Теракт: фронт гьечIеб рагъ халат бахъунеб буго

Хамиз къоялъул радакь хеккого Хасавюрталъул Полициялъул посталда ккараб теракталъул хIасилалда хун вуго 5 полициялъулав. ЧIваразул лъабгоял рукIун руго Вологда икълималдаса командировкаялъ Дагъистаналде ритIарал гIолохъаби. Щуабилев жеги кодове щун гьечIо.
Такъсирияб лъугьа-бахъин ккана 14 февралалъул радакь 5 тIубараб гIужалъ. МахIачахъалаялдаса Хасавюрталде жанире рачIунаго бугеб полициялъул хIалтIухъабазул посталда «Лада Приора» автомобилалъул хал гьабулаго ккун буго кьвагьи. Гьелъул хIасилалда лъабго полициялъулав гьеб бакIалдаго хун вуго, анлъгоял захIматаб куцалъ азарханаялъул реанимациялда регизарун ругилан хъвалеб букIана информ. алатаз. Кьвагьи ккараб бакIалда лъугьун буго 4 метр гъварилъиялъул бугеб кIудияб гвенд. Нижехъе щварал баяназда рекъон кьвагьул алаталъул цIайи букIун буго 50 кг тротилалъул.

Жанисел ишазул идараялъул пресс-хъулухъалъ кьуна чIварал полициялъулазул цIарал.

Гьел ккола прапорщик Солодягин Сергей, кIудиял сержантал Онькин Александр ва Дмитриев Денис, гьел лъабалго рукIун руго Вологда мухъалдаса гьанире командировкаялъ ритIарал гIолохъаби. ЧIваразул ункъабилев Шамилов Салим кколаан Дагъистаналдаса, гьесул букIана 40 сон, цоги полициялъул хIалтIухъан араб бакI лъачIого тIагIун вуго.

Дагъистаналда цIикIкIунел ругел полициялъул хIалтIухъаби чIваялъул хIужаби тIагIинариялде нухмалъиялъ кIвар кьолеб гьечIолъиялъул гIемераб бицун букIна ЭР–ялъе жамгIиял хIаракатчагIазги цогидалги экспертазги. ГьанжегIагар заманаялъ Дагъистаналде витIун вачIарав цIияв нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазаница бицун букIана тIоцебесеб иргаялда жинца кIвар кьезе ругел масъалабазул цояб бугин ришватчилъиялде ва такъсирчилъиялде данде къеркьеялъул масъалаян. Хамиз къоялъ Хасавюрталда ккараб лъугьа-бахъин буго ГIабдулатIипов Дагъистаналъул нухмалъуде вачIаралдаса республикаялда ккараб тIоцебесеб вахIшияб террроралъулаб лъугьа-бахъинлъун.

Амма цохIо Президентасе бокьунилан такъсирчилъиялде данде хIалтIи гьабун лъугьунарилан рикIкIунеб буго Полициялъул хIалтIухъабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев Шамилов МухIамадица. Жакъа Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ гьабулеб хIалтIи бугин басрияб къагIидаялъ гьабулеб, такъсирчагIи абуни хIалтIулел ругин цIияб дагьабги къуватаб кагIидаялъ.

Шамилов МухIамад: « Жакъа Дагъистаналъул президентас чара гьечIого кьучIдасанго хисизабизе ккола Жанисел ишазул ва прокуратураялъул хIалтIи. Гьеб кьучIдасанго хисизабизе ккани гьесие квал-вал гьабулеб жо буго гьеб

Шамилов МахIамад, жамгIияв хIаракатчи

прокуратура гьесул ихтияралда гьечIолъиялъ. Кин гьеб бакIалда гьесие кумек гьабизе бегьулебилан гьикъани жакъа жанисел ишазул идараялда руго гIемерал нижер профсоюзалъул хIалтIухъаби, гьезул гIемерал нахъе рехана, дагьал чагIи гурони хутIун гьечIо гъора. Нижеца президентасда абулеб буго гьаниб лъугьунеб бугеб такъсирчилъиялде данде гьабуллеб хIалтIул хал гьабизе Москваялдасан комиссияги ахIе гьанибе, гьеб коммиссиялде гъорлъе нижер профсоюзалъул чагIиги рачеян, гьелъухъ гIинго тIамулеб гьечIоха. Бокьа-бокьараб гьабулел жалго руго, жидерабго гьабулел рохьилалги руго, кьвагьулеб гъурулеб халкъги буго, гьезул хабаде ракьги хъван кIиго къоялде кинабгоги кIочон толеб буго».

Балагьалде буссараб сапар

Гьаниб чанго рагIи абичIого гIоларо гьанжесев Дагъистаналъул жанисел ишазул нухмалъулесул рахъалъги. Цогидал хIукуматалъул министерлъиялъул нухмалъулел хисулеб мехалъ жанисел ишазул министрасул хъулухъалда чи жеги хисун гьечIо Дагъистаналда. Гьелда банги абуна Шамиловас гьев хисизе кIолеб гьечIилан бугин цо хабар баккун, амма гьев хисичIого рес гьечIин, чара гьечIого хIажат вугин жакъа цIияв министр, гьеб хъулухъалде тIамизе бегьулел чагIазул чангоясул цIарги рехсана. Дагъистаналъул цере рукIарал нухмалъулел ГIалиев МухIуцаги, МухIамадов МухIамад Саламицаги бичча-бихъан танин жанисел ишазул минстерлъиялъул хIалтIи, цIияв Дагъистаналъул нухмалъулесул рес бугин гьеб суал кьучIдасанго хисизабизеян рикIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчияс.