18 августалъ Дагъистаналда, жидеего бокьун гIарзаги хъван, хIалтIудаса нахъе анин Россиялъул Пенсионияб фондалъул Дагъистаналда бугеб идараялъул 104 хIалтIухъанин. Гьединго, гIуцIиялъул тIалъиялъ хIалтIудаса нахъе реханин 8 чийин, лъазабуна цо-цо интернет-сурсатаз.
РИА Дагъистаналъул баяназда рекъон гьел хиса-басиял хурхарал рагIула гIуцIиялъулъ ришватчилъиялда данде хIалтIи гьабулеб букIиналда ва гIадамазул Пенсионияб гIуцIиялда хурхун гIарзал гIемерлъиялда. Гьаб соналъ гьел гIарзал цересел соназда данде ккун кIиго нухалъ гIемер ругила. Нахъе аразул гIемериселал ругила гIуцIиялъул бутIабазул нухмалъулел чагIийилан хъвалеб буго РИА Дагъистаналда.
Пенсионияб гIуцIиялъул нухмалъулев Сайгид МуртазгIалиевасул рагIабазда рекъон байбихьун буго гIуцIиялда ришватчилъиялда данде хIалтIи гьабизе. Киналниги мухъазда гьабулеб хIалтIулъ аслияблъун букIине кколин къануназда рекъон хIалтIийилан абун буго гьес.
Гьеб лъугьа-бахъиналда сверухъ харбал гемерал руго:
«Эркенлъи» ралиоялъухъе щварал баянзда рекъон гьениса щивго нахъе ун гьечIо, гьезие моцIрол болжал кьун руго гъалатIал ритIизариялъе.
Гьедино Пенсионияб гIуцIиялъул хIалтIухъанас бицана гьел хиса-басиял тIоритIиялъе гIиллаби кидаго рукIунилан, амма жидеего хIажалъараб мехалъ гурого тIоритIуларин гьел гIуцIиялъул тIалъиялъ.
Нижеца бухьен гьабуна гIуцIиялъул пресс-хъулухъалъул вакил Альбина Сункулиевагун. Гьелъул баяназда рекъон гIадамал гIарза хъван нахъе ин чIорогоял харбал руго. Гьел харбал тIиритIизариги буго Сайгид МуртазгIалиевасде рагIад рехизе къваригIараб гIадаб жо.
Альбина Сункулиева: «Гьел киналго харбал ритIарал гьечIо, иш гьадин букIана: нижер букIана данделъи, Дагъистаналда Пенсионияб гIуцIиялъул бетIер Сайгид МуртазгIалиевас ахIараб. Гьес сон кьварун лъазабуна республикаялъул киналго мухъазул пенсионияб гIуцIиялъул бутIабазул вакилзабазда, лъазабуна гьезул хIалтIуда тIасан гIарзал гIемрлъун рукIиналда бан гьезие кьолеб бугин цо моцIалъул болжал, моцIил заманалда жаниб гьел гIарзал лъугIичIони, жидеца гьаризе ругин хасал тадбирал, хIалтIудаса нахъе рехиялде гIунтIун. Гьенирго хIалтIудаса рахъана гIуцIиялъул 8 хIалтIухъан.
Ахираб заманаялъ гIуцIиялъул тIалъиялде гIемер рахунел рукIана гIарзал гIадатиял гIадамазул бакIазда, мухъазда ругел Пенсионияб гIуцIиялъул бутIабазул вакилзабаз гьабулеб хIалтIуда хурхун, гьез ришватчилъи гьабиялде гIунтIунцин. Гьелъ МуртазгIалиев Сайгидица цин гьезие цо моцIалъул болжал кьуна гьеб ахIвал-хIал хисизабиялъе. Гьеб мехалъги гьабулеб хIалтIи бихьичIони бицине бегьула хIалтIудаса нахъе иналъул. ГьабсагIат щивго нахъе ун гьечIо.»
Гьединго Сункулиевалъ бицана Пенсионияб гIуцIиялъул нухмалъиялда ракIалда бугин ришватал росиялда данде рагъ базе. Гьеб моцIил болжал кьурал хIалтIухъабиги I00 чиясдасаги гIемер ругин, гIадамазул гIарзал лъугIичIонани гьел хIалтIудаса нахъе инеги рес бугин.