Дагъистаналъул миллияб политикаялъул, диналъул ишазул ва къватΙисел бухьеназул министерлъиялъ лъазабун буго Audi A8 Tip Quattro абураб автомобиль бичулеб фирма-диллер балагьулеб букΙиналъул хΙакъалъулъ. Рехсараб машинадул багьа бахунеб рагΙула щуго миллион гъурщиде. Министерлъиялъ гьединаб гΙарза пачалихъалъул хасаб интернет-порталалда бахъарабго, гьелда сверун информациялъул алатазда, хасго интернеталда багъарана ахΙи-хΙур.
Электронияб аукцион тΙобитΙизе рагΙула 19 декабралда. Автомобиль щвезабизе кколеб буго Москваялде.
Проекталъул документациялда рекъон, машинаялъул моторалъул къуват букΙине кколеб рагΙула 420 чуялъул къуваталдаса гъоркье гьечΙеб, максималияб хехлъи – сагΙтида жаниб 250 километр. СагΙтида жаниб Ι00 километралъул хехлъиялде гьеб бахине кколеб рагΙула 4,5 секундалда жаниб. Хехлъи хисизабулеб Tiptronic абураб микьго даражаялъул аппарат букΙине кколеб буго автоматикияб. Амма - къваргΙел бугеб мехалда кверзуца хΙалтΙизабизе рес бугеб ва спортивияб режималде буссинабизе бегьулеб. Кьер букΙине кколеб рагΙула чΙегΙераб, кунчΙиялъул эффектгун.
Гьеб гуребги, автомобилалда жаниб букΙине кколеб буго системабазул хΙалтΙул контроль гьабулеб 20 гигабайталъул мультимедиа, 13 динамик ва саббуфер бугеб 600 ватталъул къуват бугеб 12 каналъул акустикияб система ва машинаялда нахъ нахъ бугеб бихьизабулеб видеокамераги парковкаялъул датчикалги.
Дагъистаналъул миллияб политикаялъул, диналъул ишазул ва къватΙисел бухьеназул Министерлъиялъ босулеб автомобиль, тендералъул материалаз бихьизабухъе, къваригΙун рагΙула Россиялъул президентасда цебе бугеб дагъистаналъул вакиллъиялъе официалиял хъулухъчагΙазе ва делегациязе хъулухъ гьабиялъе.
Дагъистаналъул министерлъиялъул план загьирлъарабго, хасго интернеталда багъарана информациялъулаб ахΙи-хΙур. Блогераз кΙвар буссинабуна, гьеб машина Президентасда цеве дагъситаналъул вакиллъиялъул бетΙер МахΙачев ХΙажие босулеб букΙиналде ва жибго хΙужжаялъ жакъа гьедингоги квешаб бербалагьи жинде бугеб Дагъситаналде рокьукълъи дагьалъги цΙиккинабулеб букΙиналде.
Дагъистаналъ информациялъулаб политикаялъул министр ХΙажиев Нариманида лъалеб гьечΙо кинаб букΙараб къваргΙел гьединаб машина босиялъул. Аммаян абулеб буго гьес, вакиллъиялъе «Приора» машана босулеб букΙарабаниги, берцинаб букΙинароанин.
ХΙажиев Нариман: «Дида лъаларо, сунца гьеб босиялъул къварагΙел баккизабурабали. ГΙадатияв чи хΙисабалда пикру биччазе бегьула, гьеб машина вакиллъиялъе босулеб батани, вакиллъиялъул къваргΙелазе батилин абураб. Баянаб жо ккола, гьенив щивниги "Приораялда" рекΙун вукΙанареблъи. Гьеб ахΙ-хΙур багъарун батила, гьез гьединаб хирияб Audi босулеб букΙиналда бан. Амма гьеб босулеб гьечΙо Миллатазул министерлъиялъе, гьеб босулеб буго Москваялда бугеб вакиллъиялъе. Батила официалиял тадбиразе, батила гьениве щибаб анкьалъ хъулухъалъул ишал тΙаразаризе щолев республикаялъул бетΙерасул къварагΙелазе, батила цогидал мурадазе.»
Жакъа чΙечΙого «ГΙела Кавказ хьихьараб» абун нациоаналистал ахΙдолеб фоналда, гьеб кколарищ гьезие сайгъат? Хасго гьез бищунго гьитΙинаб хΙужжа понцΙун кΙудияб лъугьа-бахъиналде буссинабулеб мехалда?
ХΙажиев Нариман: «Миллатчазе сайгъатлъун бокьараб жо букΙине бегьула. Гьеле Расул Мирзаев туснахъалдаса виччана. Кколищ гьеб националистазе сайгъат. Кколаро. Гьеб лъиелиго ракΙалъе гΙолеб батичΙони, гьев туснахъалда туризавизейищ кколев?
Буго къанун. Къанун хвезабун бугищ яги гьечΙищ? Гьедин лъезе ккола суал. Къануналда рекъон, гьеб конкурс букΙине кколеб батичΙони, антимонополияб хъулухъалъ нахъе бахъизе ккола гьеб. Щибха гьаниб абизе бегьулеб? Бокьараб жоялда бегьула негатив батизе.»
«Халкъалъе щиб пайдаяб жо ургъун букΙине кколеб гьел хъулухъчагΙазул бутΙруз, щуго миллион гъурщил багьаялъул машинаялда гурони жидерго нахъбакΙ лъезе разилъичΙого рукΙине ккани?» - абун суал лъолеб буго Facebookалда «Яблоко» партиялъул дагъистаналъул бутΙаялъул бетΙер Эседов Альбертица. Нижер программаялъе комментариял гьарулаго, гьебго пикру такрар гьабилелада цебе Эседовас абуна, гьадинаб захΙматаб хΙалалда халкъ бугеб мехалда, гьединал хириял машинаби росулел хъулухъчагΙазул нич, яхΙ, намус букΙиналда жив цΙакъ щаклъулев вугин.
Эседов Альберт: «Щиб гьез гьедигΙанго гьабулеб бугеб, гьелдаса учузаб машина босизе гьел хΙадурал ратичΙони. Кколарищ гьел нахъе цере балагьизе, мисалалъе кинаб социалиябгун-экономикияб ахΙвал-хΙалда республика букΙиналде, абухъего, гьел халкъалъул «лагъзаби» ратани? Щиб, халкъ бечΙедго гΙумру гьабунищ жакъа бугеб Дагъистаналда?!
Гьеле босе тΙабигΙияб балагьалде ккун букΙараб Дербент. Лъазабулеб буго зарал ккаразе компенсацияби кьун ругин. Кьун ратани, щай гьабсагΙатги ругел кумек щвечΙел чагΙи? Гьебги щиб хасел кΙалтΙуялде щун бугеб мехалда. Гьениб пачалихъалъ гьабулебщинаб гьабулеб буго тохго. Гьединаб фоналда гьединаб хирияб машина босизе хиял буго гьезул тохлъукьего. Тохлъукьегоян абурабги мекъаб букΙине батила. ТалихΙалъ, нилъер журналистал, блогерал кверазда тΙад квералги лъун чΙун гьечΙелъул. Гьай-гьай гьединаб галиги къабул гьабилищха гьез парахатаб хΙалалда.»
ТΙоцебесеб нухалда гуреб загьирлъулеб бугеб гьединаб информациялъулаб ахΙи-хΙур. Мисалалъе, Чарада мухъалъул администрациялъ гΙарза хъван букΙана 700 азаргоялдаса цΙиккун гъурщил хΙажатханаялъул тагΙелал росиялъул, ГΙахъуша мухъалъул администрациялъ босулеб букΙана лъабго миллионалдасаги цΙиккун гъурщихъ «Toyota» машина. Блогер Алексей Навальныяс кΙвар буссинабун, босичΙого хутΙана Республикаялъул финансазул министерлъиялъе микьгогун бащдаб миллионалъухъ Audi автомобиль. Гьебго заманалдаян хъвалеб буго блогераз, республика хутΙулеб буго дотацияби жинде риччалеблъун. Гьелдаго цадахъ республикаялъул бетΙерас гьарулеб буго тΙадеги гΙарац, гьел дотациял гΙолел гьечΙин республикаялъе абун.
Блогеразда жидерго хириял гΙарзаби ратΙичΙого рукΙиналъе гьанже пачалихъиял хъулухъчагΙи унел руго батΙи-батΙияб сихΙруялде. Мисалалъе, гьез хΙалтΙизарулел руго латиницаялъул хΙарпал гΙарзаялъул аслиял рагΙабазда. Гьелъин абуни интернеталда гьел гΙарзаби ралагьи захΙмалъизарулаян, хъвалеб информациялъул алатаз.