9 сентябралда гIурусазул хъвадарухъан Лев Толстой гьавуралдаса тIубана 184 сон. Гьелда дандеккезабун Дагъистаналда – Хунзахъги МахIачхъалаялдаги - кIиго монумент лъуна.
Макьасда абун курорт балеб бакIалда, Хунзахъ, кIудияб кIиго гамачI лъуна Толстоясулги имам Шамилил вукIарав наиб ХIажимурадилги цIаралги хъван. МахIачхъалаялда Толстоясул къватI байбихьулеб бакIалда лъуна тIехьалъул сурат гьабун бекIкIараб кIудияб гамачI. Гьелда тIадги ХIажимурад абун хъвана. Гьеб ккола наибасул хIакъалъулъ Толстояс хъвараб къисаялъул магIна. «ТIехь» рагьун байбихьулеб «тIанчида» тIадги руго жиндиего гIажаибго Кавказ бокьизе байбихьулеб букIиналда бан Толстояс хъварал рагIаби.
Гьеб кIиябго монумент лъеялъулъ гIахьаллъана Толстоясул наслуялъул чагIиги – хъвадарухъанасул ватIан Ясная Полянаялдаса гIадамал – Владимир Толстой, Геннадий Опарин ва цогидал.
Геннадий Опарин: «Лев Николаевич Толстой кидаялиго гьаниве живго цохIо вукIана вачIун, жакъайин абуни гьесул наслуялъул щуго чи вуго гьаниве вачIун».
Гьев Опариница чанго моцI бан буго Хунзахъ Ясная Полянаялде босизе кIудияб, санагIатаб гамачI балагьулагоги. Гьедин кьерцисала хундерил вакилзаби Толстоясе монумент лъезе хъвадарухъанасул ватIаналдеги ун рукIана.
Макьасдагун МахIачхъалаялда монументал хIукуматалъ гуро рарал. Гьеб пикру ракIалде ккун буго республикаялъул казначействоялда хIалтIулев Хъазанбиев Хъазанбидаги, бизнесмен ГIумаров Жамалидаги, «Правозащита и равноправие» абулеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул нухмалъулев хисулев, ЦIелмесалдаса ГIалиев Сурхайидаги.
ГIалиев Сурхай туснахъалда рагIула гьабсагIаталда. Гьединлъидал гьесул эмен кIалъана Макьасда монумент рагьулеб бакIалда.
Сурхайил эмен: «ГIемерал бахIарзалги рахъайги нилъер районалда. Дир васас гьабунаха гьаб проект, гьеб релълъинилан ккун букIинчIо дида. Кин бугониги, къо борханаха гьес. Жиндир хъвай-хъвагIаялдалъун ХIажимурад загьир гьавурав Толстоясеги гьесул наслу-тухумалъеги баркала. Нахъеккун гьесул наслуялда гьединалго бахIарзалги рахъине хъван батаги».
Хунзахъ наиб ХIажимурадиегун хъвадарухъан Толстоясе монумент лъураб бакI буго гъваридаб кIкIалал рагIалда. Гьениб ахалъуда буго ЦIелмес росу. Толстояс хъвалеб буго ХIажимурад гьеб росулъа вукIанин, амма жибго Хунзахъ росдал гIадамаз гьелда дагIба бала, гьев жидехъа вукIанин, ЦIелмесалда ХIажимурадил ахги, чуял гIезарулеб бакIги букIанин абун. ТарихчагIаз хъвала ХIажимурадил эбел ПатIиматица хаханин хундерил ханзабазул васал.
Гьедин ХIажимурадги ханзабазул рахьдал вац кколин. Гьединлъидал вукIанин гьев ХIамзат имамасдагун Шамил имамасда данде чIун, хундерил ханзабиго гIадин. Хадув Шамилгун рекъон хадув росулъа чияс мацIги гьабун ХIажимурадги имамги кьаллъула, гьедин наиб гIурусазул рахъалде уна. Цо-цоязда гьелъулъ хилипчилъи бихьулеб буго. Амма Толстоясул асаралъ наиб ритIухъ гьавизе бачIанин бицуна цогидаз.
Жидер наслуялъул чиясе Макьасда монумент лъеялъухъ гIащикълъун гъоркьисала хванин жидер эбелилан бицана доба Хунзахъа ГIалихIажиева Гуржигьаница. Жинцаго гьабураб кечIги цIалана.
Гуржигьан: «Мун, росулъ хоб щвечIев Шамилил наиб,
Жакъа щиб къисматалъ рокъов вуссарав?
Хабалъ бетIер гьечIев рекъав багьадур,
Щиб яхI бугесгIаги дуй квербакъараб?» …
12 сентябралда МахIачхъалаялда Толстоясе монумент рагьулеб тадбиралда гIахьаллъизе рачIун рукIана Москваялдаса ЖамгIияб палатаялъул секретарь Велихов Евгенийги, машгьурав журналист Сванидзе Николайги, цогидалги. МиллатчагIаз гIурусаздаги кавказияздаги гьоркьобе ракьа рехулеб хасго жакъа гIадаб къолда къваригIараб тадбир кколин гьебин бицунеб букIана гьалбадерицаги Дагъистаналъул нухмалъулесги.
ГIурус пачаясулгун Кавказалъул рагъул хIакъалъулъ бищун битIараб рагIи Толстояс абун бугилан рукIана гьел. Расги нахъе къачIого рихьизарун ругила гьес пачаясул макрабиги, наиб ХIажимурадил бахIарчилъиги, дагъистаниязулгун чачаназул эркенаб хасиятги.
Жибго хъвадарухъанасе лъураб монументалдаги ракI рекъон бугоан 12 сентябралъул радал гьеб рагьизе рачIарал гIадатиял дагъистаниязул. ГьанжелъагIан МахIачхъалаялда лъунщинал ричIчIуларел монументазда дандеккун, бищун магIна бугеб кколила машгьурав хъвадарухъанасе лъураб гьеб монумент.
Амма я Хунзахъ, я МахIачхъалаялда данделъаразда ракIалде щвечIо машгьурав наибасул гвангвара гIурусаз Санкт-Петербургалда кунсткамераялъуб чIезабун букIин.
ХIажимурадил заманалъул тарихчагIаз хъвалеб буго Азербайжаналъул Нухаялда чIварав наибасул бетIер къаркъалаялдаса батIалъизабун буго гьесул тушман ХIажиагъаца.