Мухъалъул бутIрузда ва кIудиял хIакимазда хурхун рагьарал такъсир гьабиялъул ишал гIемерлъулел руго Дагъистаналда. Жиб-жиб анкьалда баккула информация мухIканав хIакимас гIарац бикъун бугин бюджеталдаса яги цогидаб такъсир гьабун бугилан жиндирго хъулухъги хIалтIизабун. Цоял дагъистанияз рикIкIунеб буго нахъегIанал хIакимаздаса бацIад гьабулеб бугин республика Рамазан ГIабдулатIиповас. Цогидаз рикIкIунеб буго Дагъистаналда низам чIезабулеб бугин федералиял хъулухъаз.
Дагъистаналъул хIакимазе гIадлу гьабулеб бугин Кремлалъилан абуна «Эркенлъиялъе» Экономикияб политикаялъул институталъул хIалтIухъан ва «Регнум» информациялъулаб алаталъул шеф-редактор Константин Казениница.
Константин Казенин: «Такъсир гьабиялъул ишазде ккана кIудиял хIакимал. Федералияб нухмалъиялъул кумекги гьечIого гьел чагIазе гIадлу гьабизе кIоларо Дагъистаналда. ТIадежоялъе, нилъеда лъала, уголовиял ишал рачунел руго Москваялдаса яги СКФОялдаса цIех-рех чIагIаз. Жибго цIех-рех бачунеб мехалда низам цIунулез къанун гурони тIокIаб жо хIалтIизабизе кколаро. Щайгурелъул цIех-рех политикиял хIайги гъорлъ жубан бачине байбихьани, низам цIунулездехун гIадамазул бугизеги дагьаб бугеб лъикIаб бербалагьи жеги гIодобегIан ккела. Уголовиял гьел ишални рагьизени некIого заман щун букIана».
ХIакимазени тамихIал гьарила, амма гьел хисизе чагIи ратиладай республикаялда? Гьеб масъала чIолеб буго Дагъистаналъул хIукуматалда цебеилан абуна Казениница. Хисизени чагIи къанагIат гурони гьечIин, абуна экспертас ва тIаде жубана, такъсир гьарурал хIакимал хисизе гIадамал щолел гьечIиланги абун уголовиял ишал рагьичIого тезе бегьуларин. «Кадровияб политика тIубанго хисизе ккола Дагъистаналда ва гIолилазе нухал рагьизе ккола. ГъалатIал гьарунги ругьунлъила гьел хIалтIизе», - ян абуна экспертас.
Дагъистаналъул криминалиябгун феодалияб система хисизе бокьун буго Россиялъул нухмалъиялъе илан рикIкIунеб буго «Кавказалъул политика» сайталъул бетIерав редактор ва жамгIияв хIаракатчи Максим Шевченкоца.
Максим Шевченко: «Рамазан ГIабдулатIиповас рахъ кколеб гьеб хIалтIиялъул. Республикаялъул цебетIей ккола гьесул букIине кколеб аслияб мурадлъун. Криминалиябгун-феодалияб система Дагъистаналда баккана Союз биххараб мехалда. Ва ахирисел соназда жаниб гьеб система къвакIлъана, амма гьеб хIехьезе кIолеб хIал гьечIо. Россиялъул финансазул министерлъиялъул сайталде ракке. Нужеда бихьила ахирисел соназда жаниб Дагъистаналъе гIарцул цIакъ кIудиял дотациял кьолел рукIин. Чачаназул республикаялъе кьолел гьечIо гьединал дотациял. Социалиял гIузрабаз цIураб, мискинаб Дагъистан ва бечелъиялъулъ гъанкъулел ругел хIакимал – гьединаб ахIвал-хIал республикаялда букIиналъги рохьазда гIемерлъулел ругел террористал. Гьеб бичIулеб букIинчIо нухмалъиязда ругел чагIазда. Жакъа гьенире рачIараз гьеб хIалтIи гьабилебищ лъаларо, амма рехун тезе гьеб хIалтIи бегьиларо. Дагъистаналда бугеб нухмалъиялъул система релъулъунеб гьечIо пачалихъияб нухмалъиялда».
Дагъистаналда байбихьарал хиса-басиязе цо-цояз гIиллалъун рихьизарулел руго Сочиялда рукIинисел олимпиял хIаял. Амма Шевченкоца абуна хIаязда бараб жо щибго гьечIилан. Гьес абуралда рекъон, 20II соналда Москваялъул Болотнияб майданалда арал пикеталгун митингазул хал-шал гьабуна Россиялъул хIукуматалъ ва гьелда бичIана улкаялда гIемерлъулел рукIин Владимир Путинил политика рекIее гIоларел чагIи. «Президентасул администрациялда бичIана Россиялда хиса-басиял гьаризе кколин. Политикияб система криминилиял элементаздаса бацIцIаад гьабулеб буго Кремлалъ», - илан абуна Шевченкоца.
Политикиябгун криминалияб ахIвал-хIал бищун хIалуцараб Россиялъул регионлъун ккола Дагъистан илан абуна экспертас. Гьесул рагIабаздаса рекъон, республикаялдаса чанги батIиял харбал щола. Мисалалъе, хIакимазул рохьилалгун бухьенал ругин, Жанисел ишазул министерлъиялдаса цо-цо чагIазул ва депутатазул кин баккарабали лъалареб кIудияб бизнес бугин. Гьелдалъун, Россиялдаго унеб система бацIцIинабиялъул тадбиралде гъорлъе ккана Дагъистанги илан абуна Шевченкоца.
Регионазул социалиялгун экономикиял цIех-рехал гьарулеб RAMCOM централъул нухмалъулев Денис Соколовасги рикIкIунеб буго Дагъистаналда гуреб цогидал регионаздаги нахъегIанал хIакимаздаса бацIад гьабулеб бугин политикияб система.
Россиялъул цо-цо регионазда гьеб процесс некIого байбихьун букIанилан бицана экспертас. «Шималияб Кавказалда хъвалел рукIинчIо, щайгурелъул гьенир ругел масъалаби тIураялъ ахIвал-хIал жеги хIалуцинабиялдаса хIинкъун рукIана. Амма хиса-басиял гьаризе Кремлалъе нухал ратана», - ян абуна Соколовас.
Экспертас гьединго абуна, Дагъистаналда тIоцебе тIагIинабизе кколин тухумчилъи. «Кланазул системаялъ ккун руго киналго пачалихъиял идараби: школаби рукIа, министерлъаби рукIа, полиция букIа. Амма гьеб система бачIунаго хвезабизе кIвезе гьечIо, щайгурелъул гьелда гъорлъ руго финансазул ва къуваталъул сурсатал ругел чагIи. Дагь-дагь ккун гьеб суалалда тIад чара гьечIого хIалтIизе ккола», - ян тIаде жубана ахиралда Соколовас.