Гьаб анкьалъ унеб букIана цебесеб анкьалъго Унсоколо мухъалъул Генуб росулъ байбихьараб хасаб операция. Гьелъул хIасилалда чIвана лъабго изну гьечIого яргъид гIуцIаравги цо полициялъул хIалтIухъанги. Чанго чи лъукъана. Росулъ байбихьараб хасаб операциялъул хIасилалда гендерил жамагIат гочизе ккана цоял аскIор ругел росабалъе, цогидал республикаялъул батIи-батIиял шагьаразде.
Блогосфераялда гьеб суал гьоркьоб лъуна тIубараб анкьалъ ва киназго батIи-батIиял пикраби загьир гьарулел рукIана гьелда хурхун. Аbu Said абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас загьир гьабулеб буго жинца гьеб дандечIеялъулъ гендерил яргъид гIуцIаразул рахъ кколеб бугин. «Бокьараб, дагьабгIаги жидеца жидер къадру гьабулеб росдал гIолохъабаца дандечIей гьабила чакмабигун рокъоре рачIарал гIадамазда», - абун хъвалеб буго гьес Фейсбукалда. Цоги блогеразул пикруялда рекъон, генал жалго гIайибиял руго росулъ изну гьечIого яргъид гIуцIарал рахчулел рукIиналъулъ. Ума МухIамадова абурай блогералъ хъвалеб буго гьадин: «Гьел ярагъгун хьвадулел гIолилазда бичIчIулеб гьечIищ жал сабаблъун гIайиб гьечIел гIадамалги, лъималгун руччабиги рокъоса къватIире ккезе бегьулеблъи», - абун.
«Дир пикруялда гьаб ахирисеб хасаб операциялъ тIадеги гендерил гIолохъаби рохьоре гъезе руго. 2007 соналъ байбихьараб, сонгун бащдаб лъагIелалъ халат бахъараб терроралда данде чIараб режималдаса хадур гIемерал гIолилал рохьоре ана», - абун хъвалеб буго ГъазимухIамад Авари абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерас. Цогидас хъвалеб буго, росу щущахъ биххизабуниги гьез дандечIей гьабизе бугин, къуваталдалъун проблема роцIцIине гьечIин. «Черновик» газеталъул форумалда гIемерисел блогераз хъвалеб буго Генуб росулъ къуваталъул идараялъул хIалтIухъабаз хъамалчилъи гьабулеб бугин, рухъзабахъа буголъи тIагIулеб бугин, боцIи хъвехъулеб бугилан. «Щибниги хIасил кьечIо хасаб операциялъ, цониги чиги росулъ кквечIо, халкъ тIадеги ццидахинаби гурони. Жакъа рокъоре руссаразда бихьизе буго хвезабураб магIишатги, щущазабураб буголъиги», абун хъвалеб буго Генуса Шамиль ГIалиевас Фейсбукалда.
Цойги блогераз цIикIкIун кIвар кьураб тема букIана гьаб анкьалъ хамиз къоялъ тIобитIараб Халкъияб мажлисалъул данделъи. Гьениб хIукму гьабуна парламенталъ регионалъул нухмалъулев вищизе рес кьолеб къагIидаялъ республикаялъул Конституциялда хиса-басиял гьаризе. Блогеразул киналго божун руго рищиял гьеб къагIидаялъ рукIиналда. Амма кинаб рищиял къваригIун ругел гьабсагIаталда республикаялъе абураб суалалда тIаса батIи-батIиял пикраби загьир гьарулел руго. Аслияб къагIидаялъ тIолгохалкъалъул рищиязда данде руго Р. ГIабдулатIиповасул рахъ кколел. Василав Василов абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогерасул пикруялда рекъон, гьабсагIаталда рищиял тIоритIани бакIалъулал рищиязул комитетазда жидее бокьарабги гьабун цереккун гIадин мекълъаби гьаризе бегьула ва ритIухъал рищиял тIоритIизе рес гьечIо.
Араб анкьалъго интернеталда гьеб суалалда хурхун чIагояб жигарчилъи бихьизабулеб букIана адвокат ва блогер Къадиев Расулица. Гьес рикIкIунеб буго Дагъистаналда чара гьечIого тIолгохалкъалъул рищиял тIоритIизе кколин. «Эркенлъи» радиоялъе гьадинаб баян кьуна гьес.
Къадиев Расул: «Дица кидаго тIолгорищиязул рахъ кколаан. Цебеккун тIубан Россиялдаго тIолгохалкъалъул рищиял нахъе рахъарабгоги. Амма доб мехалъ батIияб ахIвал-хIал букIана, рищиял цониги регионалда тIоритIулел рукIинчIо. Гьанже абуни тIолгороссиялда ихтияр буго рищиял тIоритIизе, амма нилъер Дагъистаналда гьеб бегьуларин рикIкIунеб буго. Унго-унгояв, жиндир къадру гьабулев дагъистаниясда гьеб хъинтIула. Нилъеда абулеб буго цоги регионазда ихтияр бугин жидеего нухмалъулев вищизе, нужер ихтияр гьечIин. Гьеб ккола тIолабго Россиялда крестьянал лагълъудасаги эркен гьарун, хадур цо-цо регионазда нахъе лъагълъуде рачин гIадаб жо. КIиабилебги, нилъ ккола киналго гражданал. Юрист хIисабалда дида лъала гьеб статусалдаса нилъ махIрум гьаризе ихтияр гьечIеблъи. ТIадеги, киса-кибего нухмалъулез абулеб буго гражданияб жамгIият гIуцIизе кколин. Гьединаб жамгIият гIуцIизе ккани халкъалда ва тIалъиялда гьоркьоб божилъи букIине ккола. Кинаб божилъи букIинеб нилъ тIалъиялъ рищияздаса рикIкIад гьарулел ругони? Нилъер депутатаз нилъ гьеб ихтияралдаса махIрум гьари ккола къануналда данде кколареб ва Конституциялъ гьукъараб иш».
«Дагъистан республикаялъе гьабураб хъулухъалъухъ» абураб шапакъат кьуна Р. ГIабдулатIиповас Дагъистаналдаса безнесмен, Анжи клубалъул хважаин Керимов Сулеймание. Блогераз гьеб суалалда хурхунги гIемер пикраби загьир гьаруна. Муртазалиев Муратазали абурав блогерас хъвалеб буго гьеб бугин Р. ГIабдулатIиповасул цIакъ кIвар бугеб политикияб гали. «Керимов шапакъатги кьун ветIа-веццун жиндирго рахъалде цIана», абун хъвалеб буго гьес. Р. ГIабдулатIиповас гьелдалъун хIалбихьи бугев политикасда рекъараб гали гьабуна абун хъвалеб буго Кавсарат СултIанова абурай блогералъ.