Журналист ва хъвадарухъан Юлия Юзикица гьал къоязда лъазабуна жинца Дагъистаналда гIахьаллъи гьабизе бугин Пачалихъияб Думаялде депутатал рищиязулъ. Рищиязулъ Юзикие квербакъи гьабизе бугила Михаил Ходорковскиясул «Рагьараб Россия» абураб чвахиялъ. Цо-цо политологаз лъазабулеб буго Юзик Дагъисталда лъалей гIадан гурин ва гьелъие гьаниб бакI гьечIин. Жийго журналисталъул рагIабазда рекъон, ракIалдаго букIинчIеб кверакъи бихьулеб буго гьелда дагъистаниязул рахъалъ.
«Аллагьасул бахIарал» абураб тIохьол автор ва журналист Юлия Юзикица Пачалихъияб Думаялде рукIине ругел рищиязда кандидатура лъун буго Дагъистаналда. 2000-2003 соназ Россиялда терактал гьарурал 24 батIия чачаназул, жалго жидецаго кьвагьун хварал ясазул хIакъалъул хъвараб «Аллагьасул бахIарал» абураб тIехь гуребги Дагъистаналъул хIакъалъулъ хъвараб тIехь хIадур гьабун бугин, кватIичIого къватIибе бачIинеги бугин гьебин баян гьабуна Юлия Юзикица «Эркенлъи» радиоялъе.
Журналисталъе рищиязда квербакъи гьабулеб буго «Рагьараб Россия» абураб Михаил Ходорковскиясул чвахиялъ.
Дагъистаналда оппозиция кидагоги къабул гьабулин багъа-башари бижизабулел гIадамал киниги, гьединлъидал, бугеб режим хиси гурин жидер мурад, жидер бугила щвалде щвараб программа. Цебеккун, Дагъистаналдаса Пачалихъияб Думаялде ругел рищиязулъ дагъистанияв гурев чияс кандидатура лъун букIинчIин, жинца кандидатура лъеялъе гIилла бугила тIолго Кавказги, хас гьабун Дагъистанги жиндие гIагараблъун лъугьинин бицана Юлия Юзикица.
Юлия Юзик: «Дагъистаналда дун, 2010 соналдаса бахъун, цIакъ гIемер йикIуна. Дагъистаналда хъвалеб буго дица дир цойги тIехьги. ТIолго Кавказ буго дие гIагараб. Щай хас гьабун Дагъистаналдаса, цогидаб регионалдаса, масала Чачаналъан гуребин абунани, Дагъистан ккола рагьараб бакI. Чачан республикаялдасан инеги бегьилаан, амма гьабсагIат гьениб бугеб ахIвал-хIал хIисабалде босун, гьеб релълъуна Шималияб Кореялда.
Гьениб щибго гьабизе рес гьечIо. Дагъистаналда дида лъалеб буго дие квербакъи букIин. Дагъистаналда унгояб, чIагояб гIумру буго. Дие бокьун буго гьениб гIемераб жо лъикIаб рахъалде хисизабизе. Дагъистан буго дир рокьи. Ва хIалбихьизе гьенисан бокьун буго дие, гьениб щибгIаги хисизабизе бажарулищ дидаяли».
Юлия Юзикил программаялда ругел аслиял хIужжаби кколел руго Дагъистаналда кIудияб логистикияб идара бай, Аваро-кахетиялъул нух бахъиялъул программаялъе квербакъи гьаби ва росдал магIишатгун туризм цебетIеялде кIвар кьей.
Пачалихъияб Думаялде ине Юлия Юзикил бугеб программаялда ва гьелъул кандидатураялда тIасан гIемерисел политологаз загьир гьабуна пикру, гьей йорчIи щакаб иш бугин. Дагъистаналда гьей лъалей гIадан кколарин рикIкIунеб буго масала политолог Константин Калачевас. Гьелъ рехсолеб программаялдаги щибго гьечIила цIияб, цогидал кандидатазул программаялда гьечIеб жо. Амма жибго «Рагьараб Россия» абураб чвахиялъе гьелъул лъикIабго пиар ккезе бугила.
Гьелда бан жийго Юлия Юзикица «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна, гьелго политологал, цIеханани дагъистаниязда щалалицин лъалел ратуларин. Жибго программаялъул бицанани, Дагъистаналъул гIунгутIаби ва гьаризе хIажатал ишал киназдаго лъалила, амма гьел гIумруялде рахъинариялъе хIакъикияб гъира киназулго гурила букIунеб.
Юлия Юзик: «Дида цIакъ лъикI бихьула, ахIвал-хIал бигьаяб гуреб букIин. Ва регионалда цокIалго гьеб иш къабул гьабуларелъи. Масала Чачаналъ дун гьечIин ххвел гьабула, дун чIобогояб бакI йигеб хIисабалда рукIуна. Гьелго политологазул абунани, дида лъала кибго букIунеблъи скепсис, амма дица гьеб цIакъ гIодое йиччан къабул гьабула, щай гурелъул гьединаб къимат дие кьолел ругел гьел политологал, масала, Хунзахъ, яги Генуб, щащалицин лъаларо гIадатиял гIадамазда. Дида ракIалде ккун букIинчIо, гьабсагIаталда бугебгIадаб кIвар диде кьелин жамгIияталъ.
Буго скепсисги, амма дие квербакъи гьабизе хIадурал ва дир рахъ кколелги гIемер ругеблъи бихьулеб буг. Дун хIадур йиго къеркьезе гIахьаллъизе ва дир ракIалде бугеб гIумруялде бахъинабизе хIалбихьизе».
БатIи-батIиял прогнозазда рекъон, хаслихъе Пачалихъияб Думаялде рукIине ругел рищиязулъ Дагъистаналдаса гIахьаллъизе руго Пачалихъияб Думаялъул депутатал ГIумахан ГIумаханов ва МухIамад ХIажиев. Гьединго, рес бугила Дагъистаналъул Транспорталъулгун энергеикаялъул ва бухьеналъул министр Сайгидпаша ГIумахановасги гIахьаллъи гьабизе.