Низам цΙунулел идарабазул къуватазул бутΙа чачаналъа Дагъистаналде бахъиялъул хΙалтΙи халат бахъунеб буго.
Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ лъазабулеб буго гьеб кколила планалда рекъон гьабулеб тадбир ва хурхараб бугила мадугьалил республикаялда ахΙвал-хΙал парахалъун букΙиналда ва Дагъситаналда гΙагсалда хΙалуцин цΙикΙкΙунеб букΙиналдаян. Информалатазул цоязда гьеб галиялда нахъ бихьулеб буго сепаратистазде данде къеркьеялъул чачаназул хΙалбихьи Дагъистаналда хΙалтΙизабизе бегьиялъул ишара.
Талат къоялда тΙобитΙараб пресс-конференциялда Дагъистаналъул жанисел ишазул министр МахΙамадов ГΙабдурашидица лъазабуна, бищунго хΙалуцараб ахΙал-хΙал бугеб мухъазде чачаналъа жакъаялде щвезабунила къуватиял структурабазул Ι0 къокъайин, гΙаммаб къагΙидаялда азаргоялдаса цΙикΙкΙун чиясул къадарин. МахΙамадовасул рагΙабазда, республикаялда гΙолел гьечΙо жанисел ишазул идараялъул хΙалтΙухъаби.
МахΙамадов ГΙабдурашид: «Гьел къокъаби гьанире рачине байбихьилелда цебе Дагъистаналда анцΙазарго чиясде кколев вукΙана 54 полицияв. Гьеб ккола Шималияб Кавказалъул федералияб округалда бищунго гьитΙинаб къадар ва гьеб релъараб буго ахΙвал-хΙал гΙуралъ парахатаб Красноярский краялда бугеб къадаралда. Гьебго заманалда Чачан республикаялда анцΙазарго чиясде кколев вуго ΙΙ5 полицияв.»
Гьединал лъазабиял раккун хадуб информалатазул цояз загьир гьабизе байбихьана, гьеб кколин яргъид гΙуцΙарал сепаратистазул къуватазде данде къеркьеялъул чачаназул хΙалбихьи Дагъистаналда хΙалтΙизабизе бегьиялъул ишараян абураб пикру.
Бегьулищ Дагъистаналда хΙалтΙизабизе чачаназул хΙалбихьи? Гьеб суалалда сверун нижер программаялъе жиндирго пикраби загьир гьарулаго машгьурав журналист Шималияб Кавказалъул рахъалдаса эксперт Иван Суховас абуна, мадугьалил республикаялъул хΙалбихьи Дагъистаналъе данде кколарин. Цингиги гьеб хΙалбихьи хΙалтΙизабизе ккани, гьенире чачаназул «силовикал» гурел, федералиял рахъулел ругин.
Иван Сухов: «Чачаназул хΙалбихьи кколаро гΙицΙго федералиял къуватазда хурхараб. Дида бихьухъе, гьеб хурхараб буго жидерго республикаялда жанисел низам цΙунулел структурабаз хΙалтΙизарулел къагΙидабазда. Цинигиги, дида бичΙчΙухъе, лъицаниги гьенисан Дагъистаналде ритΙулел гьечΙо къадировасулин абулел къуватал. Гьединал харбал цо заманалда рукΙана, Болъихъе гьел щвезаризе ругин абурал. Гьединал харбал байбихьудасаго ракΙалъе гьечΙо дагъистаниязе, ва гьединаб галиялъ хΙалуцин тΙадеги цΙикΙкΙинабизе бегьула. Кинаб хΙалтΙи чачаназ гьабун батаниги, гьеб Дагъистаналда къабул гьабуларо, гьел къватΙисан рукΙин ракΙалде босун. Гьединлъидал чачаназул хΙалбихьи Дагъистаналда хΙалтΙизабиялъул бицине кΙудияб магΙан гьечΙин ккола дида.
У, нилъеда бихьулеб буго Чачан республикаялде дандеккун, Дагъистаналда хΙалуцараб буго ахΙвал-хΙал. Гьединлъидал гьенире къуватал руссинариялъул къварагΙел бугин риккун батила. Амма гьеб галиялъги, дир пикруялда, проблема рагΙалде бахъинабиялъе кумек гьабуларо. Дида бичΙчΙухъе, гьел къуватал гьенире щвезариялъул мурад батизе бегьула 20Ι4 соналде хΙадурлъи, ай Сочиялда Олимпиада рагьилелде регионалда парахалъи чΙезаби. Къуват цΙиккинабун яргъид гΙуцΙарал тΙагΙинарун, парахалъи чΙезабилин абун, гьабун батилаха хΙукму пуланал тΙадтараз. Дида ккола гьедин суал лъейго мекъаб бугин.»
Кинабха бугеб дур рецептин, лъураб суалалъе жаваб кьолаго Суховас абулеб буго, жакъасеб ахвал-хΙалалда Дагъистаналъе къуваталъ кумек гьабуларин. Дагъистаналда жиндаго бажаризе букΙанин ахΙвал-хΙал рукΙалиде бачине, гьениб батΙи-батΙиял даражабазда раккун ругел диалогалъул нух халат бахъинабуниян.
Иван Сухов: «Дида ккола, Дагъистан хΙакъикъаталдаги бугин жинцаго жиндиего нух бахъизе бажарулеб системайин. У, хΙинкъигьечΙолъи чΙезабиялъул рахъалдаса Дагъистаналда хΙалтΙизарулел руго Чачан республикаялда хΙалтΙизарулел цо-цо элементал. Амма гьелъ, Дагъистаналъ жиндирго къагΙидаби хΙалтΙизаризе гΙамал гьабулеб буго. Дагъистан ккола бусурбабазул регионазда гъорлъ гΙадатиябин ва салафиязулин абулел исламалъул гΙаркьелазда гьоркьоб диалог гΙуцΙизе хΙалбихьулеб цого-цо регион.
Буго гьениб цогидаб даражаялъул диалогин абизе бегьулеб процессги. Яргъид гΙуцΙарал ракълилаб гΙумруялде руссинариялъулин абулеб комиссиялъ рохьилал ахΙулел руго жидерго хΙаракатчилъиялдаса инкар гьабун, ракълилаб гΙумруялде руссиналде. Дир пикруялда, гьединал процессал халат рахъинаризе ккола, гьезул магΙнаги дагьалъги гъварилъизабизе ккола. Дир пикруялда, республикаялъул нухмалъиялъе ресал кьезе ккола гьеб суалалда жидецаго хΙукмаби гьаризе. Гьединаб буго дир рецепт. Жибго республикаялда централдасаги лъикΙ бихьула, щиб гьениб гьабизе кколебали. ГΙицΙго къуватияб къагΙидаялда гьеб проблема рагΙалде бахъинабизе бажарулеб жо гуро. Тактикиял суалазда Дагъситаналъе жинцаго хΙукмаби гьаризе рес кьуни, прогресс баянго бихьизе букΙана нилъеда."
КΙиго анкьалъ цебе Чачан республикаялъ жинцаго загьир гьабун букΙана полициялъул къуватал Дагъистаналде ритΙиялъул инициатива. Гьелда цебе Республикаялъул бетΙер Къадиров Рамзаница цо нухалъ гуреб лъазабун букΙараб, жив рази гьечΙин чачаналъ ругел блок-постазул къадаралдасайин. Гьезде балагьун кколеб букΙин рагъул заманалъул ахΙвал-хΙал бугин. Гьелда хадуб Чачан республикаялъул экономикиябгун жамгΙияб хΙинкъигьечΙолъиялъул мажлисалъ хΙукму гьабуна 28 контролалъул пункт нахъе бахъизе ва цебелъей гьабуна гьезда гъорлъан Ι7 Дагъистаналде бахъиялъул.