Миллатазул гьоркьорлъабазда гъоркь лъураб "мИна" кьвагьиялъул хIинкъи цIикIкIунеб буго

Казбек мухъалъул лъабго росдал хъутабазул ракьул 920 гектаралда дагIба балеб буго Бабаюрт мухъалъул лъарагIаз. Гьел кьвагьдон чи сакъатлъараб, гьединго казбеказ бецараб хер лъарагIаз бухIарал хIужаби ккун руго гьенир.

ЛъарагIаз дагIба балеб 920 гектар ккола Казбек мухъалъул лъабабго росдае – Дилим, Калининаул, Ленинаул росабазе хIукуматалъ хъутаби гьаризе 1960 соналда кьурал ракьал. 2010 соналда гьел росабаз жеги 49 соналъ халат гьабун буго гьел ракьал ижараялъе росиялъул болжал. 2059 соналде щвезегIан гьенир рукIине ихтияр бугин жидерин абулеб буго казбеказ.

Амма лъарагIаз мугъчIвай гьабулеб буго 1937 соналдаго гьабураб Пачалихъалъул Акталде, гьелдалъун жидее гьеб Львовское № 1 абулеб бакI абадиялъего кьун бугила.

РагIудалъун магIарулал нахъе инчIеб мехалда, гьел хIинкъизаризе лъугьун руго лъарагIал. Гьедин бицунеб буго ЭР-ялъе Ленинаулалдаса Саипов Сираца.

Саипов Сира: «Тунка-гIусиги ккун, нижер цо вас лъукъана гъоз, гьанже сакъатлъун вуго гьев. Цинги кIиго машина цIун полициялъул хIалтIухъабиги (10 чи) рачун ана ниж гъоре хIалтIизе. Гьеб мехалда гьезул машина бегизабизейингицин лъугьун рукIана лъарагIал. Хадуб фермаги бухIана гъоз».

Гьелдаса хадуб гIуцIана республикаялъул нухмалъиялдаса тIадкъайги кьун комиссия. Амма я гьелъ, яги жалго хIукуматалъул чагIаз жидее щибгIаги кумек гьабичIин бицана Саипов Сираца.

Саипов Сира: «Гьел ракьал гьечIони, нижер экономикаялда – хасго гIи-боцIухъанлъиялда - тIасан хIучч цIазе бегьула».

Жидер дагIба-рагIи гIодоциналъе хIукуматалъул чагIаз кIвар буссинабулеб гьечIеб мехалда казбекалъулаз гьарун буго гьезда Хасавюрт мухъалданиги кьейин ракь. Ама хIукуматалъе бокьун гьечIо.

Саипов Сира: «ХIукуматалъ абуна нужее щайдила гьел, жидеца дагьабги гIагардегIан ругел ракьал кьелила нужее. Гьелда нижги разилъиларищха. Амма хадур рекIекълъана ниж гьелдаса. Гъол Львовскоеялда ругел ракьазулги гьазулги кадастралъул багьаги чIезабун, картабиги рахъун цо заманалда иш цебехун инеги букIана. Хадуб лъарагIазул миллияб комитетин цо-цо чагIиги гьоркьоре журан, гьеб жо биххана. КъотIи букIана Хасавюрт мухъалда ругел Эндирей аулалъул ракьазул цо бутIа кьезе. ЛъарагIаз жидецаго жидедаго гьоркьоб хIукму гьабураб аниха. Амма хадуб гьезги рехун тана гьеб суал».

Саипов Сираца рикIкIунеб буго ракьул суалалъ иш хIалуцинабизе бугилан.

Саипов Сира: «Жакъа ракьул суал баккани, метералде миллатазда гьоркьосеб суаллъун лъугьуна гъоб. Нижго бетIергьанлъиялда бугеб бакI цIунизеги, нижерго ихтиярал рилълъинаризеги кIоларел чагIи гуро ниж. Амма нижго сабаблъун конфликт байбихьизе бокьун букIинчIоха. Нижер кIудияб хьул букIана тIалъиялде. Амма бихьулеб буго гьелъул хIасил ккунгутIи. ХIасил гьабидал, «Дружба» магIишаталъе зарал гьабун буго 67 млн гъурщил къадаралда. Дилималъул магIишаталъе – лъебералда хадуб миллионалъ, «Победа» абураб СПКялъе – 12 млн гъурщица. Кин букIаниги, нижги чIелищха гьадинан? РитIухълъи тIалаб гьабун къватIире рахъине ракIалда буго нижеда».

Ракьул суал роцIцIун гьечIолъиялъ, хасго хъутабазул даража чIезабун гьечIолъиялъ Дагъистаналда гIемер кколел руго гьединал хIужаби - мугIруздаса гочинаруралги лъарагIлъиялда ругелги гIадамазда гьоркьор. Къойидаса къойиде кIодолъулел росабиги руго, гIадамазе цIи-цIиял ракьалги хIажат руго.