Рагъул гΙемер бицунеб буго Дагъистаналда жакъа

Александр Хлопонин, Шималияб Кавказалъул федералияб округалда президентасул вакил, вице-премьер

Дагъистаналдасаги, гьединго Шималияб Кавказалдасаги рохьоре унел гIолилал гьукъун бажаризехъан гьечIин жидехъаян ракI рагьун абуна гьал къоязда Шималияб Кавказалда вугев президентасул вакил Хлопонин Александрица. «Эхо Москвы» Радиоялъе кьураб баяналда гьев мукIурлъулев вуго регионалда ругел изну гьечIого яргъид гIуцIараз гьабулеб идеология гьезулалдаса бергьунеб букIиналда. Хлопонинил рагIабазда рекъон рохьоре унезул къадар цIикIкIунеб буго- гIага -шагарго 800-са бахъараб Ι000-де швезегIан гIолилал, гьес тIаде жубалеб буго гьединазул ригь цIакъго гIолохъанаб бугин, аслияб къагIидаялъ Ι7 -Ι8 сон барал гIолилал.
Официалияб куцалда гIемерисел экспертаз гьеб лъазаби къабул гьабуна Москваялъ Шималияб Кавказалда хурхун гьабулеб хIалтIуда жаниб жалго къураллъи загьир гьабилъун. Гьез ракIалде швезабулеб буго араб соналъул ихдал Шималияб Кавказалда гьединго Югалъул федералияб округалда вугев генералияв прокурор хисулев Юрий Сыдорукица регионалда бугеб хIалтIуе къимат кьолаго гьес абунин Шималияб Кавказалда хурхун гьабулеб нижер идеологияб ва информациялъулаб пропаганда къунилан.

Жакъа Россиялда халкъалъул ихтиярал цIунулел гьечIин лъицаниги, тIалъиги ккун чIарал цо хасал чагIаз халкъ жидедаго данде базе тIамулеб бугин, цохIо Дагъистаналда гуребги, киса кибегоги бугеб ахIвал- хIал кколин гьеб, гьелъ бугин гIадамаз жидерго мурадал цIуниялъе батIи- батIиял тадбирал ургъулелилан абуна ЭР-ялъе - Инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ Дагъистаналда бугеб жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев хисулев Руслан Расуловас.

Гьел мисалазул цояб кколин жакъа Дагъистналда, гьединго Шималияб Кавказалъул регионазда са гIолилал жидерго ихтияр цIунун рохьоре унел ругел. Жакъа официалияб Россиялъул хIукуматалъ жидер хIалтIи цебехун билълъунеб гьечIилан абураб жо цIияб жолъун бихьуларин жинда, гьеб кида -къадги загьирлъизе букIанин. Гьединлъидал жиндица баркалацин кьолин Хлпониниейилан мукIурлъана гьев нижер программаялъе:

Руслан Расулов: «Хлопонинил тIокIаб рес букIинчIо гьедин абичIого, щай гурелъул гьесда бихьулеб бугелъул халкъ жидерго ихтияразе гIоло кин къеркьолеб бугебали, тIалъиялъ гьезул гьабулеб гьечIеб ургъелги. ТIалъи хIинкъулеб буго жакъа хлкъалдаса, жакъа гьелъ халкъалъул ихтиярал цIунун щибниги хIалтIи гьабулеб гьечIо. Гьединлъидалин кинабго гьедин кколеб буго. Хлоониние баркала кьезе ккола жакъа Кавказалда лъугьунеб бугеб щиналъул хIакъикъат гьесда бичIчIун батиялъухъ».

Рохьоре унезул къадар цIикIкIунеб бугеблъиги, гьеб чIезабун бажарулареблъиялде гьанжейищин гьел рекIеда ратарал, гьелъул бицунеб бугелдаса кигIан мехин бугеб щиб бицунел чагIийин гьанже гьелилан абуна жамгIияв хIаракатчи, Дагъистаналъул жанисел ишазул хIалтIухъабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев Шамилов МухIамадицаги. Рохьоре унелги лъугIизе гьечIин, гьаб бада - гъудурги Дагъистаналда гьоркьоб къотIизе гьечIин щиб гьабунинха къотIилеб, гьеб къотIиялъе килищ килщида кIутIараб хIалтIи хIукуматалъ гьабулеб гьечIеб мехалъ.

Москваялъул пачалихъияб университеталъул социологиялъул кафедраялда тIобитIараб «Лъабабилеб Кавказалъул рагъ» абураб семинаралда экспертаз батIи- батIиял пикраби загьир гьаруел ругоан Кавказалда лъугьунелда тIасан. Семинаралда кIалъараз цебе лъурал суалазул цояб ккола Кавказалдаса Россиялъе щиб хIажат бугеб?-абун, гьениб киназдего дандечIараб рагъ бугин унеб, гьелъул кьучIалда лъун буго семинаралда «Лъабабилеб Кавказалъул рагъ» абураб цIарги.

Гьел жидерго кабинетахъ кIусарал проффесораздагун академиказда Кавказалда бугеб хIакъикъияб сурат щибин лъалеб, жидерго ракIалде ккарал пикраби загьир гьарулел рукIин гурони. Рагъ букIине бокьун гуришин Россиялъ гьанибе армияги аскарги рехулеб бугеб, амма Кавказалъул рагъ гурин гьелда цIар букIине бугеб ГIурусазда данде Кавказалъ гьабулеб рагъилан букIинин рикIкIунеб буго Шамиловас:

Шамилов МахIамад,низам ц1унулел идарабазул ветераназул профсоюзалъул нухмалъулев

Шамилов МухIамад: « Кавказалъул рагъ щиб кколебали гIурусазда жеги бичIчIулеб гьечIо. Гьезда ккун буго гIабдалзаби гIадин бусурбаби цоцалъ рагъилел рукIун гьаниб халъ лъугIизе бугилан. Амма лъугIизе гьечIо гьел. ГьабсагIаталда гIурусазул аскар рехун буго анибе, гьез гьаниб зулму гьабизе байбихьидал, жидерго яхI- намусги цIунун щивав чи къватIиве вахъине вуго. Гьеб мехалъ букIин буго аниб унго- унгояб Кавказалъ гIурусазде данде лъазабураб рагъ, гьез жидецаго бачунеб буго гьелде кинабго.

Дагъистаналъул халкъалъе рагъ хIажат гьечIо, гьезие ракълилаб магIишаталда рукIине бокьун буго, амма гьедин рукIине толел гьечIо гьел, зулмуялде гьусулеб буго Россиялъул тIалъиялъ Дагъистан. Гьел бичас- бичани гаргалел ругел хъахIкверал академикалин, гьал долин абулел чагIазда лъаларо рагъул бухIи- цIорой кинаб букIунебали, хабар кIалги бицун тIубалин кинабгоян ккун буго гьезда. Амма гьезда бихьилаха кинаб хIакъикъат кватIичIого гьаниб букIунебали. Афгъанистаналдаса гIадин жаназабазул рейсал рукIине руго гьанисан доре унел, гIодизе буго Россия».

Республикаги республикаялъул президентги абураб кIиябго терминалъул бакIалда россиялъул субъекталъул нухмалъулесдеги гьединго миллияб республикаялде хисизабизе кколин рикIкIунеб буго Кавказалъул политикаялда хурхун гьаризе кколел тадбирал рехсолаго «Гео-политикияб Экспртиза» абулеб централъул нухмалъулев Валерий Коровиница.

Шималияб Кавказ цIунизе бокьани Ирангун цолъизе кколин Россия, гьедин гурони Кавказалъул ракь гьелъухъа ине бегьулин рикIкIунеб буго экспертас.