МугIалим:"Нижеца террористал куцаларо"

МахIачхъалалялъул тIоцебесеб номералъул школа

Жидеца террористал куцаларин бахIарзал гурониян абулеб бугоан МахIачхъалаялъул тIоцебесеб школалъул мугIалимзабаз Бостоналда теракт гьабиялда щаклъи бугел вацал Царнаевазул гьикъизе рачIунел журналистазда.
Низам цIунулезул баяназда рекъон, цо заманалда Хъирхъизиялдаса гочун Дагъистаналде бачIун буго Царнаевазул .
1980 соналдаса нахъе гьеб школалда хIалтIулей Фаризат МухIамадсагIидовалъ абуна жинда гьел лъимал ракIалда гьечIила.

Фаризат МухIамадсагIидова: "РихьичIо ва рагIичIо. Гьедин террористал рахъарал лъимал ккечIо гьанир. Гьелъул гIаксалда, нижер гьанир цIалун рахарал лъимал бахIарзаллъунги машгьурал гIадамаллъунги рахъана. Масала, дир цIалдохъан кколаан Дагъистаналъул президентлъун вукIарав МухIамадов МухIамадсалам".

ТIадежоялъе гьел васал цIалулеб 12 соналъ цебе Дагъистаналъул школазда терактаздехун хурхарал киналгIаги хIужаби кколароанин тIадежубана гьелъ.
МахIачхъалаялда бараб ункъо моцIида жаниб Дагъистаналъ кьезе кколарин гьезул жавабин гьоркьое жуяна тIоцебесеб школалъул техникияй хIалтIухъанги. Гьелъул пикруялда рекъон, гьел васазул жаваб кьезе ккола гьезие цIикIкIун тарбия кьураб бакIалъ.

Техникияй хIалтIухъан: "Америка гьеб батани, Америкаялъ кье гьезул жаваб. Гурони Россиялда, яги Путинида, ялъуни нижер ГIабдулатIиповас щиб гьабизе кколеб?"

Тарбия кьеялъул рахъалъ школалъул директор хисулей Насрулаева ГIайшатида ракIалда руго Царнаевал. ГьитIинав вас - Жовгьар - тIоцебесеб классалда, кIудияв - Тамерлан - микьабилелда вукIанила.

Насрулаева ГIайшат: "Микьабилеб "А" классалда вукIана Тамерлан. ГIадатияв вас вукIана гьев, киналго лъимал гIадал. МугIалималъ абу-абурабги гьабулаан, цадахъ ругезе кумекалъе ватулев, ракI лъикIав вас вукIана".

Царнаевазул эбел-эмен божулел гьечIо Бостоналда теракт жидер лъималаз гьабиялда. Гьединго ЭР-ялъулгун букIараб гара-чIвариялда гьезул эмен Анзорицаги абуна жидер лъималги багьанадуй ккун цо лъиеялиго къваригIун бугин политикиял баллал щвезе.

Анзор Царнаев: "Цо лъица букIаниги ургъунго гьабураб жо буго гьеб. Ургъунго!!! Дида лъаларо лъие, сундуе гIоло гьеб къваригIун бугебали. Нилъеда лъалелъул нилъерго лъимал. Дидаги лъала. Какгицин балареб мехалда кин гьединал жал гьарулел. Киданиги кьвагьулел алаталги рукIунароан гьезухъ. ЦохIо кIудияв васас балаан как. Гьедин ФБРалъул чагIи рачIунаан цIехолдизе рокъоре. Щиб, кин абун. ГьитIинас как балароан. Гьелъие гIоло гьабураб жо гуро..."

Интернеталда "В Контакте" сеталда рагьухъе буго Жовгьар Царнаевасул "гьумер". Гьенир руго вацазе нагIана кьун хъваралги, гьезул хъизаналда зигара бан гьаруралги хъвай-хъвагIаял.