Дагъистаналде къватIисан инвестициял рачIунел гьечIо республикалда парахалъи гьечIолъиялъ. Гьелъие чанго нухалда республикаялъул нухмалъулесул ишал тIуразарулев ГIабдулатIипов Рамазанги мукIурлъун вукIана. Амма Дагъистаналъул буго дармил рахъалъ даимаб партнёр-Иран.
Дагъистаналъул премьер-министр ва порталъул нухмалъулев Хархаров Абусупьян гьаб анкьалда дандчIван вукIана Ираналдаса бизнес-делегациягун. Гьез гьоркьор лъун рукIана Ираналдаса бачIунеб къайи-цIа лъезе бакIал разе ккеялъул, ролъ цIунизе терминал базе ккеялъул ва нартихъ ролъ хисизе рес букIиналда хурхарал суалал.
РекъонхIалтIиялъул къотIи-къай гьабун букIана республикаялъул нухмалъиялъ 2010 соналда Ираналъул Гилан провинциягун ва араб соналда гьеб провинциялдаса делегацияги бачIун букIана Дагъистаналде.
Гьединго араб соналда республикаялъул нухмалъулевлъун вукIарав МухIамадов МухIамадсалам Москваялда дандчIван вукIана Россиялда Ираналъул вакил Сейед МахIмуд Реза Саджадигун. Амма бугеб рекъонхIалтIиялда гъей гьабун гьелъул гIурхъаби гIатIид гьариялъул къотIиял гьарун рукIинчIо доб мехалда.
Араб моцIалда МахIачхъалаялде вачIун вукIарав Саджади дандчIвана ГIабдулатIиповгун ва министралгун. Гьеб сапаралъул гIурхъабалъ экономикияб рекъонхIалтIи лъикIлъизаби мурадалда вакилас чанго идея кьуна республикаялъул хIукуматалъе.
Гьелдаго гьоркьоб букIана Дагъистаналде Ираналдаса ретIел-тIехалъул экспорт гьабиги. Гьес абулеб букIана гьелъие Россиялдаго бищунго лъикIаб бакIал бугин Дагъистанин.
Саджадида гьединго лъикIаблъун бихьулеб бугоан Ираналъул консуллъи МахIачхъалаялда рагьиги.
ГIабдулатIиповас разиго къабул гьаруна гьел церелъеял. Гьес абуна Каспий ралъад гьанже х1алтIичIого гIемерисеб мехалда кьижун бугин.
КIиябго рахъалъул экономикияб рекъонхIалтIи лъикIлъизабиялъул кIул МахIачхъалаялъул ралъдал порталда бугин абулеб букIана ГIабдулатIиповас, амма гьес рехсечIо гьеб лъица рагьизе ва лъица порт къачIазе бугебали.
Шарль де Голица абун букIана: «Жинцаго бицунеб жоялда божуларев политик кидаго гIажаиблъула гьес бицаралда гIадамал божун ратараб мехалда»,-ян.
Чачанлъиялъул нухмалъулев Къадиров Рамзан гьединавлъун ватич1ого вукIинеги рес буго, амма...
Гьаб анкьалда гьес Грозныялда кьуна Москваялдаса машгьурал журналистазе ункъго сагIаталъулаб пресс-конференция ва гьес бицарабщинаб гьоркьоб рагIи течIого гьез къватIибе кьезе букIиналдаги гьесул ракI чIараб букIанин кколеб букIана, гьес бицунелда гьел божулел ратичIоницин.
ЦебегогIадин гьесул цо-цо жавабал кинал рукIине ругелали лъалел рукIана, масала «рохьилазул» цо чанго анцIго чи гурони хутIун гьечIин абурабги, Европалда ругел чачаназе рокъоре тIадруссаян тIадецуй гьабулеб бугин абураб гьереси букIинги цогидабги. Амма киназулго кIвар буссараб жаваблъун букIана хъулухъалдаса рехарав Россиялъул вице-премьер Владислав Сурковасе жиндирго бакI кьелин гьес гьабураб лъазаби.
Кремлалъул пресс-секретарь Дмитрий Песковас гьел рагIабазда хурхун лъазабуна гьеб «абсурд» гьес абухъе бичIчIизе кколарин.
Унеб анкьалда блогераз кIвар буссинабураб цоги хIужалъун ккана Грозныялда футболалъул матч унаго рефери Къадиров Мусаца «Амкар» командаялъул футболис вухараб мехалда гьес жиндие «провокация» гьабунин гьединлъидал жинцаги кьабунин Мусаца ккараб бичIчIизабун хадуб, дур бакIалда «жинца гьев чIвазе вукIанин» Къадиров Рамзаница абураб.
Цо-цо блогеразул пикруялда гьеб хIужа кколеб буго такъсир гьабиялъул иш тIад рагьизе кколеб хIужалъун. Цогиязул пикруялда, гьелъ бихьизабулеб буго «Россиялъул тIалъиялда кризис букIин».
http://www.kavkaz-uzel.ru/articles/224799/.