Хамиз къоялъул бакъанида гурони адвокат Елена Денисенкода Насибова ПатIимат кий йигеяли лъазабун бажарун гьечIо. Адвокаталъ бицухъе 6 октябралда букIараб хасабоперациялдаса хадуй гьей Гъизилюрт мухъалъул полициялъул бутIаялда йигин абулеб букIун буго, хадубги гьей гьений гьечIила, йигей бакIги лъаларилан абун буго низамцIунулез. 9 откябралда цIех-рехалъул идарабаз Насибова МахIачхъалаялда заманалъгIадамал жанир тIамулеб туснахъалда йигин абурал баянал кьун руго.
Елена Денисенко: «Сон дун республикаялъулаб цIех-рехалъул идараялдеги ун, Насибовалъул ишалъул цIех-рехчи щивали лъазабизе лъугьана. Гъизилюрталъул прокуратураялда абуна дида Насибовалда тIад такъсиргьабиялъул иш цIех-рехалъул идараялъ гьабун бугин, гьезда цIехейин гьей йигей бакIги, жидеда щибго жо лъаларилан. ЦIех-рехалъул идараялда абуна гьелъул Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул экстремизмалде данде къеркьолеб бутIаялъул цIакъго кIварцIикIкIарал ишазул цIех-рехчи ГIабдулмуслимовасухъ бугила гьелъул иш. Гьединго бицана гьей МахIачхъалаялда заманалъ гIадамал жаниб тIамун йигинги баян гьабун гьез.
Амма кида гьей ккурай, щай Гъизилюрталдаса гьаний ячарай, гьалщинал къояз кий йикIарай гьеяли лъазе кIвечIо. Хасал идараазул хIалтIухъабаз гьел суалазе жаваб кьезе инкар гьабуна. Гьединго жеги гьев ГIабдулмуслимовгунги бухьен гьабун бажарулеб гьечIо. Къокъгьабун абуни дун гьеб ишалда гъорлъе лъугьине йиччалей гьечIо низамцIунулез. Ккун кIиго сордо-къо ун хадуб диваналъ хIукму къотIизе ккола цIех-рех лъугIизегIан гьев чиясда щиб гьабилебин абун. Гьеб диванги адвокатги гьечIого гьабун буго къуваталъул идарабаз, гьединллъидал гьелъул хIукмуцин лъаларо жеги дида».
Денисенкоца бицухъе цIех-рех букIине кколедухъ тIобитIулеб гьечIолъиялда бан гьелъ гIагараб заманалда гIарзал хъвазехъин руго къуваталъул идарабазул тIалъиялъухъе. Гьелъ тIалаб гьабулеб буго жий къануналда рекъон букIине кколедухъ жиндирго хIалтIи гьабизе тейилан. Чанго къоялъ адвкаталдаса гьелъ цIунулев чи кив вугевали лъазе тунгутIи гьеб къанун хвезаби ва инсанасул ихтиярал хвезаби бугилан. Насибова ПатIимат йигила мугъ унтарай гIадан, гьелъие гьоркьоса къотIичIого дарабиги, тохтурзабазул кумекги хIажалъулила. Я дараби кьезе течIого, я адвокат виччачIого, низамцIунулез гьелъул ихтиярал хвезарулел ругилан.
Къуваталъул идарабазул баяназда рекъон 34 сон барай Насибова ПатIимат изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъабалъ ругелгун хурхен бугей гIадан йикIиналда щаклъи буго. Гьединго цебехун рехсараб хасаб операциялда чIварав Кироваулалдаса Аслудинов ГIалидибирил лъадиги йикIун йиго. Гьел баяназул цIех-рехгьабун бахъинегIан ккун йигин гьейилан лъазабуна къуваталъул идарабаз.
Гьез абулеб буго Насибовалъул басрияб минаялъуб бахчун батанила гIемераб ярагъ ва кьагьулел жал гьаризе къваригIунебщинаб. Гьеб къватIибе босун бажаринчIинги абун хасал идарабазул хIалтIухъабаз кьвагьизабун буго. ПатIиматил гIагарлъиялъ лъазабулеб буго гьелда чIварав гьев Аслудинов ГIалидибирги щивалицин лъалароанила, гьеб минаялъуб гIумру гьабунги щивниги вукIинчIила. Гьелда цебе бугеб пастIаниса боцIи къватIие гъезе арай бакIалда ккун йигин гьейилан. Гьединго гIагарлъиялъ лъазабулеб буго гьелъул росги вугила, лъабго лъимерги бугила, гьей Аслудиновасул лъади йигин абиги гьереси бугилан.
Насибова ПатIиматил гIагарав чи Шамилица «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда бицана хасаб операция лъугIун хадуб къуваталъул идарабаз гьеб кьвагьизабураб Насибовалъул минаяда аскIобе гьоркьоса къотIичIого цо баччулеб букIанила, щивниги аскIовеги къазе толев вукIинчIила. Гьесул щаклъи буго низамцIунулез жидецаго гьелъул гьенибе ярагъ реххун батиялда.
Шамиль: «Гьез щивниги аскIове къазе толев вукIинчIо, кинабго сверунги ккун, жалго рукIана гьенир. Жидерго рокъосан гьениб лъугьа-бахъунеб камераялде бахъулеб букIун буго цо гьитIинав васас. Гьеб бихьун хадуб низамцIунулез нахъе бахъун буго камера. Жидеего бокьа-бокьараб гьабулеб букIана гьез. Масала, нижер рокъоб хал-шал гьабулеб мехалдаги цадахъ я дун яги цоги чи виччачIого жалго рукIана гьенир. Ниж аскIорецин къазе риччачIо. Щиб лъалеб гьедин гьарулел хал-шалазда гьез щиб гьабулебали, бокьараб жо гьабизе рес буго гьезул.
6 октябралда букIараб хасаб операциялдаса хадув Кироваулалдаса 20гIан чи ккун вукIана полициялъулаз. Гьезул 5 яв изнугьечIого ярагъ цIуниялъул щаклъи букIун жеги къватIире риччан гьечIо. Гьеб ярагъ ургъунго низамцIунулез жидецаго реххун бугин гьел гIолохъабазухъейилан лъазабулеб буго Кироваул росдал жамагIаталъ. Гьедин росулъ низамцIунулез гIорхъолъа ара лишал гьарулел рукIиналдаса разигьечIолъиги загьир гьабун гIагарал къоязда жидеца кIудияб акция тIобитIизе бугин лъазабулеб буго гьез.