Араб анкьалъ Шибалияб Кавказалдаса ва хасго Дагъистаналдаса рачIунел рукIана батIи-батIиял ва цо-цо мехалда цоцазе гIаксал лъазабиял. Гьез хIакъикъаталдаги гьениб щиб кколеб бугебали нилъер бичIчIен цIикIкIинзабичIо, амма гьел лъазабияз иргадулаб нухалда мухIкан гьабуна Шималияб Кавказалда хурхун Москваялъул кинабгIаги стратегияги ва федералиял батIи-батIиял къуватазда гьоркьоб кинабгIаги координацияги гьечIолъи. Гьедин байбихьулеб буго эксперт Лиз Фуллерица жиндирго щибаб анкьилаб анализ.
Цо бугони, Интерфаксалъ лъазабуна Миллияб антитерроралъулаб комитеталъ хIукму гьабунин «гIемераб заман гьоркьоб биччан» гIурусазул рагъулал къуватал Шималияб Кавказалда рагъулал операциязда цIидасан гIахьаллъизе ругин Жанисел ишазул министрелъиялъул къуваталгун цадахъин. Гьеб хIукмуялъе рукIарал батIи-батIиял гIиллабазда гьоркьор рехсолел руго рагъулал къуватазе реструктуризация гьабиги, гьезие рагъулаб хIалбихьи щвейги, терроризмгун къеркьейги.
Лиз Фуллер: «Ахираб анлъго моцIалда жаниб чанго нухалда лъазабулеб букIана Дагъистаналде рагъулал къуватал рачIунел рукIиналъул. Рагъулаб бакIаб техникагун кIудияб къуват республикаялде бачIунеб букIиналъул тIоцебе лъазабуна апрелалда. Дагъистаналъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул секретарь МухIамад БагIачиловас гьеб биччизабулеб букIана иргадулаб ротация гьабулеб бугин.
Гьелдаса хадуб августалда рукIана Дагъистаналъул территориялда Гуржиязулгун гIорхъода рагъулал къуватал чIезарулел ругин лъазабиял. Гьеб мехалда цIикIкIун букIана Гуржиялъ парламентиял рищиял тIоритIилалде цебе Россиялъ цIияб гьужум гьабизе бегьиялъул истерия.
Гьелдасаги хадуб, араб анкьалда экстремистазулаб абун лъалеб vdagestan.com сайталда кьун букIана Шамхал росулъан МахIачхъалаялдехун рагъулаб бакIаб техникагун тIад унеб поездалъул видео.
Шималияб Кавказалда халат бахъунеб конфликталде гъорлъе армия гIемераб заманалда жубазабун букIинчIин гьарулел лъазабиял ритIарал гьечIо Чачаналдагун Гъалгъаялъ контртеррористиял операциязул заманалда яргъидгIуцIаразул къукъабазда кьаби щвезабизейинги абун рагъулаб авиация хIалтIизарулел рукIин ракIалде щвезабуни.
Гьаб нухалда щай абулеб бугеб гьел къуватал цIидасан хIалтIизарулел ругин? Гуржиязул цIияб нухмалъиялда ва Бидзина Иванишвилида гьеб кинабго Гуржиялде данде гьабулеб жо гуреблъи бичIчIизабизе бахъулеб хIаракатищ гьеб?»
Шималияб Кавказалда тIоритIулел операциязулъ гIурус армия гIахьаллъулеб бугин Интерфаксалъ лъазабун чанго къоялдасан Федерациялъул Шураялъул тIоцевесев вице-спикер Александр Торшиница лъазабуна армия гьел операциязда гIахьаллъулеб гьечIин. Гьев гьединго ккола Миллияб антитерроралъулаб комитеталъул гIахьалчиги.
Гьес абуна россиялъул армиялъул киналгIаги тIаде къуватал Шималияб Кавказалде ритIун гьечIин.
Амма гьел къуватал цо республикаялдаса цогиялде инчIин ва гьел рагъулал операциязда гIахьаллъичIин абураб магIна гьечIо гьесул рагIабазул.
Гьелде тIадеги, Интерфаксалъ бицунеб мекъаб бугин абизе рехсараб комитеталъе къваригIун букIарабани, гьезул официалияв вакилас гьабизе букIана гьединаб лъазаби.
Амма Шималияб Кавказалда Москваялъ гIемерал соназ билъанхъизабулеб политикаялъул хаслъилъун ккола кинабгIаги логика гьечIолъи.
Лиз Фуллер: «Дагъистаналдаса рукIарал цоцазе гIаксал харбазул кIиабилеб мисаллъун рехсезе бегьула тумал гочинариялъул суалалда хурхарал баянал.
«Известия» газеталъ арбагI къояда лъазабулеб букIана россиялъул ХIисабалъул палатаялъул нухмалъулев Сергей Степашиница Дагъистаналдаса тIадвуссун хадуб премьер Дмитрий Медведевасда 6,6 млрд. гъурущ гьаранин. Гьебги Новолак мухъалдаса тумал МахIачхъалаялда аскIоб гьезие бихьизабураб ракьалде гочинаризе, гурони, гьеб мухъалда чачаназда ва тумазда гьоркьор этникиял тунка-гIусиял ккеялъул хIинкъи бугин абун.
РакIалде кколеб буго Медведевасда гьеб гIарац гьареян Степашинида республикаялъул нухмалъиялъ гьарун бугин. Араб моцIалъул ахиралда Степашин ун вукIиндал МахIачхъалаялде ва гьениб кIиго къо барав гьев республикаялъул нухмалъулеб МухIамадов МухIамадсаламгунги дандчIван вукIиндал.
Федералияб нухмалъиялъухъа тумал гочинаризе гIарацги балагьун республикаялъул нухмалъиялъ хIаракат бахъулеб буго жалго тумазул инициатива къезабизе.
Араб моцIалъул ахиралда 420-гIан тумав данделъун МахIачхъалаялда тIобитIун букIана тумазул съезд. Гьелъул бетIерлъунги вищун вукIана республикаялъул Пенсионияб фондалъул нухмалъулевлъун вукIарав Амучи Амутинов.
Гьеб съездалъ республикаялъул нухмалъиялдаса тIалаб гьабулеб букIана тумал гочинариялда сверун программаялъул рихьизариял тIуразаризе.
Съездалъул гIахьалчагIаз абулеб букIана Новолак мухъалда ругел тумазе гьабулеб бугин хехго гьеб бакIал теян тIадецуй, цIияб бакIалда рукIине бакIалги хIалтIиги гьезул гьечIониги.
Дагъистаналъул официалиял информалатаз гьеб параялъго хIаракат бахъана тумазул инициативаялъе дискредитация гьабизе ва живго Амутинов какизе. МухIамадсаламил ццим бахъинабун букIана Амутиновас 2010 соналда президентлъун вукIарав ГIалиев МухIу кIиабилеб болжалалдаги гьенивго хутIизе кколин абураб мехалда.
Гьелде тIадеги Амутиновас рагьун какун букIана полициялъе кумекалъе гIолохъабаздасан хасал къукъаби гIуцIиялда хурхун МухIамадсаламица гьабураб лъазаби».
13 октябралда тIубала анкьго сон Нальчикалда низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабазде ва пачалихъиял минабазде тIадекIанцIи гьабун букIаралдаса. Гьеб гьужум катастрофа букIанин абизе бегьула, щайгурелъул гьенив анцI-анцI чи чIван вукIун. Гьел къояз полициялъ ккурав 58 чиясда тIад диваналъул процесс жегиги халат бахъунеб буго.
Адвокатаз рикIкIунеб буго ккуразул гIемерисезда гIунтIизарулел ругин киналгIаги далилал гьечIел гIайибалин. Диваналъул процесалда жинда гIунтIизарулелщинал гIайибал рагIараб мехалда ккуразул цояв Божиев Арсеница абун букIана : «Нужеца бицунебщинаб жо цо сагIаталда жаниб гьабизе ккани дун БэтмангIаги ватила»-ян.
Лиз Фуллер