Экзаменазул къагIидабазда хиса-басиял

Пачалихъалъул цогояб экзамен кьеялда жанир хиса-басиял халат рахъунел руго. Математикаялъул экзаменалъул балалъул бищун гIодобегIанаб гIорхъи дагь гьабизе хIукму гьабуна гьал къоязда «Рособрнадзоралъ». Цебе букIараб 24- ялъул бакIалда 20 бал щваниги гIола гьезие экзамен кьураблъун рикIкIине ккани.
Математикаялъул цогояб пачалихъалъул экзаменалъул балалъул бищун гIодобегIанаб гIурхъи дагь гьабизе хIукму гьабуна «Рособрнадзоралъ». Экзамен кьураблъун рикIкIине ккани цIалдохъанасе щвезе кколаан 24 бал, гьанже дагь гьабун буго 20 щвезегIан. Щайгурелъул цIалдохъанасе захIмалъулеб букIанин математикаялъул экзамен кьезе гьеб дагь гьабичIебаниян баян гьабуна гьеб хIукму «Рособрнадзоралъул» вакил Сергей Кравцовас.

ХIакъикъаталдаги цебесеб соналде дандеккун исана математикаялъул пачалихъалъул цогояб экзамен хашго кьун буго цIалдохъабаз. Гьедин экзамен кьураблъун рикIкIине хIажалъулеб нусго бал 64 чиясе гурони щун гьечIо исана, 2013 соналда гьединазул къадар букIун буго 536 чи.

Араб анкьалъ гьединабго куцалъ дагь гьабун букIана гIурус мацIалъул пачалихъалъул экзаменалъе щвезе кколел балазул бищун гIодобегIанаб къадар. Гьелъие чIезабураб гIурхъи букIана 36 бал гьеб дагь гьабуна 12 балалъ ва гьелъие бищун гIодобегIанаб гIорхъи чIезабуна 24 бал.

ХIисабалъул гIемлуялъул дарсиеги гьеб гIорхъи дагь гьабиялда бан гьелъ кинаб хIасил кьезе бегьулеб абураб суалалда тIасан гара-чIвари гьабуна нижеца лъай кьеялъул хIалтIухъабигун.
Школалда малъараб жоялда рекъон математикаялъул ЕГЭ кьезе гьедигIан захIматаб жо гурилан абуна гIемерал соназ хIисабалъул дарсил мугIалимлъун хIалтIарав, Гъуниб мухъалдаса ГIабдулманапов Гъайирбегица. Гьанже экзаменалъул бищун гIодобегIанаб балалъул гIорхъи дагь гьабун хадуб дагьабги бигьалъизе кколин цIалдохъабазе гьеб кьезе.

ГIабдулманапов Гъайирбег: «Къого хIалтIиялда гьоркьосан лъабго ункъо кьуниги бегьулеб бугоха гьанже гьеб гIурхъи дагь гьабун батани, гьебниги кьезе кIвезе ккола 11 соналъ школалда цIаларав чиясда».

ЭР: Исана ЕГЭ кьуразда гьоркьосан 64 чиясе гурони щун рагIуларо 100 бал, гьеб гIиллаялъ гьабун бугоха гьединаб хIукму…
ГIабдулманапов Гъайирбег: «Гъоркьиса букIарабги, исана ЕГЭ кьураб куцги данде бачине бегьилиш. Гъоркьисала гIадин гьезие эбел-инсуца кумек гьабизе течIелъул. Киназго жидерго бугеб лъаялда рекъон кьуна экзамен».

ЭР: ТIоцебего гьединаб куцалъ тIобитIун букIарабани хIасил батIияб букIинааниш жакъа?

ГIабдулманапов Гъайирбег «БукIинаан. Лъимал ругьунлъизе рукIана ЕГЭ жидецаго кьезе, амма жакъаги кватIун гьечIелъул гьеб».

Даньал церегIан къояз баян гьарун рукIана дагъистаналда пачалихъалъул цогоял экзаменазул тIоцересел хIасилал, гьедин географиялъул экзамен кьолеб букIун буго 684 чияс ва гьезда гьоркьоса 339 чиясда экзамен кьезе кIун гьечIо. Литератураялъул экзамен республикаялда кьолеб букIун буго 701 чияс ва гьеб кьезе кIун буго 368 чиясда. Экзаменазул лъикIал къиматал щваразул къадарги дагьаб буго – 2-3%. Гьезул хIалтIаби цIидасан халгьабизе руго цогидал регионазда. Математикаялъул экзаменазул хIасилал жеги баян гьарун гьечIо.