Къадировасул "рецепт" нилъее данде кколаро

Низам цΙунулел идарабазул къуватазул бутΙа чачаналъа Дагъистаналде бахъиялъул хΙалтΙи халат бахъунеб буго. Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ лъазабулеб буго, гьеб кколин планалда рекъон гьабулеб тадбир ва хурхараб бугин мадугьалил республикаялда ахΙвал-хΙал парахалъун букΙиналда ва Дагъистаналда гΙагсалда хΙалуцин цΙикΙкΙунеб букΙиналдаян. Информалатазул цоязда гьеб галиялда нахъ бихьулеб буго сепаратистазде данде къеркьеялъул чачаназул хΙалбихьи Дагъистаналда хΙалтΙизабизе бегьиялъул ишара.
Данде кколищ Дагъистаналъе чачаназул хΙалбихьи? Республикаялда тΙоцебесеб нухалъ гуреб силовиказул къадар цΙикΙкΙинабураб. Аммайин абулеб буго цо-цо экспертаз, ахΙвал-хΙал лъикΙаб рахъалдехун буссинабизе бажаричΙин. Гьеб рахъалда хΙалтΙул лъикΙал хΙассилал щвезе рукΙанин жибго республикаялда жаниб цΙодораб политика билъанхъизабулеб букΙарабаниян, риккунеб буго гьез.

Талат къоялда тΙобитΙараб пресс-конференциялда Дагъистаналъул жанисел ишазул министр МахΙамадов ГΙабдурашидица лъазабуна, бищунго хΙалуцараб ахΙал-хΙал бугеб мухъазде чачаналъа жакъаялде щвезабунила къуватиял структурабазул Ι0 къокъайин. ГΙаммаб къагΙидаялда гьеб кколеб рагΙула азаргоялдаса цΙикΙкΙун чиясул къадар. МахΙамадовасул рагΙабазда, республикаялда гΙолел гьечΙо жанисел ишазул идараялъул хΙалтΙухъаби.

МахΙамадов ГΙабдурашид: «Гьел къокъаби гьанире рачине байбихьилелда цебе Дагъистаналда анцΙазарго чиясде кколев вукΙана 54 полицияв. Гьеб ккола Шималияб Кавказалъул федералияб округалда бищунго гьитΙинаб къадар ва гьеб релъараб буго ахΙвал-хΙал гΙуралъ парахатаб Красноярский краялда бугеб къадаралда. Гьебго заманалда Чачан республикаялда анцΙазарго чиясде кколев вуго ΙΙ5 полицияв.»

Гьединал лъазабиял раккун хадуб информалатазул цояз загьир гьабизе байбихьана, гьеб кколин яргъид гΙуцΙарал сепаратистазул къуватазде данде къеркьеялъул чачаназул хΙалбихьи Дагъистаналда хΙалтΙизабизе бегьиялъул ишараян абураб пикру.

Бегьулищ Дагъистаналда хΙалтΙизабизе чачаназул хΙалбихьи? Гьединаб суал лъейцин мекъаб бугин риккунеб буго Дагъистаналъул жамгΙияб палатаялъул гΙахьалчи, машгьурав тележурналист ГΙабдулхΙамидов Аликица.

ГΙабдулхΙамидов Алик: «Чачанлъиги Дагъистанги гьеб ккола кΙиго батΙияб республика, Дагъистан гΙемермиллатазул республика букΙин ракΙалде босаницин. Чачан республика мононационалияб бугин абизе бегьула. Дагъистаналда бигьаго багъаризабизе бегьула миллатазда гьоркьосеб жахъда, Чачаналъ гьелъие шартΙал гьечΙо.

Чачан республикаялъул хΙалбихьиян абулеб мехалда, гьебго заманалда дир баккула суал, кинаб хΙалбихьи абураб. Жидехъего рагъ буссинабиялъул хΙалбихьийищ? Халкъ гъуризабиялъул хΙалбихьийищ? Чачаназул хΙалбихьи, дир пикруялда, ккола авторитаризм, цо чиясул диктатура чΙезаби. Киналалиго программаби гΙуцΙун, гьенибе кΙуди-кΙудияб гΙарац буссинаби.»

Гьеб суалалда сверун нижер программаялъе жиндирго пикраби загьир гьарулаго, машгьурав журналист Шималияб Кавказалъул рахъалдаса эксперт Иван Суховасги абулеб буго, мадугьалил республикаялъул хΙалбихьи Дагъистаналъе данде кколарин.

Иван Сухов, журналист

Иван Сухов: «Чачаназул хΙалбихьи кколаро гΙицΙго федералиял къуватазда хурхараб. Дида бихьухъе, гьеб хурхараб буго жидерго республикаялда жанисел низам цΙунулел структурабаз хΙалтΙизарулел къагΙидабазда. Цинигиги, дида бичΙчΙухъе, лъицаниги гьенисан Дагъистаналде ритΙулел гьечΙо къадировасулин абулел къуватал. Гьединал харбал рукΙана цо заманалдаги, Болъихъе гьел щвезаризе ругин абурал. Байбихьудасаго ракΙалъе гьечΙо гьединал харбал дагъистаниязе, ва гьединаб галиялъ хΙалуцин тΙадеги цΙикΙкΙинабизе бегьула. «Къдировасулал» гьенире щвезарулел рукΙарабаниги, чачаназул хΙалбихьилъун рикΙкΙунеб къагΙида Дагъистаналда къабул гьабуларо, тΙоцебего гьел къватΙисан рукΙин ракΙалде босун. Гьединлъидал чачаназул хΙалбихьи Дагъистаналда хΙалтΙизабиялъул бицине кΙудияб магΙнаацин гьечΙин ккола дида.

У, нилъеда бихьулеб буго Чачан республикаялде дандеккун, Дагъистаналда хΙалуцараб ахΙвал-хΙал букΙин. Гьединлъидал гьенире къуватал руссинариялъул къварагΙел бугин риккун батила тΙадтараз. Амма гьеб галиялъги, дир пикруялда, проблема рагΙалде бахъинабиялъе кумек гьабуларо. Дида бичΙчΙухъе, гьел къуватал гьенире щвезариялъул мурад батизе бегьула 20Ι4 соналде хΙадурлъи, ай Сочиялда Олимпиада рагьилелде регионалда парахалъи чΙезаби. Къуват цΙиккинабун яргъид гΙуцΙарал тΙагΙинарун, парахалъи чΙезабилин абун, гьабун батилаха хΙукму пуланал тΙадтараз. Дида ккола, гьедин суал лъейго мекъаб бугин.»

Кинабха бугеб дур рецептин, лъураб суалалъе жаваб кьолаго Суховас абулеб буго, жакъасеб ахвал-хΙалалда Дагъистаналъе къуваталъ кумек гьабуларин. Дагъистаналда жиндаго бажаризе букΙанин ахΙвал-хΙал рукΙалиде буссинабизе, гьениб батΙи-батΙиял даражабазда раккун ругел диалогалъул нух халат бахъинабуниян.

Иван Сухов: «Дида ккола, Дагъистан хΙакъикъаталдаги бугин жинцаго жиндиего нух бахъизе бажарулеб системайин. У, хΙинкъигьечΙолъи чΙезабиялъул рахъалдаса Дагъистаналда хΙалтΙизарулел руго Чачан республикаялда хΙалтΙизарулел цо-цо элементал. Амма гьелъ, Дагъистаналъ жиндирго къагΙидаби хΙалтΙизаризе гΙамал гьабулеб буго. Дагъистан ккола бусурбабазул регионазда гъорлъ гΙадатиябин ва салафиязулин абулел исламалъул гΙаркьелазда гьоркьоб диалог гΙуцΙизе хΙалбихьулеб цого-цо регион.

Буго гьениб цогидаб даражаялъул диалогин абизе бегьулеб процессги. Яргъид гΙуцΙарал ракълилаб гΙумруялде руссинариялъулин абулеб комиссиялъ рохьилал ахΙулел руго жидерго хΙаракатчилъиялдаса инкар гьабун, ракълилаб гΙумруялде руссиналде. Дир пикруялда, гьединал процессал халат рахъинаризе ккола, гьезул магΙнаги дагьалъги гъварилъизабизе ккола. Дир пикруялда, республикаялъул нухмалъиялъе ресал кьезе ккола гьеб суалалда жидецаго хΙукмаби гьаризе. Гьединаб буго дир рецепт. Жибго республикаялда централдасаги лъикΙ бихьула, щиб гьениб гьабизе кколебали. ГΙицΙго къуватияб къагΙидаялда гьеб проблема рагΙалде бахъинабизе бажарулеб жо гуро. Тактикиял суалазда Дагъистаналъе жинцаго хΙукмаби гьаризе рес кьуни, прогресс баянго бихьизе букΙана нилъеда."

ГΙабдулхΙамидов Алик, Дагъистаналъул жамгΙияб палатаялъул гΙахьалчи, журналист

ГΙабдулхΙамидов Алик: «Дие данде ккола Суховасул пикру. Нилъеца нилъецаго гьаниб низам чΙезабичΙони, къватΙиссан аза-азар рагъулал гьанире щвезаруницин бажаризе батиларо гьаниб ахΙвал-хΙал рукΙилиде бачине. БакΙалъулал официалиял къуватазде, бакΙалъулаб халкъалде, бакΙалъулаб нухмалъиялде мугъчΙвай гьабичΙого, гьеб бажарулелб жо гуро. Гьел киналго суалазда сверун хΙукмаби гьаризе ккола бакΙалъулал къуватазулгун дандеги бан.

Гьединаб къагΙидаялда хакъикъаталдаги бокьарал мурадазде щвезе бажарула. Гьелегури гΙуцΙана «рохъилал» ракълилаб гΙумруялде руссинариялъе кумек гьабулеб хасаб комиссия. ТΙоцебе гьеб коммиссиялде гΙемерисел гΙадамазул букΙана дагьалъ тΙаса-масабго бербалагьи, букΙана ирония. Гьанже кин букΙаниги, гьелда бажаранагури 50-ялде гΙунтΙун чи ва гьезул гΙагарлъи кΙудияб балагьалдаса цунизе.

Республикаялда руго сахал къуватал. Руго гьединал программаби рагΙалде рахъинаризе бажарулел гΙадамал. Амма нилъер республикаялда кадразул политика хурхараб гьечΙо махшел бугел чагΙи нухмалъиялде, хΙукмаби гьарулел хъулухъазде тΙамиялда. Гьаниб хΙалтΙизабулеб буго гΙагарлъиялъул принцип."

Дагъистаналдаса машгьурав журналист МахΙамадов ГΙалил пикруялда, республикаялде тΙадеги къуватал щвезариялъ хΙалуцин тΙадеги цΙикΙкΙинабизе бегьула. Гьелдаго цадахъ гьелъ халкъазда гьоркьоб рокьукълъиги гъварилъизабулеб буго.

МахΙамадов ГΙали: «ГΙадлу-низам гΙуцΙиялъе гΙурал къуватал гьаниргоги рукΙана. Гьелъулъ бугеб иш: нилъедаго нилъерго гΙумру жанисан рорцΙинабизе бажарулеб гьечΙони, гьеб бажаруларо къватΙисса вачΙарав солдат-полициясда яги пуланал инструктораздаги. Гъоб гъозие щуго нухалъги, анцΙго нухалъги захΙматабги букΙуна, гьезул хΙалтΙиялде дандечΙейги цΙцΙикΙкΙараб букΙуна, жакъасеб ахΙвал-хΙал ракΙалде босани. Дозде данде рецΙел босулебгΙадаб асарги гьабулеб буго. Цингиги гьеб киналъго цΙикΙкΙинабулеб буго халкъазда гьоркьоб рокьукълъиги. Дир пикруялда, гьеб гали жакъа ахΙвал-хΙал хΙалуциналъе батанигурони, кумекалъе бугин кколароха.»

Жакъа Кремлалъ республикаялда хурхун гьарулел галабазул мурад гьениб рагъ багъаризаби букΙиналда щаклъи буго Дагъистаналъул хъвадарухъабазул цолъиялъул аваразул секциялъул нухмалъулев ПатахΙов МахΙамадил. Гьесул рагΙабазда, Россиялъул тΙадтаразда гъорлъцин ратизе бегьула Кавказ кавказалъулал гьечΙого къваригΙарал гΙадамал.

ПатахΙов МахΙамад: «Щиб гьабунги хΙалбихьулеб буго Дагъистаналде рагъ цΙазе. ГΙажаибаб жо загьирлъулеб буго. Полициялъулал чΙвалел руго, диниял хΙаракатачагΙи чΙвалел руго, чΙвалел руго рохъилалин абулелги. Амма лъица, кин гьел чΙвалел ругелали лъазабичΙого хутΙулеб буго. Щиб гьабунги гьанибе рагъ цΙалеб буго Москваялъ.

КигΙан гьитΙинабжо кканиги, гΙурус халкъалда рихинарулел руго нилъер халкъал. ГΙучΙ багъараниги, гьез гьеб бихьизабулеб буго кΙудияб иш ккарабгΙадин.

Чачаналъ рагъ гьабунин ахΙи-хΙур бахъинабуна халкъалъ. Кин букΙаниги гΙадамал гъуризе бегьуларелъулха, багьана гьечΙеб мехалда тΙадеги. Нилъер гьаниб гьединаб жо гьабуни, халкъал ахΙи-хΙур бахъинабичΙого букΙиналъе, тΙоцебе гьез нилъер халкъ квешаб бугин абураб пикруялде халкъ ругьун гьабулеб буго. Гьанже гьез батΙи-батΙиял багьанаби ургъулел руго. Гъозда ракΙалда букΙана, СагΙид Аппанди чΙвараб мехалда халкъги багъарилин, жидеца гъалмагъирги багъаризабилин абун. Нилъер халкъалъул сабруялъги, гΙаданлъиялъги, гьеб биччачΙо.

Ратила гьел рохьилалги, цогидалги ратила. Квешаб чагΙи кирниги камун гьечΙо. Рохьазда гьел ругеб бакΙ лъалагоги гьечΙо гьел. Гьезда гьел цохΙо къоялда жаниб кΙола тагΙинаризе, гьеб гьезие бокьун букΙарабани. Гъьезие гьел тагΙинаризе гурел къваригΙун бугеб. Гьезие къваригΙун буго гьанибе рагъ цΙазе. Цо рахъалъан нилъ гΙорхъда аскΙор рукΙин ракΙалде босун, гьенибе улка цΙуниялъул мурадалда къуватал цΙалел руго, хасго НАТО нилъеде аскΙобехун гΙагарлъулеб букΙин ракΙалдеги босун. Рагъулазул хΙалбихьи букΙиналъеги телишха гьел щибниги гьечΙого. КΙиабизе босани, Ирини Хакамадаца абулебги босизе ккола ракΙалде. Гьелъ абулеб буго Путиние бокьун бугин армиялъул божилъи жиндего цΙиккинабизеян. Гьебги ккола рагъалде хΙадурилъиялъул ишара.

Цингиги хΙисаб гьабе? Жакъа Дагъистаналдаса чи вачунев гьечΙо армиялде. Аримялде вукΙинчΙев чи восулев гьечΙо полициялде. 9-Ι0 соналдаса нилъер росабалъ, мухъазда ва кисса-кирего рукΙине руго гΙицΙго гΙурусазул полициял. Балагьараб мехалда, 200 соналъ цебе, ай, Ι828 соналъ лъугΙарабгΙадаб багъа-башари цΙидаса байбихьизегΙадаб жо буго. ЦΙакъ нилъ гΙодоре ккезарулеб жо гьабулеб буго Москваялъ. Лъаларо, хΙассил кинаб ккелебали. ЛъикΙаб ккайгиха!"

Бажарулищ бакΙалъулаб нухмалъиялда ахΙвал-хΙал рукΙалиде бачине, Суховас абухъего, Москваялъ, тактикиял хΙукмаби гьаризе изну кьолеб бугони? ПатахΙовасул щаклъи буго гьединал хΙукмаби гьаризе бакΙалъулаб нухмалъи хΙадураб букΙиналда.

ПатахΙов МахΙамад: «Чинхъани, алхΙамдулила абулев бетΙерасухъа гьеб пикру щолебцин гьечΙо. Нилъеда цо нухалъ гуреб рагΙунеб бугеб, дораса рагъулал рачине кколеб ахΙвал-хΙал бугин. Гьедин абулеб буго Дагъистаналъул бетΙерас. Вай, щай рачине кколел гьел рагъулал! Гунги тΙокΙаб полициялъулал руго нилъер гьанир. Дагъистаналъул халкъ буго сабру бугеб халкъ. Дагьалъ цебе муфтий Ахмад-хΙажи ГΙабдулаевасул хΙаракаталдалъун байбихьана салафияздаги тарикъаталъул гΙадамаздаги гьоркьоб рекъел чΙезабиялда хурхарал гара-чΙвариял. Халкъ разияб хΙал букΙана доб. Гьеб лъугΙарабго, доле щайих чΙвана. Дов лъица чΙваравали чΙезабизецин чΙезабичΙо, дой гΙадан йикΙанин аби гурони. Лъица дой йитΙарай, кисса дой йитΙарай гьанжецин чΙезабун гьечΙо. Гьабги гьанибе рагΙ бачΙинабизе бахъулеб буго хΙаракат ккола.

Нилъер дагъистаналъул бутΙрузе бокьани, гьезие жидеца хΙукму гьабизе рес кьолеб букΙани, бажаризе букΙун батила мурадалде щвезе. Нилъер халкъалда кигΙанги лъикΙ бажарула гьеб кинабго чΙезабизе. Амма тΙад таразе гьеб къваригΙун гьечΙо. Нилъ гьезие къваригΙун гьечΙо. Кавказги, жибго Дагъистанги гьезие гьезул халкъал гьечΙого къваригΙун руго. Гьедин ахΙдолецин рукΙунарищ гьел".

МахΙамадов ГΙалил пикруялда, чΙван-къотΙарал эффективиял хΙукмаби ва хΙалтΙи гьабизе бажарула жидерго гражданазул тΙалабги гьезул гΙисиналги чΙахΙиялги къварагΙелал тΙуразаризе гΙамал гьабизе хΙаракат бахъулел нухмалъулез. Дагъистаналъул бутΙрул гьединазде гъорлъе унарин риккунеб буго гьес.

МахΙамадов ГΙали: «Республикаялда гьединал кΙудиял ишал гьаризе кин гьезда бажарулеб, гΙиси-бикъинал коммуналиял ишалцин рагΙалде рахъинаризе бажарулеб гьечΙеб мехалда. Сундол бицине бегьулеб, тахшагьаралда цояз цоязде бан, цогидаз цогидазде бан минабазда лифтал хΙалтΙизаризецин бажарулареб мехалда. Гьединаб проблемабицин рагΙалде рахъинаризе бажарулареб талъиялда, политикиялги рагъулалги суалал тΙуразаризе Москваялъул кумек гьечΙого бажарилин дида кколаро.»

Гьедин батани, кинаб дару-дарман бихьулеб дуда унтараб Дагъистаналъе?

МахΙамадов ГΙали: «Гьеб цΙакъ захΙматаб суал буго. Дида ккола, гьадинаб Россияги, гьелда гъорлъ Дагъистанги хутΙулеб бугони, цебе заманалда букΙараб къагΙидаялда, гьанив сардаргΙадав чи тезе кколин, нилъ цоцалъе ун бидулаб жахΙдаялда ругебгΙанаб заманалда. Гьеб къагΙида тΙолабго Шималияб Вавказалда хурхун хΙалтΙизабизе кколеб батила. БатΙияб нух дида бихьулеб гьечΙо.»

Дагъистаналде чачаналъа полициялъул къуватал щвезариялъул суалалде нахъ вуссун, ГΙабдулахΙамидовас кΙвар буссинабулеб буго, Дагъистаналдаги дагьалъ цебе жибго чачаналъго гΙадин къуватиял структурабаз цойиде буссинабураб тактика хΙалтΙизабунгутΙиялъул история такрарлъулеб букΙиналде. Гьез жидерго киналго тадбирал данде ран тΙоритΙулел рукΙарабани, республикаялда цебего низам нахъ буссинабизе бажаризе букΙанин риккунеб буго гьес.

ГΙабдулхΙамидов Алик: «Дида ккола, такрарлъулел ругин дагьалъ цебе чачаналъ ккараб история. Республикаялъул территориялда батΙи-батΙил къуватиял структураби хΙалтΙулел мехалда, нухмалъиялда бажарулеб гьечΙо гьезул хьвада-чΙвадиялде асар гьабизе. Бажарулищ бакΙалъулаб нухмалъиялда республикаялда низам чΙезабизеян лъураб суал. Гьаниб къанунал цΙунулел батΙи-батΙиял гΙуцΙиязул, ай, ФСБялъул, прокуратураялъул, жанисел ишазул министерлъиялъул рагъул къватазул, бакъалъулаб жинисел ишазул министерлъялъул цойиде хΙалтΙи буссинабун, проблемаби рагΙалде рахъинарулел гьечΙони, Крыловасул басняялдагΙадин рахъ-рахъазде руссун рукΙунебгΙан заманалда, ахΙвал-хΙал хΙалуцунеб букине бугин. Миллияб антитеррористияб комитет, координция гьабиялъул батΙи-батΙиял структураби рукΙаниги, гьез цадахъ лъугьун цокΙалаб хΙукму гьабун проблемаби рагΙалде рахзъиналъе кΙвар кьолебцин гьечΙо. Дир коллега Иван Сухов витΙарав вуго гьединго, бакΙалъулаб нухмалъиялъул эффективиял галаби хΙадуриялъул рахъалдасан жавабчилъи букΙине кколин абулеб мехалда. Гьелдаго цадахъ гьезул жавабчилъи букΙине ккола эффективиял гурел галаби гьарулеб мехалдаги. Жакъа нилъер улкаялда, тΙадтарал руго заманалъ хΙалтΙуде тΙамурал чагΙигΙадин яги киреялиго ине рахъарал чемоданазда тΙад гΙодорги чΙун ругел пассажиралгΙадин.»

ГΙабдулхΙамидовасул рагΙабазда, жакъа бищунго къваригΙараб жо ккола республикаялда гражданияб жамгΙият абураб термин хΙакъаб магΙнаялъ цΙезабизе. Гьелъиейин абуни, къваригΙуна халкъ цолъун букΙин. Цолъараб халкъалдагурони бажаруларо цΙодорал хΙукмаби гьаризе. Полициялъул яги рагъул къватал цΙикΙкΙинариялъин абуни, гΙадамзул пикру рагъалдехун буссинабула. Жиб-жиб кьвагьиялъ нилъ цоцадаса ратΙа гьарула.

КΙиго анкьалъ цебе Чачан республикаялъ жинцаго загьир гьабун букΙана полициялъул къуватал Дагъистаналде ритΙиялъул инициатива. Гьелда цебе Республикаялъул бетΙер Къадиров Рамзаница цо нухалъ гуреб лъазабун букΙараб, жив рази гьечΙин чачаналъ ругел блок-постазул къадаралдасайин. Гьезде балагьун, рагъул заман бугин кколин. Гьелда хадуб Чачан республикаялъул экономикиябгун жамгΙияб хΙинкъигьечΙолъиялъул мажлисалъ хΙукму гьабуна 28 контролалъул пункт нахъе бахъизе ва цебелъей гьабуна гьезда гъорлъан Ι7 Дагъистаналде бахъиялъул.