Би тIей халат бахъунеб буго Дагъистаналда

Низам цIунулел хIалтIухъабазде тIаде кIанцIи гьабиялъул чанго хIужа ккана араб сардилъ Дагъистаналъул чанго мухъалда. ЦIех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъ арбагI къоялъ кьураб баяналда абулеб буго Гъизилюрт мухъалъул полициялъул хIалтIухъабазулгун букIараб кьвагьа-гIанхъиялъул хIасилалда чIварав чи цевеги низам цIунулезул идараялъул хIалтIухъан вукIанилан.
Гьеб лъугьа-бахъин ккана талат къоялъ къаси Гъизилюрт мухъалъул ЦIобокь-Миякьо абулеб росулъ. Полициялъул хIалтIухъабаз жидерго щаклъи букIун хал -шал гьабизеян лъалхъизарурал кIиго гIолохъанчияс кьвагьи лъун буго гьезде ва лъутун унаго полициялъул хIалтIухъабазде кьвагьул алатги рехун гьеб бакIалдаса тIагIун руго.

Гьелъул хIасилалда захIматго лъукъун вуго такъсирчагIи кквезе полициялъулазе кумек гьабулев вукIарав ЦIобокь-Миякьо росулъа чи. Гьев азарханаялда хун вуго хадув, гьединго лъукъун вуго Гъизилюрт мухъалъул участковиял полициялъул хIалтIухъабазул нухмалъулевги. Гьесул гIумруялъе хIинкъи гьечIин гьанжеян абулеб буго тохтурзабаз.

ЦIех-рехалъул комитеталъ тIадеги кьурал баяназда абулеб буго, кьвагьа-гIанхъи ккун 10 минуталдасан такъсирчагIаз хIинкъиги кьун бахъун буго ЦIобокь-Миякьо росулъа чиясул 21 -абилеб маркаялъул автомобиль ва жал росу рагIалде щвезареянги абун гьелдаса хадур тIагIун руго.

Полициялъул нухлол патруль мугIрузда

Полициялъул хIалтIухъабазде кьвагьдеялъул хIужа араб сардилъ гьединго ккана Дагъистаналъул Гумбет мухъалдаги.Сордо бащалъараб гIужалъ гьеб мухъалъул ЛъаратIа абулеб росулъ низам цIунулез хал-шал гьабизелъун лъалхъизабураб автомобилалъусан гьездеги кьвагьдон лъутун руго щалали лъазе кIвечIел кIиго гIолохъанчи. ТакъсирчагIи ралагьизелъун росу сверун ккун бугин хъвалеб буго нижехъе щварал баяназда, сардилъ ккараб кьвагьа-гIанхъиялъул хIасилалда полициялъулазул щивниги лъукъун гьечIо.

Низам цIунулел хIалтIухъабазде тIаде кIанцIиял гьариялъул хIужаби цикIкIунел рукIиналъул чанго нухалда бицун букIана «Эркенлъи» радиоялъ. ГIемерисел гьел лъугьа-бахъинал кколеб бакI республикаялда буго Унсоколо ва Гъарабудагъкент мухъал. Араб сардилъ Гумбеталъул полициялъулазде кьвагьдеялъул магIна кколищ гьенибги гьалдаса хадуб ахIвал-хIал хIалуцине бегьулилан абураб суал кьуна нижеца жамгIияв хIаракатчи, «Дагестанцы» газеталъул бетIерав редактор ГъазмухIамадовГIалисултание.

ГъазимухIамадов ГIалисултан: « Низам цIунулез гIадатияб халкъалъе гьабулеб бугеб зулмуги хIалихьалъиги букIине бегьула халкъалъул жанисеб хIалуцин цIикIкIиналъе гIиллалъун. Амма дир пикруялда рекъон низам цIунулезулгун бухьен гьечIев чияс гьеб хIалтIи гьабизе рес гьечIо, ялъуни гьев вукIине ккелаха габуниб мусруги жемун гъазаваталъе къватIиве вахъарав чи. Гурого гьал, гьаниса добасан гьарулел кьвагьиял гьел руго гьаниб хIалуцин цIикIкIинабизе бокьарал, жидер къатикь гьелъие хIажатаб сурсаталги ругел хасал чагIазул мурад».

Жанисел ишазул идараялдаги республикаялъул хIукуматалдаги бахъараб ццим бецIизе щвечIел чагIаз чIвалел ругин расги гIайиб гьечIел полициялъул мухъилал хIалтIухъабиян бицана «Эркенлъи» радиоялъе МахIачхъалаялда гIумру гьабун вугев ХIусенов МухIамадица. Нухазда хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хъулухъалъул нухмалъулевлъун 20 саги цIикIкIун соналъ хIалтIарав, полициялъул подполковник ккола гьев.

Жидеего квал-квал гьабулел, нахъе яризаризе къваригIарал низам цIунулел хIалтIухъабазул хасаб сияхI гIуцIулаанин такъсирчагIаз цебе, гьанже низам гьечIого цеве ккара-ккарав чиясде ишан босулеб бугин гьез. Гьел чIвалел гIолохъабазул гIумруялда хадуб кинабниги рухIел я жанисел ишазул идарялъе, я республикаялъул нухмалъиялъеги гьечIин. Лъугьунеб щиналъул бичIчIа-бикъи гьечIого, гIицIго гъажалда кенчIолел погоназе гIоло ва щолеб мухьалда хIалхъублъун гьенире унел гIолохъабиги ругин. ХIалтIиги гьабизе лъалел, ишги бажарулел чагIиги нахъе яризарунин гьез. Гьелъул хIасилалда жакъа Дагъистаналъул жанисел ишазул идара хутIун бугин хIалтIи гьабизе лъалел гIадамалги гьечIого. ХIусенов МухIамадил рагIабазда рекъон жакъа 800 гIанасев чиясе бакI рагIула гьениб чIобого. Гьединаб ахIвал-хIал хисизабизелъун кинал тадбирал гьаруни дуда лъикIаблъун бихьулебан суал кьуна нижеца гьесие.

ХIусенов МухIамад: « Дагъистаналъул жансиеб система буго прокуратураги, цIех-рехги, жансиел ишазул идараги цоцалъ рекъон хIалтIулеб система. Бищунго квеш ккараб жо буго жакъа къанун хIалтIизабулел чагIаз жидецаго къанунги нахъегIан цун жидерго рекIее бокьараб иш билълъанхъизабулеб букIин. Гьаризе бегьулел тадбирални гIемерал ругоан, амма гьабуларо гьеб, хIинкъулел руго цоцакьа, жакъа гIолеб цоцалъ гъункун хIалтIулеб бихьинчилъи, яхIги намусги билун буго. 99 процент такъсиралъул цIун бугеб мехалъ цохIо жанисел ишазул идараялъул махщалил цолъиялъ гьабулеб хIалтIи къватIибе баккизего толеб гьечIо. Бищунго нилъее къваригIун бугеб жо буго ритIухъав, гIадлу битIарав нухмалъулевги, гьесие кумек гьабулев жанисел ишазул миснистрги. Гьесул жавабчилъиялда 20 000 хIалтIухъан вуго жакъа, гьебжо тIубараб армия буго, амма гьабулеб гьечIо хIалтIи, гьалдаса хадуб гьабилиланги кколаро».

Январалъул 22-б къоялъул къаси жал щалали лъазе кIвечIел чагIаз чIван вуго Дербенталъул полпиххунеб чагъир гьабулеб заводалъул бухгалтер ИсмагIилов Алхас.Такъсирияб лугьа-бахъин ккун буго Чинар росдада аскIоб, «Кавказ» абураб федералияб шагьранухда . Живго бетIергьанаб автомобилалдаги рекIун сапаралдаса вуссун вачIунаго шагьранухда щущан батараб гъегъ нахъе гьабизе къватIиве вахъаравго лъун буго гьесде квагьи. ИмсагIилов Алхас хун вуго азарханаялде вачунаго. Гьесул букIана 53 сон.