Жагьид Йылдырым: «МагIарулал рихьараб мехалъ гIодизе бачIана...»

Жагьид Йылдырым, Туркиялда гIумру гьабун вугев аварав

Гьал къоязда Дагъистаналда гьоболлъухъ вукIана Туркиялдаса магIарулав Жагьид Йылдырым. Гьев ккола гIурус пачагун 25 соналъ вагъарав имам Шамиль асир гьавуравго Дагъистаналдаса гочарал магIарулазул наслуялъул чи.
Дунялалъул церетIурал улкабазда гIадин заманалъул къимат гьабулеб гьечIин, гьединго гьабулеб ишалъулъ ракIа-раххари гьечIин Туркиялъулин рикIкIунев вукIарав Жагьид Дагъистаналъ тIуванго гIажаиблъизавун вуго аэропорталдасанго. Масала, цин Стамбулалдаса МахIачхъалаялде боржунеб самолет ункъо сагIаталъ кватIун буго. ГIунгутIаби рукIун руго МахIачхъалаялде щведалги.

Жагьид Йылдырым: «Истамбулалдаса МахIачхъалаялде самолет боржине бала кIиго сагIатгун бащадаб. Гьанире щведал аэропорталда бана нижеца лъабго сагIат, гьалъул-долъул халгьабун кутакалда захIмалъизабун буго. Истамбулалъул аэропорталъ цо сагIаталда жаниб къабул гьабула щунусго самолет. Гьанибин абуни лъабго сагIат бана 80 чи аэропорталдаса къватIиве виччаларого».

Амма кин букIаниги жиндир умумузул ватIаналда гIумру цIакъго цебетIун гьечIониги, гIаданлъи цIикIкIараб бугин рикIкIуна Жагьидица.

Жагьид Йылдырым: «Цо бакIалда гIумру цебетIуни, гIаданлъи дагьлъула. Нижер доба гIаданлъиги, яхIги, цогидабги дагьлъун буго. Гьанир росабалъ ругел магIарулал рихьараб мехалъ диего гIодизе бачIана. БацIцIадаб магIарул мацIги бицунеб буго. Кьохъ абураб росулъе щведал къого сон барав гIадав ункъо-щуго гIолохъанчи вачIана аскIове. Как ахIун бугодай абун лъугьана гьел. Цинги, гьеб ахIун букIин лъайдал, нухда бугеб гьитIинабго мажгиталда жамагIат гьабун как базе лъугьана гьел. Гьедин гьел гIолохъабаз жамагIат-как бай дие цIакъго рекIее гIуна. Умумузулги, Аллагьасулги, имам Шамилилги нух ккун унел чагIи».

Дагъистаналъул мугIрузул росабаздаги гIатIилъиялда ругездаги гьоркьоб гьадинаб батIалъи бихьулеб буго Жагьидида.

Жагьид Йылдырым: «Гъора яшав гьабун чIаралъухъ хIукуматалъ щибаб къойил гIарац кьезе ккола. ЦIакъ захIматаб яшавалда руго гьел. Ссанда хурзалги гьарун, пихъ бижизабун, гIадамаз гьениб гьабун бугеб хIалтIи бихьидал, дун гIажаиблъун хутIана. Гьелдаса хадув дун щвана ЧIикIаб росулъе. ЦIан битIараб авлахъалда буго гьеб. Амма рекьи, реги, хурзал рекьи гьечIо. Щивав чиясул азбаралъуб КамАЗ автомобиль буго чIезабун. Гьеб КамАЗазул росу бугин абуна дида. ГьадигIан берцинал хурзалги ругин, аскIобго лъимги бугин, гьал хурзал щайин нужеца рекьичIого таралин дица гьикъидал, гьенир хIалтIун бихьулеб къоялда бащадаб жо гьениса жидее щоларин жаваб кьуна цояс. Гьаниса ун Москваялде, Петербургалде жинца босулила къайи, гьеб бичулила гьаниб. Гьедин жиндие щолила росулъ хурзабахъ хIалтIун лъагIалица щолелдаса анцIго бутIаялъ цIикIкIун хайир. Бигьалъи тIалаб гьабулел гьел ратун хадур, технологиял хIалтIизаруни, гьеб бега-бекьиги бигьалъула. Гьанжеялдаса 40 соналъ цебе, дун гьитIинаб мехалда, мунагьал чураяв инсуца моцIица харицел хьвагIулаан. Гьанжейин абуни доб моцIица инсуца гьабулеб букIараб хIалтIи техникаялъул кумекалдалъун цо сагIаталда жаниб гьабула. Гьанже дуда хур пуруцги босун оцаца бекьейин абулев чи вугищ? ГьечIо».

Жагьид Йылдырым хIадур вукIана умумузул ватIаналдехун бугеб рокьул хIакъалъулъ тIубарал сагIатазги бицине. Гьелъие нугIлъи гьабулеб цо хIужалъун бугоан анцIго соналъ цебего сигнал хIисабалда телефоналда лъураб магIарул халкъияб кечIги.