Кинавниги 600 гIан мугIалимасе щун гьечIо гьеб гIарац. Гьениб бицен гьабулеб буго 2004 соналда Дагъистаналда къабул гьабураб къануналда рекъон росабалъ гIумру гьабун ругел мугIалимзабазе социалиял бигьалъаби хIисабалда гьезие чIезарурал льготабазул. Гьел льготабазда рекъон мугIрузул мухъазда ругел мугIалимзабазул рес буго хасалил заманалда рукъзал хинлъизе цIатари щвезе. 2012 соналъ къабул гьабураб федералияб къануналда рекъон абуни, гьелго мугIалимзабазул изну буго гьеб цIатариялъул бакIалда рецIел хIисабалда гIарац босизеги. МугIалимзабаз жидерго гIарцухъ тIурччиги босун гьелъухъ араб гIарац тIалаб гьабизе бегьула. 2014 соналъ кьезе кколеб гьеб гIарац абуни щун гьечIо Гъуниб мухъалъул мугIалимзабазе.
Щивав мугIалимасе гьоркьохъеб куцалда кьезе кколеб гIарцул хIисаб гьабуни гьеб ккола 15 азаралда хадуб гъурущ. Амма щибаб росабалъ ругел школазе щолеб гьелъул къадар батIи-батIияб букIине бегьула. Мисалалъе Гьонода росдал школалъул щивав мугIалимасе щвезе кколаанин 29 азаралда хадуб гъурущилан бицана нижее школалъул профком Ашаханов Жалалудиница
Ашаханов Жалалудин: «Октябрь моцIалда, дунял квачазе лъугьарабго дица босараб тIоччол щуго тоннадухъ гIарац кьезе ккола гьез дие. ТIурччи босанилан абун киналго квитанциял ракIарун жанире кьун рукIана, гIарац гьале жеги щвечIо. ЗахIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерлъиялдаса кьезе кколеб рагIулаха гьеб гIарац».
Гьеб ккола 2014 соналъ гьезие щвезе кколеб букIараб гIарац. 2015 соналъул хасалил гIужилан абуни ахиралде щолеб бугин гьелъухъ кьезе кколеб гIарцул абуни биценго гьечIин. Гьеб гуребги Халкъияб Мажлисалъ хIукмуги гьабун гьеб рецIалил гIарац исана дагь гьабун бугин, гьанже жидее 12 азарго гъурущ гурони щвезе рагIуларилан тIаде жубана Жалалудиница
Гьединалго гIарзал араб соналда рукIана Гумбет ва Болъихъ мухъалъул мугIалимзабазулги. Гьезие гьеб гIарац щун бугилан бицана нижее гьеб мухъалъулгун бухьен гьабидал. КIиго анкьидасан жидее кьезе бугеб кIиго миллион гъурщил налъиги кьезе къотIи гьабунин захIматалъул министерлъиялъилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе ГIамиросулов МухIамадица. Гьев ккола Гъуниб мухъалда ругел мугIалимзабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев. «Кавказский Узел» сайталда хъван буго гьел киналго мугIалимзаби дандечIеялъул акция тIобитIизе хIадурлъулел ругилан. Амма кинабго роцIцIинчIого мугIалимзаби жеги къватIире рахъине гьечIилан абулеб буго ГIамиросулов МухIамадица.
ХIасил-калам, кIиго анкьидасаги гIарац щолилан захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерлъиялъ кьураб рагIуда божун чIуго руго гьабсагIат гьел. Гурого кIанцIун рахъун дандечIеялъул акция гьабун жо кколарин, гьелде хIадурлъизе кколилан абулеб буго ГIамиросулов МухIамадица. Гьединго Гъуниб мухъалъул мугIалимзабзул гIарз буго хъулухъалъул ишаз сапаралъ унаго гьезие кьезе кколеб гIарац кьолеб гьечIиланги. Гьедин 2009 соналдаса нахъе цониги нухалъ кьун гьечIо гьезие командировкаялъ унеб мехалъ нухда харж гьабиялъе хIажалъулеб гIарац.