Дагъистаналъул бусурбабазул динияб идараялъул информациялъул алатазе гьабураб лъазабиялда рекъон Рамазан моцΙ байбихьизе буго гΙага-шагарго 20 абилеб июлалда. Гьединго бицана щибаб соналъ Дагъистаналда тΙадеялдаса тΙаде цΙикΙкΙунел ругин кΙал ккураб моцΙги гьелда хурхарал байрамалги кΙодо гьарулел гΙадамазул къадар. Кинаб асар гьабулеб бугеб кΙал ккураб моцΙалъ ва гьединал цоги байрамаз гΙадатиял дагъистаниязул рукΙа-рахъиналда ва Дагъистаналда бугеб хΙалуцараб ахΙвал-хΙалалда?
ТΙоцебесеб кΙал ккураб къоялда хурхун Дагъистаналъул динияб идараялъул официалияб лъазаби жеги гьечΙо. ШаригΙаталда рекъон Рамазан моцΙ байбихьараблъун рикΙкΙуна жидеда божизе бегьулел гΙадамазда моцΙ бихьун хадубилан бицана Дагъистаналъул муфтий АхΙмад-хΙажи ГΙабдулаевас РИА «Дагестан» сайталъе кьураб баяналда. Гьелда хурхун Ι9 июлалда къаси сагΙат анцΙгоялда МахΙачхъалаялъул централияб мажгиталдаса букΙине бугеб трансляциялда мухΙканго бицине буго кΙал ккураб моцΙ байбихьараб мехилан бицунеб буго рехсараб лъазабиялда.
Цересел соназда Дагъистаналъул гΙалимзабазда гьоркьор рукΙана Рамазан моцΙ байбихьулеб къо лъазабиялда сверухъ дандеккунгутΙиял. МахΙачхъалаялъул Малыгинил цΙаралда бугеб мажгиталъул имам Исрапилов Идрис-хΙажица информациялъул алатазе кьурал баяназда Динияб идараялъул хΙукмуялдаса разилъи гьечΙолъи бихьизабулеб букΙана. «Динияб идараялъ нилъеда лъазабулеб буго ГΙарабустаналда моцΙ бихьараб гΙуж ва гьелда рекъон чΙезабулеб буго гьаниб кΙал ккураб моцΙ байбихьи. ГΙарабустаналда бихьараб моцΙ гьаниб бихьунгутΙизеги рес бугелъул, моцΙ бихьичΙого кΙалги кквезе бегьуларо, гьеб моцΙ бихьизе хΙаракат бахъулев чиги гьечΙо»-ян бицунеб буго гьес «Настоящее время» газеталъул мухбирасулгун гьабураб гара-чΙвариялда.
КΙал кколел гΙадамазул къадарги тΙадеялдаса тΙаде цΙикΙкΙунеб буго, амма гьеб кΙал кколеб къо чΙезабиялдаса кΙудияб масъала гьабулеб бугин рикΙкΙунеб буго МахΙачхъалаялдаса физикаялъул мугΙалим ХΙасанов МухΙамадица. ГΙалимзабаз тΙубараб соналъ цебего чΙезабулин гьеб моцΙ баккулеб гΙуж, хΙатта нусго соналдаса букΙине бугеб бакъ-моцΙ ккураб гΙужги мухΙканго чΙезабула, гьезул баяназда хадур щай рилълъунарел абун гΙажаиблъи гьабулеб буго гьес. Кин бугониги, шаргΙалда рекъон моцΙ бихьичΙого кΙал кквезе бегьурилан рикΙкΙунеб буго киназдего гΙагарун Дагъистаналъул диниял гΙалимзабаз ва чΙахΙиял мажгитазул имамзабаз.
Дин тΙибитΙарабгΙан ва диналда хурхарал тадбираз ва байрамаз дагъистаниязул гΙумруялъ цΙикΙкΙун бакΙ ккунагΙан хΙалуцараб ахΙвал-хΙал гΙодоцунеб гьечΙо. Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул мугΙалим, философиял гΙелмабазул кандидат Нугъаев МухΙамадида Дагъистаналда бугеб дандечΙеялъе гΙилла бихьулеб буго диниял суалазулъ гуреб, социалиял проблемабазулъ.
Нугъаев МухΙамад: «Диналъ щиб малъулеб? ГΙадлу, тΙадегΙанаб даражаялъул адабчилъи, кΙиябго дунялалда инсанасул лъикΙабщинаб. Гьаб жакъа гьадинаб ахΙвал-хΙал букΙиналъул аслияб гΙилла буго социалияб ритΙухълъи гьечΙолъи. КинабгΙаги диналда хурхараб жо гуро гьеб, диналъ нилъедаса тΙалаб гьабулеб буго ритΙухълъи чΙезаби киса-кибего, гьелъие гΙоло къеркьей. Сверухъ ритΙухълъи гьечΙеб мехалъ социалиял нормабазулгун диниял нормабазул дандеккунгутΙи загьирлъулеб буго. Диналъ кΙудияб асар гьабулеб жамгΙияталда гΙемерисел социалиял дандечΙеязул букΙуна динияб кьучΙ. Гьедин буго Дагъистаналдаги.
Киса-кибего буго ритΙухълъи гьечΙолъи. ГΙолохъанаб гΙелалда аскΙоб гьечΙо ритΙухълъи, херал чагΙазда аскΙоб гьечΙо, херазул рукъзал цΙун руго, сакъатал гΙадамал гΙемерлъулел руго, рехун тарал лъималазул къадар цΙикΙкΙунеб буго. 90-абилел сонал щвезегΙан нилъер Дагъистаналда херазул рукъзал ялъуни бесдалазул рукъзал щил жалалали лъалеб букΙинчΙо, гьенир хΙалтΙулел гΙадамалги рукΙана гьабизе жо тΙагΙун. Диниял рикьалабазда жанир ругел дандеккунгутΙиял нилъеда хъваларо, гьел жанирго хутΙула. Динияб дандечΙеялда хурхарал гьечΙо гьанир ругел кьвагьа-гΙанхъиял. Цо-цо суалазулъ гьел данде кколел ратичΙониги, цере лъурал масъалаби гьезул цого руго: киса кибего гΙадлу, цоцазул адаб гьаби, бикъа-хъами, цогь, ришватчилъи лъугΙизаби, ритΙухълъи, гΙадамасул рукΙа-рахъин лъикΙлъи. ХΙакимчиясул ва тΙалъиялда сверухъ ругезул гуро, гΙадатиял гΙадамазул».
РукΙа-рахъин лъикΙаб, ритΙухълъи цΙикΙараб ва гражданияб жамгΙият бугеб чΙинкΙиллъилъун бихьулеб буго Нугъаев МухΙамадида МахΙачхъалаялъул Котровасул къотΙнор гΙумру гьабулел гΙадамазул гΙумру.
Нугъаев МухΙамад: «Дун вукΙана Котровасул къотΙнов. Гьениб буго вагьабиязулин абулеб мажгит. Гьеб къотΙнор ругелщиназдаги абула вагьабиялин, руччабиги гьенир рукΙуна чΙегΙераб ретΙелги ретΙун хьвадулел. Дун гьенив щвана, гьез жидерго мисалалдалъун бихьизабулеб буго гьаб жамгΙияталда кин гΙумру гьабизе кколебали. Гьезул тукабазда кинабго рагьун буго, ричарулел гΙадамал гьечΙо аскΙор. Къайи босизе бокьун бугилан ахΙун вачана тукадул хважаин. Гьедин гΙумру гьабулеб буго гьез. Кинабго рагьун буго, гьечΙо кинабгΙаги цΙогь ялъуни рекъечΙеб хьвада-чΙвади, кинабго буго бацΙцΙадго. ГьабсагΙатлда гьез жидерго рукΙа-рахъиналдалъун бихьизабулеб буго мисал цогидазда».
МахΙачхъалаялъул Сайфула къадиясул цΙаралда бугеб исламияб институталъул мугΙалим Гъазиев Чупанил пикруялда рекъон кΙал кколеб моцΙ щвеялдаса роххун руго гΙезегΙан дагъистаниял. Гьелъ бицунеб исламалде цΙикΙкΙун гΙадамал цΙалел ругилан ахираб заманалда ва гьелъ дагь-дагьккун Дагъистан талихΙаб букΙиниселде бачине бугилан.