"ЦIулал" гъурущги советиял талоналги ракIалде рачIуна жакъа

Долларалъул багьа 70  гъурщидаса тIаде ин ва батIиял пачалихъаздаса раччулел нигIматазе санкцияби лъазари кколел руго аслиял гIиллаби  кванил нигIатазул багьаби рахиналъе.

Рес бугищ гIадамал Советияб заманалда букIараб талоназул системаялде тIадруссине ва кин лъагIел гьоркьоб индал къабул гьабураб дагъистанияз доллар 70 гъурщидасаги тIаде ун букIин.

ЦIияб соналда цебе кидагоги хиралъулин дагьалъго нигIматал, амма гьабсагIаталда къойидаса къойиде хиралъулел ругин гьел, хIикмалъизе ккараб жо бугин импорт гьабун бачIунеб гуреб, нилъерго гьаниб гьабураб гьуинлъицин хиралъулеб букIинин абулелеб буго МахIачхъалаялъул №2 базаралда хIалтIулей Альбина ГIисаевалъ. Москваялул, Волгоградалъул ва цогидал шагьаразул кондитериял фабрикабаз хира гьабун бугин жидерго къайи, гIадамазул босизе ресал цадахъго дагьлъун ругин, гьуинлъи, цебеялда данде ккун. Дагьаб гурого бичун унарин гьебин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Альбинаца.

Альбина ГIисаева: «Конфетал хиралъунги руго, жеги тIаде хиралъулелги руго. ГьабсагIат аслияб куцалда гьуинлъи буго гIицIго Россиялда гьабураб, амма багьаби щаялиго нилъеразго рахирнарулел руго. ГIадатиял конфетал, 120 гъурщиде килограмм букIарал, рахун руго 210 гъурщиде. Цебе дица моцIие бичулеб букIаралъул бащалъицин бичулеб гьечIо. ГIадамаз тIоцебе хIажатаб жо гугого босулебги гьечIо. МоцIидаса моцIиде хиралъулеб буго къайи, 10, 20, 30 гъурщица».

Базаразде, цадахъго къайи босулеб бакIалде унел ругин гIадамал тIоцебе хIажатаб жо: нах, чакар, ролъ ва цогидаб босизе, тукабаздаса босулеб гьединаб къайи къанагIалъи бугин бицана ГIадатияб универсалияб тукадул хIалтIухъан МухIамадица. ЛъагIелалъ цебеги гIадамаз килограммаз босулеб букIун батани чакар, яги чаялъул къвачIа, гьанже гьеб босуларила.

Аслияб куцалда МахIачхъалаялъул гIадамал унел руго автовокзалалда гIагар бугеб ЦIумадисезулин абулел базаралде ва Ленинкентада бугеб ГIандисезул базаралде. Гьениб гьан, ролъ, пер ва цогидал нигIматал лъалаго учуз рукIунел руго цогидал бакIаздаса.

Пихъил ва пастIадул нигIматазул имопрт Туркиялъа гьукъи кканин цоги кьаби, гьадинги лъикIаб букIинчIеб хIаладе, гьел нигIматазул багьаби цIакъго рахарал ругин абулеб буго ричарухъабаз. Масала, араб соналда мандаринал ричулел рукIун ратани 50 гъурщиде килограмм, исана гьел ругила 80 – 100 гъурщиде.

Мадинат: «Араб соналда мандаринал рукIана 50 гурщиде. Исана гьел 80 гъурщидаса гъоркье кирго гьечIо ричулел. Нижеца къайи босула складаздаса, гьениб буго Туркиялъа рачIарал нигIматалги жеги хутIун. Гьеб къайи хираго буго цIакъ. Абулеб бугоха Туркиялъа къайи гьукъун бугин, гьеб битIараб гьечIо, буго Туркиялъа бачIунеб, амма хираго буго. Масала, генул ящик цебе 900 гъурщиде босулеб букIун батани, гьабсагIат гьеб 1200 гъурщиде буго».

Санкцияз ва доллар бахиналъ гIадамаз инкар гьабулеб бугин пихъалдаса ва цогидаб лазаталдаса, гьелъул даран лъалаго дагьлъун бугин абулеб буго ричарухъабаз. ГIадамазул рес гьечIида бугеб багьаялде пихъ ва пастIадул нигIматал росизейин бицана №2 базаралъул йичарухъан Эльмираца.

Эльмира: «100-120 гъурщиде букIараб помидоралъул багьа бахун буго 170 гъурщиде. Гьелъие гIилла бугоха цIияб соналда цебе багьаби рахин, цадахъго Туркъиялъа бачIунеб гьечIолъи. Туркиялъа бачIараб букIунаан помидор, охцер, перец ва цогидал пастIадул нигIматал, гьабсагIат гьеб бачIунеб буго Азербайджаналдаса. Гьедин хираго буго кинабго жо».

Араб соналда букIаралде данде ккун, 2015 соналда доллар 70 гъурщидаса тIаде ин гIадамаз гIодоре риччан къабул гьабуна. Экономист Халил Халиловас гIадамал гIарац бахъизе, техника ва нигIматазул нахърателал гьаризе рортулел гьечIолъи бичIчIизабулеб буго араб соналда гIадамал хIинкъун рукIанилдалъун, Советияб хIукумат биххун хадуб чIороголъарал тукаби ракIалда рукIиналъ, къайи тIагIинилан, амма санкцияби лъазаридал тIагIараб къайи ккечIила, гьединлъидал гIадамаз гIодоре риччан къабул гьабунила гьеб.

Цадахъго хIисабалде босизе кколила гIадамазул реалил тIаде щолел харжар гIодоре ккун рукIин 10 проценталъ. Гьединлъидал гIадамазухъ хIалтIизабулеб гIарацги гIемер гьечIила. Бугеб гьеб яги мина-ракьалде сверизабун, яги банказда цIунун бугила цогидаб гIарцуде сверизабун.

Халил Халилов: «Россиялъул экономика ругьунлун ккана санкцияздеги нартил ва цогидал энегетикиял сурсатазул багьаби гIоде ккеялдеги. Цадахъго ритIухъаллъун ккечIо цереккун рукIарал лъазариял, тукабаздаса къайи тIагIине бугин абурал. ГIадамаз, хадуб жо щвелари хIинкъун, босулеб букIана кинабго, амма бихьулеб буго къайи тIагIунеб гьечIолъи. ХIакъикъаталдаги, гIадамазе щолел реалиял харжал дагьлъун руго, мухь цIикIкIун бугониги.

ГIадамаз хIаракат бахъулеб буго тIоцебесеб хIажатаб гурого къайи босичIогон тезе. ГIарац цIунулеб буго цо бутIаялъ, рокъоб нахъе лъун, цо бутIаялъ банказда, лъикIаб заман тIаде щвезегIан, цоги-цогидаб жо босизе. Гьелъ бичIчIизабулеб буго дармил къадар лъалаго дагьлъун букIин. ГIадамазул гьединго хIалтIуда ракIчIей гьечIо. Метерисеб къоялда харжал кьечIогон, хIалтIи гьечIогон хутIилин бугеб хIинкъиялъ тIоцебесеб хIажатаб гурого босичIогон цIунулеб буго гIарац».

Экономистасул пикруялда гъурщил къимат дагьабги хвезе рес буго, нартил багьа дагьабги гIодобе ккеезе рес букIиналъ, амма гьединаб ахIвал-хIал гIемер заманалда цIунун хутIизе рес гьечIила. Гьединлъидал, гIадамаздаги бичIчIулеб бугила, лъикIаб заманалда лъагIан гIарац хвезабичIогон тей лъикIаб букIин.

ГIадатиял гIадамазе долларалъул багьа 70 гъурщидаса тIаде иналъ кинабгIаги асар гьабичIин, щайгурелъул гIадамал лъикIалде гуреб, квешалде хIадурун рукIиналъин рикIкIунеб буго блогер Мурад Мустафиновас. ТIалъиялда божи гьечIолъи ва жамгIияталъул бугеб хIал хIисабалде босанани, гьабсагIат рагъ байбихьанин лъазабуниги хIикмалъизе гьечIила гIадамал.