Дагъистаналда къалел руго цIалул идараби

Дагъистаналда рагьарал пачалихъиял гурел цIалул тIадегIанал идараби къазе кколин абурал кагътал ритIун руго республикаялъул прокуратураялъ.
Гьелъ рикIкIунеб буго гьел цIалул идарабазда жанир студентазе хIажатал шартIал гьечIилан. Мисалалъе, гьечIо жанир чIезе хасал аудиториял, пуланаб махщалие ругьун гьаризе, гьеб малъизе гIураб тIахьал яги цогидаб материал. Гьединго мугIалимзабазул лъайги гIураб даражаялда гьечIо. Гьелъ лицензия щвечIел идарабиги гIезегIан руго. ПалхIасил, прокуратураялъ къазе кколин лъазабурал кагътал ритIун руго пачалихъияб гуреб 34 цIалул тIадегIанаб идараялде.

Советияб хIукуматги биххун, улкаялда гIумру батIайисан гIуцIизе лъугьиндал, цин МахIачхъалаялда, цинги цогидал шагьараздаги байбихьана цере кара-ккаралъур институтал, университетал, ялъуни Россиялъул цониги машгьураб университет-институталъул Дагъистаналда бугеб филиал абун цIалул идараби рагьизе. Гьедин МахIачхъалаялда букIана Сан-Марино абураб университетгицин. Пачалихъиял цIалул идарабазда жидехъа гIарац тIалаб гьабулеб бугин, гьедин цIан бахъун гьенибе кьезе кIуди-кIудиял гIарцал гьечIин жидеран, гIадамаз жидерго лъималги цIи рагьарал бакIазде лъугьинарулаан. Гьезда дагь бихьулаан лъагIа-лъагIалие гьенибе кьезе кколеб гIарац. Гьебго жо буго гьанжеги. ТIадежоялъе гьединал институтал-университетаздаса кьурал дипломаздаги хъваларо пуланав чияс кинабалиго университеталъул филиал МахIачхъалаялда яги Дербенталда лъугIизабунин. Хъвала диплом кьолеб бугин Санкт-Петербургалъул, яги Москваялъул, ялъуни Ростовалъул кинабалиго къадруяб университетги лъугIизабунилан. Амма Дагъистаналда дипломазул кIвар букIуна пачалихъияб хIалтIуде росулелъул. Пачалихъиял цIалул идарабазда ришватчилъи букIунилан кигIан гIадамал гаргаданиги, гIемерисеб мехалда тIаса рищула пачалихъияб университет-институт лъугIарал гIадамал.

Лъица щиб абуниги, пачалихъиял гурел цIалул идарабазда гIайиб бихьулеб гьечIо Лачин Лачиновасда. ГьанжелъагIан гьевги вукIана социалияб университеталъул МахIачхъалаялда рагьараб филиалалда дарсал кьолев. Гьединлъидал Лачиновас рикIкIунеб буго пачалихъиял цIалул идарабазде рорчIичIого хутIарал гIолилазе рес кьолеб бугин бицен гьабулел филиалаз сундехунниги рухьун рукIине.

Лачин Лачинов: «Дун рази гьечIо гьел филиалазул киназго мукъсанаб гурони лъай кьоларин абураб пикруялда. Жакъа къоялда лъай щивав чияс жинцаго балагьизе ккола. Гьелъие чанги ресалги руго. Гьединго лъида кигIан лъалеб бугебали бихьизе, пачалихъиял цIалул идараби лъугIарал чагIазулги гьал цоязулги аттестацияги гьабизе бегьула. ГIарцухъ ричарал диплома кьолин гьел филиалаздаян абун буго Дагъистаналъул нухмалъулес. Гьелъул хIакъикъат лъазабеян абеха цIех-рехал гьаризе тарал идарабаз. Мисалалъе, Москваялъул социалияб университеталда хIалтIулебгIан заманалда дида гьединал жал халлъичIоха. Гьелъул гIаксалда, нижер филиалда хIалтIи хвезабулеб букIана дарсал кьезе пачалихъиял цIалул идарабаздаса гьенире рачIунел рукIарал мугIалимзабаз. Студентаздехун бербалагьиги гьезул букIана тIаса-масагояб, ришватчилъиги гьез бачунаан гьенибе. ГIисинал цIалул идарабазда гьединаб жо букIунаро. Жидерго къадру гIодобе ккелин хIинкъун рукIуна гьел. ПалхIасил, гьел филиалазде гьужумал гьаризе лъугьиналъ лъикIаб хIасил кьеларин ккола дида».

ПалхIасил, гьедин дора-гьанир рагьарал институталги филиалалги къазе кколин цебеги бицунаан республикаялда. ГьанжегIагар, исана I9 сентябралда, чIванкъотIун гьединаб суал цебе лъуна республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас. Гьеб букIана «Валдай» абулеб халкъазда гьоркьосеб дискуссиязул клубалда гьев кIалъалеб мех. Масала, цебе Дагъистаналда букIанин цIалул тIадегIанаб щуго идара, гьанже бугин батIи-батIиял цIалул идарабазул 56 филиал, гьелги кколин гIарцухъ дипломал ричулел идарабиян абуна Рамазан ГIабдулатIиповас. Гьединлъидал жинца лъазабун бугин аслияб анкьго идараги тун, хутIарал киналго республикаялдаса нахъе гъеян. БукIине кколедухъ лъай кьунгутIиялъ школалъулги тIадегIанал цIалул идарабазулги къимат хун бугин гьанжеянги рикIкIунеб бугоан республикаялъул нухмалъулес.