Мэр ана, дурц тана

Каспийскалъул мэрасул хъулухъалдаса нахъе унев Жамалудин ГIумаров (квараниса) ва заманалъ мэрасул ишал тIуразаризе тIамурав МахIамад ГIабдулаев

18 августалда жив Каспийскалъул мэрасул хъулухъалдаса нахъе унев вугин лъазабуна Жамалудин ГIумаровас шагьаралъул депутатазул данделъиялда.

Гьесул гIумрудул 70 сон тIубала тIасияб соналда. Гьелдаса хадув гьединаб хъулухъалда течIого вукIинеги рес букIана гьев. Гьединлъидал нахъе витIизегIан чIечIого, живго лъикIав лъугьун хъулухъалдаса нахъе ин рекъараб иш гьабунин Жамалудин ГIумаровасин абулеб буго Каспийскалдаса гIадамаз.

Жив нахъе унев вукIиналъул суал жинца республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасдаги хIукуматалъул вакилзабаздаги цебе лъунин бицана Жамалудин ГIумаровас 18 августалда Каспийск шагьаралъул данделъиялда. Рамазан ГIабдулатIиповасе гьеб рекIее гIечIила. Амма 16 соналъ нухмалъи гьабунила жинца, гьединлъидал гьелда гIей гьабун чIезехъин вугила.

Жамалудин ГIумаров: «Цо-цоязда чIалгIунги ватила дун гьаб щагьаралда, цо-цоязе бокьулеб букIун батила 16 соналъ дун гьаб хъулухъалда вукIин. Амма кин батаниги, дагьаб заман гуро гьеб. Гьединлъидал дие нахъе ине бокьун буго».

Жамалудин ГIумаровас тIаде жубана жив тIубанго Каспискалдаса нахъе унев гьечIин, шагьаралъул депутат хIисабалда вукIине вугилан.

Гьедин нахъисеб къоялъ, ай 19 августалда, Каспийск шагьаралъул депутатаз тIобитIана иргадулаб гуреб сессия. Гьенив заманаялъ мэрасул хъулухъалде вищана жидедаго гьркьоса депутат, «Единая Россия» партиялъул вакил МухIамад ГIабдулаев. Гьев гьединго Жамалудин ГIумаровасул дурцги ккола.

Амма Жамалудин ГIумаровасул дурц вукIаниги щибин, МухIамад ГIабдулаев гIезегIан лъикIав бизнесмен вугеб мехалда, масала, гьес кьучIдасанго гIуцIанин Избербашалъул коньяк гьабулеб комбинатилан бицана ЭР-ялъе Каспийскалдаса чагIаз. ГIабдулаев лъала Каспийскалда бугеб «Москва» абулеб культураялъулгун рекIелгъей гьабулеб комплексалъул бетIергьанчиги.

Амма заманаялъ Каспийскалъул мэрасул хъулухъ тIадкъарав МухIамад ГIабдулаев гъоркь вукIарав мэрасул дурц вукIиналъул гурин бицине кколеб, гьениб суал тIубан батIиялъулъ бугин рикIкIунеб буго Дагъистаналдаса журналист МухIамад ГIабдурашидовас.

МухIамад ГIабдурашидов: «Рамазан ГIабдулатIиповасул гIолохъанав васасулги Жамалудин ГIумаровасул дурцасулги рагIи данде ккеладай ккелародай. Гьеле гьелъулъ буго суал. ХIалтIизе бажарулев чи ватани, вукIаниги щиб гьев Жамалудин ГIумаровасул дурц? Гьесул квалквал лъие букIине кколеб? Гьединлъидал, цо рахъалъ, балагьизе ккола гьанжелъагIан Жамалудин ГIумаровас бачараб куцалда кIолищ МухIамад ГIабдулаевасда Каспийск шагьар нухда бачинеяли. Масала, МахIачхъалаялда дандеккун, Каспийск бацIцIадабги, гIодобиччарабги шагьар буго. Гьединго МахIачхъалаялда гIадин бокьа-бокьаралъур бокьа-бокьараз минаби ралеб къагIида гьечIо гъоба. КIиабизе босани, дов дица цевехун рехсана Рамазан ГIабдулатIиповасул вас. Каспийскалъул мэр хисулев чи ккола гьев – Жамал ГIабдулатIипов. ТIаде цIияв чи вачIиндал, гъоркь ругезулгун гьоркьорлъаби хIалуцине бегьула. Амма гьел кIиязулго рагIи дандеккун, Каспийск цебетIеялъе цIи-цIиял нухал ратизеги рес буго».

Каспийскалъул мэрасул рищиял рукIине тIасияб соналда. Гьеб мехалда Рамазан ГIабдулатIиповасул васасеги Каспийскалъул вукIарав мэрасул дурцасеги, кIиязего, бокьизе бегьула Каспискалъул мэрасул хъулухъалде ине. Амма МухIамад ГIабдурашидовасул пикруялда рекъон, гьелде щвелалде балагьизе ккола республикаялда жамгIиябгун политикияб ахIвал-хIал кинан хутIизе бугебали. Масала, лъагIелгун бащадалъ цебе лъиданиги ракIалде ккелароанила МахIачхъалаялъул мэр СагIид Амиров туснахъ гьавилилан. Гьединго ракIалда гьечIел ккезеги бегьулила Каспийскалда рищиял гьарилалдехун. Амма гьелдаго цадахъ Мухамад ГIабдурашидовас кIвар буссинабулеб буго Рамазан ГIабдулатIиповасул васасулгун Жамалудин ГIумаровасулги гьесул сверухълъиялъулги чагIазул гьоркьоблъи лъикIаб букIиналде. Гьеб бихьулеб бугила Жамалудин ГIумаровасул дурц заманаялъ букIаниги мэрасул хъулухъалде вачIиналъе республикаялъул нухмалъулес квалквал гьабичIолъиялдасанги.

Республикаялда билълъун араб пикру буго Жамалудин ГIумаровасулги гьезул хъизаналъулги гьудул-гьалмагълъи бугин республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасул хъизаналъулгунилан.

16 соналъ Каспийскалъе нухмалъи гьабурав Жамалудин ГIумаров ккола Дагъистаналъул жанисел ишазул министр хисулевлъун вукIарав, чанго соналъ цеве чIварав генерал МухIамад ГIумаровасул вац. Гьезул цогидав вац МуртазагIали ГIумаров вукIана СагIид Амировас МахIачхъалаялъе нухмалъи гьабулеб заманалда коммуналияб магIишаталъе нухмалъиялда. Цогидав вац Камалудин ГIумаров вукIана МахIачхъалаялъул шагьаралъул лъай кьеялъул бутIаялъул нухмалъиялда. Яц Калимат – МахIачхъалаялда ригьназул хъвай-хъвагIай гьабулеб бутIаялда. Живго Жамалудин ГIумаровасул лъади ккола цее пачалихъияй секретарьлъун йикIарай, гьанже захIматалъулгун социалияб цебетIеялъул министрлъун кколей Такибат МахIмудова.