КъагIидаби руго, гьел хIалтIизарулел гьечIо

Дагьалъ цебе республикалъул хIукуматалъул данделъиялда экстремизмгун террористияб хIаракатчилъиялъул суал борхизабулаго, лъазабуна, жакъа Дагъистаналда ахIвал-хIал лъикIаб рахъалдехун буссунеб бугин. Кколищ гьеб божизе бегьулеб хIужжалъун?
29 январалда Болъихъ мухъалда лъазабуна терроралде дандечIераб низам. Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул лъазабиязда рекъон, къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз балъхъадерил мухъалда цIехолел руго изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе унел. Низам цIунулезухъе щвараб информациялда рекъон, мухъалъул чанги росулъ рахчун руго «рохьилал». «Мухъалъул нухазда ругел киналго постазда хал-шал гьабулеб буго автомобилазул», - илан абуна «Эркенлъиялъе» жанисел ишазул пресс-хъулухъалъул вакилас.

Ахирисел къоязда жаниб Дагъистаналда терроралда хъинтIараб чанги лъугьа-бахъин букIана. Мисалалъе, гIодоркъоязда МахIачхъалаялда чIвана Буйнакск мухъалда терроралъулал такъсирал гьарулеб букIараб къокъаялде гьорлъе унел чагIи. Гагаринил къватIалда бугеб гIемертIалаяб минаялда рахчун рукIана гьел. Хасаб операциялда лъабго чи чIвана.

Нахъисеб къоялда Бабаюрт мухъалда нухалъул полициялъул хIалтIухъаби ккана кьвагьдеялда гъорлъ. Геметюбе росда гIагарда ккараб лъугьа-бахъиналда лъабгояв полициялъулав лъукъана, цояв хвана.

28 январалда Дагъистаналъул хIукуматалда тIобитIараб данделъиялда бицунеб букIана республикаялда бугеб ахIвал-хIалалъул. Республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялъул вакилас гьеб тадбиралде абуна гьаб ахирисел лъугьа-бахъиназул хал-шал гьабунин жидер идараялъ ва гьелда рекъон Дагъистаналда терроралъулал такъсирал дагьлъанин.

Гьединго данделъиялда борхана экстремизмалъул идеологиялда дандекъеркьеялъул суалги. Тадбиралда гIахьаллъараз абулеб букIана «рохьилазда» гъорлъ унез жидерго кьеразда 17-20 сон барал гIолилал цIалел ругилан ва школабигун вузазда чара гьечIого профилактикияб хIалтIи гьабизе кколин.

Дагъистаналъул боевиказул хIакъалъулъ хъвараб макъалаялда Гайдарил институталъул эксперт Ирина Стародубровскаялъ бицунеб буго «рохьилазда» гъорлъ батIи-батIиял чагIи ругин. «Гьезда гъорлъ руго жидерго идеология сабаблъун «рохьазде» ккарал, амма гIемерисезул пикруялда рекъон, гьединал чагIазул къадар бищун дагьаб буго боевиказул кьерда», - илан хъвалеб буго Стародубровскаялъ.

Эксперталъул пикруялда рекъон, руго боевиказда гъорлъ гIарцухъ рагъулел чагIиги. Исламалъул тIалабал тIуралеле ругиланги абун гьез жидеего гIарац бакIарулеб буго бизнесменазухъе ва хIакимазухъе флешкаби ритIун.

«Цо-цоял «рохьилазда» гъорлъе кколел руго полициялъулаздаса къисас босизе къваригIиналъ. Къуваталъулаз жидерго хIалтIи тIаса ккараб къагIидаялъ гьабулеб букIинчIебани, гьел чагIиги боевикаллъун рахъинароан», - илан рикIкIунеб буго Стародубровскаялъ.

Гьединго эксперталъ хъвалеб буго, «рохьазде» кколел ругин гIумруялъулъ жидерго нух батичIел гIолилал. «Гьел гIолилазе щаялиго хIалтIи батун гьечIо, гьезда дагьа-макъаб къагIидаялъ КъургIан лъала, диниял цо-цо жалги лъала амма гъваридго Ислам лъалеб гьечIо гьезда. Примитивиял диниял лозунгал къан руго гьезул ботIролъ ва гьел лозунгаз гьел рачунел руго боевиказул къокъабазде», - илан рикIкIунеб буго Стародубровскаялъ.

Инсанасул ихтиярал цIунулеб «Дагъистаналъул улбул» абулеб гIуцIиялъул нухмалъулей Светлана ГIисаевалъ абуна «Эркенлъиялъе» низам цIунулез салафитазе рахIат толеб гьечIин ва гьелдалъун цо-цо гIолохъанал салафитал рохьазде лъутулел ругин.

Светлана ГIисаева: «Къуваталъулаз зулму цIикIкIинабулеб буго, гIадамазе рахIат толеб гьечIо. Салафиязул руго гIемер гIарзаби. Лъаларо, низам цIунулезда жеги бичIчIунищ гьечIеб яги бичIчIизе бокьунищ гьечIеб салафиялги батIи-батIиял рукIин. ГIемерисел салафияз рахъ кколеб гьечIо рохьилазул, гьезие бокьун буго гIадатияб гIумру гьабизе. Мегеж халатал гIолилал ва хIижаб чIварал ясал бокьараб багьаниги батун рачунел руго РОВДязда».

Цодагьалъ цебе Регнум сайталъул директор хисулев эксперт Константин Казениница «Эркенлъи» радиоялъе абун букIана инсанасул ихтиярал хвезарулел низам цIунулел жавабалде цIазе кколин. «Гьезие тамихI гьабичIони, гьезул хIалтIи жеги тIаса ккараблъун букIуна. Терроралде дандечIеялъул халкъазда гьоркьосеб хIалбихьиязул халгьабе ва нужеда лъазе буго цохIо къуваталъул механизмал хIалтIизаризе бегьулареблъи. Инсанасул ихтиярал хвезари, гIадатиял гIадамазе рахIат хвезаби, дандечIеялъул кIиябго рахъалдасан вахIшилъи цIикIкIи – гьединал хIасилазде рачуна къуваталъул методаз», - илан абуна Казениница.

Гьесул пикруялда рекъон, чанги батIияб нух буго террор тIагIинабиялъе. Мисалалъе, диналъул батIи-батIиял гIаркьалазда гъорлъе унел чагIазда гьоркьоб диалог баккинабизе ккола цIидасанго, федералиял къуваталъул идарабазул хIалтIи регионалда дагьлъизабизе ккола, низам цIунулезул хIалтIуда хадуб гражданияб халкквей букIине ккола.