Араб рузман къо 16 ноябралдаса байбихьун 23 ноябралде щвезегIан Дагъистаналда ккарал лъугьа-бахъиназда гьоркьор рехсезе бегьула республикалде гьабун букIараб хъуй кIудияб кIиго визит.
Цояб букIана машгьурав динияв хIаракатчи ГIали МухIамад аль-Карадагил нухмалъиялда гъоркь бусурбабазул делегациялъ гьабураб. Гьелъул хIасилалда къабул гьабун букIана радикализм какулеб декларацияги кьун букIана жигьад, такъфир ва халифат щиб кколебали абун бичIчIиги.
КIиабилеб букIана Россиялъул лъайкьеялъул министр Дмитрий Ливановасул визит. Гьеб хурхараб букIана Дагъистаналъул ТIадегIанал цIалул идарабазул цIикIкIунисез аттестация кьечIолъиялда. Амма министрас абуна аттестация кьечIониги гьел цIалул идараби къазе гьечIин ва жибго гьеб аттестация гьабураб куцалдехунги суалал ругин. Гьеб кIиябго сапаралъул информалатаз мухIканго бицунги букIана.
Лиз Фуллер: «Карадагигун Ливанов рачIиналъул мухIканал ва гьабсагIаталъулал хIасилал ккечIониги, араб анкьалда гьабун букIана Дагъистаналъул гIемерал гIолилазул гIумруялъе асар ккезе бегьулеб цоги хIукму. Гьеб гьабун букIана Москваялъул мухъалда вугев дагъистаналъул вакил Сайгидов МухIамадил ва Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъул аскаразул Централияб регионалияб нухмалъиялъул бетIер Александр Львовасул данделъиялда. Хурхарабги буго гьеб хIукму дагъистаналдаса 250 гIолиласдасан бачIунеб хасалихъе жанисел ишазул министерлъиялъул хасаб «эксперименталияб» батальон гIуцIизе букIиналда.
Цо рахъалдасан, дагъистанияз хъулухъ гIурусаздаса батIа гьабулеб бугони миллатазда бан тунка-гIусиял гьезда гьоркьор рукIинаро ва гьебго заманалда гIурус миллаталъул гьитIинал офицераз, масала, чIабар чуричIогойин дагъистаниязе гьабулеб дисциплинарияб тамихI гьабизеги ресал дагьлъизе бегьула.
Амма гьебго заманалда гьеб инициативаялъ хадуб рачине бегьула чачаналъ 2000-билел соназ букIараб конфликталъе «чеченизация» гьабураб стратегия Дагъистаналда хIалтIизабиялдеги.
Чачаназул пачалихъалъе дандечIей гьабулел рукIарал къуватазе нейтрализация гьабун букIана чачаназдасанго гIуцIарал ва доб мехалда республикалъул нухмалъиялъе лоялиял «Запад», «Восток» абулел ва цоги батальоназул кумекалда.
Цоги рагIабаздалъун абизе бегьула бицен гьабулел дагъистанияздасан гIуцIизе бегьулин республикаялда ругел изну гьечIого яргъидгIуцIарал къукъабазде данде къеркьезе жанисел ишазул министерлъиялъул къуваталин. Гьелъин абуни, республикалъул бетIер МухIамадов МухIамадсаламие хирияб Дагъистаналъул халкъал цолъизариялъул концепциялъе ахир лъезе рес буго».
Лиз Фуллер