Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналда ахиралде щолеб буго МухIамадов Рамазаниеги, МухIамадов ШугIайбхIажиеги, ЛабазанхIажиев ГIабдулжапариеги гьабулеб диван.
Иргадулаб нухалда букIараб данделъи байбихьана диванчи МухIамад ХIажиевас адвокат Сапият МухIамадовалда гьелъие Швециялда кьураб Пер Ангерил премия баркиялдаса. Амма диваналъул данделъи бакьулъе щолелъул диванчиясул пикру хисана жийго адвокаталдаги гьеб премиялдаги хурхун. Гьединал премиял лъие ва лъица кьолел жалали цIакъ лъикI лъалин жиндаян кIалъана диванчи. Гьеб щунилан дудаго мунго кутакай гIаданилан ккогейила.
Гьелъие гIиллалъун ккана Сапиятица диванчиясулги цIех-рехчиясулги гъалатIал тIатинари. Масала, цIех-рехчияс хъвалеб буго гIолохъабазухъ кинабалиго тайпаялъул ярагъ батанилан, диваналъул данделъиялде бихьизе бачIунеб буго тIубан батIияб тайпаялъул ярагъ. Гьединго пуланаб бакIалдаги батун, диванчиясда бихьизегIан гьеб ярагъ киб ва лъил жавабчилъиялда цIунун букIарабали гьарурал лъилниги гъулбасал гьечIо.
МухIамадова Сапиятица ЭР-ялъе бицана тIубараб лъагIел бугила гьел гIолохъабиги туснахъ гьарун, гьезул цIех-рех гьабулелдаса. Гьеб заманалда жанив хисанила чанго цIех-рехчи. Гьезул гIемерисез гьелъул цIех-рех гьабулеб батун буго гьелъие изнуги гьечIого. Масала, гьединав цIех-рехчи кколев вуго Абакаров СалихI. ТIасахун тIадкъайги кьечIого дур хъулухъ щибин гьеб тIаде босизеян гьикъана адвокаталъ гьесда. ХIакъикъаталда гьеб жинда тIадкъараб жо букIанин, документазда гьелъул хъвай-хъвагIай гьабизе жиндир нухмалъулесда кIочон тун бугинхаян жаваб кьуна гьес. Абакаровасда тIад рекъон чIана диванчи ХIажиев МухIамадги. ГъалатI ккун бугилаха, дур кколаребищдила гъалатIилан адвокаталдаги гьикъана.
МухIамадова Сапият: «Гьадинаб цIех-рех доба лъебелазул рохьоб бугеб цидаги кIола гьабизе».
Гьедин гъалатIазулги гIунгутIабазулги цIураб цIех-рех бугин гьебилан жаваб кьуна адвокаталъ диванчиясе. Гьедин гъалатI хIисабалда рикIкIун тейилаха туснахъ гьарурал гьел гIолохъабазе Джамиль Абукаев абулев мадугьаласулгун гьезул букIараб лъай-хъвай.
МухIамадов Рамазанидеги, МухIамадов ШугIайбхIажидеги, ЛабазанхIажиев ГIабдулжапаридеги гIайиб гIунтIизабулеб буго Абукаевасул къокъаялда гъорлъги рукIун гьез Гъизляралда терактал гьарулел рукIанилан. Масала, 2011 соналда гьениб «Идеал» абулеб тукен кьвагьизабунилан. Амма гьел лъабалго гьелъие мукIурлъулел гьечIо.
Гьединго гьеб хIужаялъе нугIзаллъун низам цIунулез рихьизарурал гIадамаз диваналда инкар гьабуна цIех-рехалда хъвай-хъвагIай гьабурал баяназдаса. Сунда гъоркь гъулбас лъезабулебали бичIчIулеб букIинчIин жидедаян абуна гьез. Гьединго гьел гIолохъаби жанир тIамулеб мехалда Абукаев хъачагъ хIисабалда низам цIунулезул цIех-рехалдагицин вукIинчIолъиялде кIвар буссинабулеб букIана адвокат МухIамадовалъ диванчиясул. Гьев валагьизе лъугьун вуго гIицIго гьел туснахъ гьарун хадур. Гьеб мехалда кисайин гьезда лъазе кколеб букIараб Абукаев хъачагъ вукIинги, гьевгун кIалъазе бегьунгутIигийин гьикъана гьелъ диванчиясда.
МухIамадова Сапият: «Диванчияс рикIкIунеб буго гьелъул щибго кIвар гьечIин гьаб ишалъулъилан».
Ахир-къадги диванчияс суалал кьезе адвокат МухIамадовалъе гьукъиялде ккана иш. Гьедин протоколалдаги хъвана, жинца гьей махIрум гьаюлей йигин суалал кьеялъул ихтияралдаса. Гьеб мехалда Сапият МухIамадовалъ аскIой йикIарай адвокаталда гьарана цIех-рехчи Абакаров СалихIида гьикъейин жиндир ордералъул къисмат кинин ккарабилан. Гьелъул магIна ккола Гъизляралда вугев цIех-рехчи ГIисаев Казимица бихъ-бихъун рехун адвокаталъул ордергун туснахъ гьавурав МухIамадов ШугIайбхIажихъе гьей йиччачIолъи. Багьанадуй ккун буго гьелъухъ документ гьечIолъи, жидехъги гьечIин чIун руго низам цIунулел. Гьеб бакIалда гьоркьоб ШугIайбхIажи тIамун вуго киналали кагътазда гъоркь гъулбасал лъезе, гьесда абун буго адвокаталъ дудаса инкар гьабунин. Уйилан ккун, гьесги жинда малъараб гьабун буго.
Жиндир махщелцояс адвокаталъул ордер бихъиялъе мукIурлъун вукIанин жиндие гьав цояв цIех-рехчи Абакаров СалихIилан бицана ЭР-ялъе МухIамадова Сапиятица. Амма диванчи ХIажиев МухIамадица инкар гьабуна гьеб хIужа хIисабалде босизе.
Туснахъ гьавурав лъабавго гIолохъанчиясул адвокатазда ракIалда буго диваналъул нахъисеб данделъиялда диванчи хIисабалда МухIамад ХIажиевасдаса инкар гьабизе. Гьеб тIобитIизе буго 29 ноябралда.