Россиялъул культураялъул министерлъиялъ хIукму гьабуна Кавказалдаса гIадамал лъикI рихьиялъулги миллатазда гьоркьоб рокьукълъи лъугIизабиялъулги мурадалда гьезул хIакъалъулъ фильм бахъизе. Гьединаб пикру гьезие Америкаялъул продюсераз кьун рагIула. Россиялда жаниб Дагъистаналъул имидж гIуцIиялъулги гьал къоязда МахIачхъалаялдаги бицана.
Гьеб тадбир тIобитIана Дагъистаналъул тIалъиялъул квербакъиялдалъу н. Гьенире ахIун рукIана журналисталги, блогералги, жамгIиял хIаракатчагIиги. Халкъияб Мажлисалъул депутат Марина Абрамкиналъ абулеб бугоан рачIайин къануналда рекъон гIумру гьабизе, рачIайин нилъерго гIун бачIунеб гIел куцазе, республика тун къватIир кинаб хьвада-чIвади нилъер батаниги, гьединаб цIар чIвалин нилъеда киназдаго.
Амма дагъистаниязул рахъалъ къватIиб пикру квешаб букIин гIицIго гIадлу хварал гIоркьилазда гуребги, тIадчагIазда барабги бугилан дагIба бала дагъистанияз. Масала, Дагъистаналде инвестициял рачIинаризелъун республикаялъул нухмалъулев кигIан векерахъданиги щибдила, гьел инвестициял рикъизе чан къан чIарал, ялъуни хIалтIизе лъаларел хIакимзаби республикаялда ругеб мехалда. Гьединлъидал республикаялъул нухмалъулес мухъазул нухмалъиялдаги цогидал жавабиял бакIаздаги гIадамал бажариялъухъ балагьун тезе кколин, жиндие хIелиялъухъ балагьун тезе кколарин кIалъана гьеб данделъиялда Гъазихан Къурбанов. Табасаран мухъалда ришватчилъиялда данде комитет гIуIцун буго гьесги гьалмагъзабазги. Жидер мухъалда вугев нухмалъулев хъулухъалдаса вахъизе къеркьолаго чанго сон буго гьезул. Амма хIасил кколеб гьечIо.
Дагъистаналъул хIакимзабаз абула дунялалда ва Россиялда республика квеш бихьиялъе гIайибиял, цо рахъалъ, журналисталги ругилан. Щайин абуни чIвай-хъвеялъулг и, рикъа-хъамиязулг и, инсанасул ихтиярал хвезарулел цогидал хIужабазулги гурони, Дагъистаналъул маданиятги, тарихги, гIадамазул берцинаб рукIа-рахъинги бихьизабулел репортажал кьоларила гьез къватIире. Амма хIакъикъаталда республикаялда ругел гIузрабазул бицинчIого тей журналистаздаги бичIчIулеб гьечIо.
Авартеатралъул литературияб БутIаялъул нухмалъулей ИзахIат Сайпудиновалъ рикIкIунеб буго Дагъистаналдаса рагIараб цо гIиси-бикъинаб хIужагицин Россиялъул прессаялъ кIодо-кIодоги гьабун кьолеб бугилан.
ИзахIат Сайпудинова: "Россиялда кколел цо-цо лъугьа-бахъиназ гIажаиб гьарун рукIуна. Гьединал жал Дагъистаналда къанагIат гурони кколаро. Амма доз цIакъ гIочIода чIвалаха гьанир кколел жал".
ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда Россиялъул мустахIикъай артистка Сидрат Мажидовалъ ракIалде щвезабулеб буго советияб заманалда улкаялда гIумру гьабулел гIадамазда гьоркьоб букIараб гьуинлъиги гьалмагълъиги.
Сидрат Мажидова: "ГьабсагIаталда бугеб чорклъиги, чIвай-хъвейги, цогидабги буго жахIда-хIусудалдасан бачIараб жо... Нилъерал квеш рихьизарулеб мехалда нилъеразе бокьулеб гьечIо. Гьедин батани, къан рачIчIалгун чIайин абизе ккелаха. Гьанир гъалмагъиралда ругел чагIи доре Россиялде индалги гьебго жо гьабулел рукIунел руго".
Фейсбукалдаги гьоркьоб лъун букIана гьеб суал. Гьениб цо-цояз дагIба балеб бугоан Дагъистаналда информациялъул суал тIаде кколел гIадамазда, масала, Зубайру Зубайруевасда. Гьев ккола информациялъулгу н анализалъул рахъалъ Дагъистаналъул нухмалъулесда цебе гIуцIараб БутIаялъул нухмалъулев.
Muhammad Cezi Al Dagistani абулев блогерас хъвалеб буго Дагъистаналъул информациялъул политика цIияб даражаялде бачине бажарулел гIезегIан журналистал ругин "Черновик", "Настоящее время", "Новое дело" газетазда хIалтIулел.
Блогераз аслияб куцалда гъегъ балеб буго Зубайруевасде. Амма цохIо гьев ахIун течIого гьеб тадбиралде цогидал хIакимзабиги ахIизе кколаанин хъвалеб буго цогидаз.
Журналист Байрам ГIабдулаевасул пикруялда рекъон, Дагъистаналъул имидж ккола Дагъистан тун къватIибги дагъистаниязул хIакъалъулъ пикру лъикIаб букIин, Дагъистаналде рачIине гьалбал хIинкъунгутIи, "Экспресс" гIадаб банкалда гIарац лъезе инвесторал хIинкъунгутIи.
Цеве журналистикаялда хIалтIулев вукIарав Тамерлан МухIамадовас кIвар буссинабулеб буго Зубайруевас журналистазе гIорхъичIваялги гьукъа-къаялги гьаризехъин рукIиналде. ГIицIго жидедехун руссарал журналистазул къокъаги гIуцIун цогидал журналистал данде рагъизарулел ругин тIадчагIазин рикIкIунеб буго гьес.
Гульнара Жамалова абулей блогералъ рикIкIунеб буго Россиялъул информация тIибитIизабулел алатазда бараб жоги бугин гIемераб. КигIан дагъистанияз жал берцин рихьизарулел ругониги щибго мунпагIат гьечIин къойилго доз дагъистаниял бецIал гIадамаллъун, хъачагъаллъун рихьизарулел ругони. Гьелъ мисалалъе бачунеб буго лезгияз Москваялда гьабулеб букIараб бертинги. БахIаралги рачун автомобилалда унаго, гьаваялде кьвагьдолел рукIанилан, улкаялдаго суризаруна гьел. Гьел гIолохъабийин абуни гIезегIан лъайги бугел, лъикIал хъулухъазда Москваялдаги хIалтIулел васал ругила.
Амма дагъистаниязул рахъалъ къватIиб пикру квешаб букIин гIицIго гIадлу хварал гIоркьилазда гуребги, тIадчагIазда барабги бугилан дагIба бала дагъистанияз. Масала, Дагъистаналде инвестициял рачIинаризелъун республикаялъул нухмалъулев кигIан векерахъданиги щибдила, гьел инвестициял рикъизе чан къан чIарал, ялъуни хIалтIизе лъаларел хIакимзаби республикаялда ругеб мехалда. Гьединлъидал республикаялъул нухмалъулес мухъазул нухмалъиялдаги цогидал жавабиял бакIаздаги гIадамал бажариялъухъ балагьун тезе кколин, жиндие хIелиялъухъ балагьун тезе кколарин кIалъана гьеб данделъиялда Гъазихан Къурбанов. Табасаран мухъалда ришватчилъиялда данде комитет гIуIцун буго гьесги гьалмагъзабазги. Жидер мухъалда вугев нухмалъулев хъулухъалдаса вахъизе къеркьолаго чанго сон буго гьезул. Амма хIасил кколеб гьечIо.
Дагъистаналъул хIакимзабаз абула дунялалда ва Россиялда республика квеш бихьиялъе гIайибиял, цо рахъалъ, журналисталги ругилан. Щайин абуни чIвай-хъвеялъулг
Авартеатралъул литературияб БутIаялъул нухмалъулей ИзахIат Сайпудиновалъ рикIкIунеб буго Дагъистаналдаса рагIараб цо гIиси-бикъинаб хIужагицин Россиялъул прессаялъ кIодо-кIодоги гьабун кьолеб бугилан.
ИзахIат Сайпудинова: "Россиялда кколел цо-цо лъугьа-бахъиназ гIажаиб гьарун рукIуна. Гьединал жал Дагъистаналда къанагIат гурони кколаро. Амма доз цIакъ гIочIода чIвалаха гьанир кколел жал".
ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда Россиялъул мустахIикъай артистка Сидрат Мажидовалъ ракIалде щвезабулеб буго советияб заманалда улкаялда гIумру гьабулел гIадамазда гьоркьоб букIараб гьуинлъиги гьалмагълъиги.
Сидрат Мажидова: "ГьабсагIаталда бугеб чорклъиги, чIвай-хъвейги, цогидабги буго жахIда-хIусудалдасан бачIараб жо... Нилъерал квеш рихьизарулеб мехалда нилъеразе бокьулеб гьечIо. Гьедин батани, къан рачIчIалгун чIайин абизе ккелаха. Гьанир гъалмагъиралда ругел чагIи доре Россиялде индалги гьебго жо гьабулел рукIунел руго".
Фейсбукалдаги гьоркьоб лъун букIана гьеб суал. Гьениб цо-цояз дагIба балеб бугоан Дагъистаналда информациялъул суал тIаде кколел гIадамазда, масала, Зубайру Зубайруевасда. Гьев ккола информациялъулгу