БухIулеб рохьги, гьечIеб гIадлуги

ДРялъул Жанисел ишазул министерлъиялдасан щварал баяназда рекъон, республикаялъул шагьараздагун мухъазда гьоркьоб хIалуцараб ахIвал-хIал бугеблъун ва кьвагьа-гIанхъи гIемераблъун кколеб буго ЦIунтIа мухъги. ХIакъикъаталдаги, гьеб мухъалда изну гьечIого яргъид гIуцIаразулгун кколел кьвагьа-гIанхъиязул ва чIвай-хъвеязул гIемер бицуна Дагъистаналъул информалатазги. Гьебгиха къуваталъулал идарабазул хIалтIухъабаздалъун гIураб къуваталда хьезабураб мухъ гьеб бугониги.
Гьеб гуребги, ахираб заманалда ЦIунтIа мухъалда тIад ран рухIулел руго рохьазул нус-нус гектарал. Гьебгиха, гьеб мухъалда рещтIен гьабун ругел рагъулал аскариязул тасамахIлъиялдалъунин бицана ЦIунтIа мухъалдаса мугIалим ва журналист ГIабдулаев ГIисаца. Гьесул рагIабазда рекъон, изну гьечIого яргъид гIуцIарал кквезелъунги, яги гьадинго рагъулал хIалбихьиял тIоритIулагоги рохьахъе балеб бугила гIемераб гумпара ва гьелъул хIасилалда рухIулел ругила рохьалги. Гьелда тIасан гьадинаб гара-чIвари ккана нижеда ва ГIабдулаев ГIисада гьоркьоб:

ГIабдулаев ГIиса: «Райцентралда (Кидиро – авт.) цебе букIана рагъулал къуватазул, ай гIурхъаби цIунулезул хIалбихьиял гьариялъул мурадалда лъураб кьвагьи. Къалъул гIужалда гIадин тIадехун бугеб рохьоб речIчIараб гумпараялъ гьениб цIа ккана. Жакъаги буго гьебго рохьосан кIкIуй баккун. Гьезул ихтияр рагIула бокьараб бакIалда кьвагьи лъезе, ай сигнал бачIаралъуб тIад кIкIуй бетизабизе. Гьелъул хIакъалъулъ ахIи-хIур бахъинабуна киса-кибего, амма хIасил кколеб гьечIо.

ЭР: «ЦIа свинабизе гIураб къуват батиларогури ЦIунтIа мухъалда»?

ГIабдулаев ГIиса: «Кинаб къуват букIинеб, хIатта рохьазде аскIоре къазе лъиданиги кIолебги гьечIеб мехалда. Аллагьас цIад байдал свинабулаха гьеб цIа.

ЭР: «ЦIа свинабулезул хъулухъ бугищ ЦIунтIа мухъалда»?

ГIабдулаев ГIиса: «ЦIа свинабулезул автомобиль буго, амма гьелдаги кIвелищ рохьазде аскIобе къазе. Гьединго, нухал гьечIелъубеги кинха гьеб бачинеб?

ГIабдулаев ГIисаца бицухъе, захIматаб ахIвал-хIал букIиналда бан, ЦIунтIа мухъалда гIадлу гьечIолъиялъул бицун гIарз бахъанила федералияв инспектор Колесниковасдеги. Берда цебе гIадамал чIваниги такъсирчагIи ралагьизелъун гьезда хадур рахъунел гьечIила къуваталъулал идарабазул хIалтIухъаби. Щибго кIвар кьолеб гьечIила ахIвал-хIал чуч гьабиялде.

ХIакъикъаталдаги къуваталъулал идарабазул гIураб къуват жаниб бугеб гьеб мухъ цо чанго изну гьечIого яргъид гIуцIарас хIинкъиялда гъоркь чIезабун бугин бицуна бакIалъулал гIадамазги. Гьеб пикру ритIухъ гьабун «Черновик» газеталъул редактор МухIамадов Бияхъайицаги абуна хIакъикъаталдаги гьединаб иш лъугьун бугила гьениб.

МухIамадов Бияхъай: «ЦIунтIа мухъалда вугев ункъо-щуго боевикас тIолабго гьеб мухъго кодобе босун буго. МугIалимзабазухъе, тохтурзабазухъе, социалиял хIалтIухъабазухъе флешкаби ритIун. Гьезул идарабазул нухмалъулелцин гьениса тIурун МахIачхъалаялда руго. ГIадамал чIван, мактабал рухIун, хIинкъаби кьун, цоязда кIинусго, цогидазда лъабнусго гъурущ тIад гIакIа лъун ункъо чияс кодобе босун буго 12 азарго чияс гIумру гьабулеб ЦIунтIа мухъ. 100-гIан чи вугев полициялъул отделги буго доба, гIурхъаби цIунулелги руго. Амма гьел чагIи ккун бажарулеб гьечIо гьебгощинаб къуваталда».

МухIамадов Бияхъайицаги, гьединго, нижергун гара-чIвари ккарав ГIабдулаев ГIисацаги бицухъе, ракIалде кколеб бугила ЦIунтIа мухъалда гIадлу гьабизе бокьичIеб хIисаб бугин.