIадегIанаб лъай щварал гIолилал, цIалуда рекъон хIалтIи къваригIун, рагъулаб билет щвезе гIололъун хъулухъ тIубазе унел. Амма рагъулаб билет цIехолеб бакI республикаялда килщазда рикIкIине бегьула: гьел ккола къуваталъул идараби, хасаб бетIергьанлъиялал хъаравулазул гIуцIиял ва лъабабилеб абуни контракталда рекъон добго армиялда хъулухъ гьаби.