Дагъистаниял - Россиялъул информалатазе данде

Россиялда бугеб кавказофобиялде данде митинг, Махlачхъала, 14Окт2012

Москваялда гIумру гьабулел дагъистаниязул хIукму ккана бахIаралги рачун унаго улкаялъул тахшагьар бакьулъ лезгиязул гIолохъаби гьаваялде кьвагьдолел рукIанин, гьелдалъун гьез речIчIун бачIараб жоялъ цо васасул кIаркьен хъащтIинабунин, гьединго гIадамазул рахIатхвезабунин абурал харбал тIиритIизарурал информалатазда тIасан диваналде гIарзаби хъвазе.

Гьединаб мурадалъ данделъарал дагъистаниязда гьоркьор рукIана ФЛНКА абулеб лезгиязул миллиябгун культурияб атономиялъул вакилзаби, «Здравый смысл», Москваялда гIумру гьабулел дагъистаниязул ассоциациялдаса гIолохъаби, журналист Максим Шевченко, Дагъистаналдаса политолог Денга Халидов ва цогидал.

Москваялда бертин гьабулел рукIарал лезгиязда бугьтанал бищун цебе Лайф-ньюс каналалъ лъунин абулеб буго гьез. Омонгун цадахъ гьезул журналистка ятанила жидеда цо бакIалда гъоркьчIелги гьабун. Журналист Максим Шевченкоца абуна гьел бугьтанад лъурал киналго информалатазда тIасан хъвазе кколила диванханабазде гIарзаби, амма битIараб бицани, Лайф-ньюс гьоркьобе унеб холдингалъул бетIергьанас тIаса лъугьин гьаранила гьеб киналдасаго хадуб. «Комсомольская правда» газеталъин абуни гIатIидал макъалаби кьунила гIурусазул миллатчагIазул баяназде мугъчIвайги гьабун. Москва бакьулъ кьвагьдечIолъиги, полициял хIакъир гьаричIолъиги, жеги цогидалги хIужаби якъинлъидалги гьеб газеталъ тIаса лъугьин гьарун цо мухъгицин хъвачIин абуна Шевченкоца.

Москваялда букIараб данделъиялда гIахьаллъарав Халидов Денгаца рикIкIунеб буго лъица гьабулеб батаниги, Дагъистаналъул халкъал москваялъулазда рихинаризеги, президент Путинил политикаялда дандеги хIалтIулел чагIаз ургъараб жо бугин гьеб кинабгойилан.

Халидов Денга: «Москваялда гьаб телевидениялъги журналистазги гIайиб гьечIел чагIазда тIасан гьерсалги хъван, москваялъулазул ццим бахъинабуна Дагъистаналъул халкъазда. Дида ккола нилъер чагIи ругин цо кIудияб программаялда гьоркьоре ккун - Черкесовасулги, Мирзаевасулги, гьеб бертадулги иш – гьеб лъилалиго тIадкъаялдалъун гьабулеб жо бугилан, Дагъистаналъул хIакъалъулъ расниги лъикIаб жо бицине бокьун гьечIин гьел чагIазе. Гьезул мурад буго капкиде ккезегIан Дагъистан каки».

Информация тIибитIизабулел алатаздасан абулеб букIана бахIарасда цадахъ рукIараз кьвагьун бачIараб жоялъ гъурараб цIорол кесекги щун цо гьитIинав васасул кIаркьенги хъащтIинабун бугилан. Амма резинадул гуллица цIер гъуризе кин кIолебали бичIчIулеб гьечIо гьеб берталъ рукIаразда.

Араб гьатIанкъоялъ МахIачхъалаялда Авартеатралда цебе тIобитIана митингалдаги бицана гьеб бертадул.

Митингалъул гIахьалчи: «Информация тIибитIизабулел алатазде хитIаб гьабизе бокьун буго кидалъагIан нужеца гьерсал рицине ругел, кидалъагIан нужеца гIиси-бикъинаб жо кIодо-кIодо гьабун бицине бугебан. ЦIех-рехчагIаз мугъчIвай гьабулел чагIи ккола аслияб куцалда нугIлъи гьабизе жидецаго ралагьарал гIадамалги, сенсациял къваригIиналъ бокьараб бугьтан лъезе хIадурарал журналисталги».

Бертадул бетIергьабазги гьалбадеридаги гьеб кинабго бихьулеб буго дагъистаниял сурун рихьизаризе къваригIинлъун. Гьединго гьабсагIаталда кавказиязда сверухъ Россиялда, Москваялда гьарулел ругел хIаял улкаялъулго трагедия кколин абулеб букIана митингалде рачIараз.

Москваялда дагъистаниязде «гъегъ базе байбихьиялда» хурхун гьал къоязда данделъараз къабул гьабураб резолюциялда хъвалеб буго кавказалъул центр гIуцIизе хIажат букIиналъулги. Гьелъ квербакъизе бугила Россиялда кавказиязда бугьтанал лъеялдаги, миллатчилъи бихьизабиялдаги дандечIезе.