Дагъистаналъул жанисел ишазул идараялъул пресс-хъулухъалъ абуна «Эркенлъи» радиялъе комуфляжалъул форма ретIарал чагIаз гьабунин гьеб такъсирилан абураб хIужа чIезабизеги кколин, щайгурелъул гьединаб ретIел бокьараб бакIалда букIунин бичулеб.
Кинаб букIаниги щаклъи ккарав чи цIех-рехалъул изоляторалде вачинеги тIадехун бугеб идараялъ буюрухъ кьечIого гьес вачунарин. Жакъа киназулго кIалдиб ругьунлъун бугин гьеб калам гIадан викъун анилан абураб, амма гьединищ гьеб бугеб яги батIияб къагIидаялъищали цин цIех-рех гьабизе кколинха.
Гьел цIех-рехалъулал хIалтIаби къануналда рекъон унел гьечIолъиялъул гIемераб хIужаби рукIана араб соналъ республикаялда. Рикъаразул гIагарлъиялъ бицунелда рекъон гIемерисеб щинаб мехалъ рикъун арал ратулел рукIана цIех-рехалъул изоляторалъурниг
Жинда ракIчIун абизе кIолин я Дагъистаналъул прокуратураялъ, я цIех-рехалъул комитеталъ рикъарал гIадамазул гIарзабазда хурхун кинабниги хIалтIи гьабулеб гьечIилан абуна «Эркенлъи» радиоялъе инсанасул ихтиярал цIунулев жамгIияв хIаракатчи ГIисалмухIамад Набиевас.
ГьедигIанасеб къадаралда гIарза бачIанин жидехъеян гьез бицунеб хабарги бугин щибаб лъагIалил ахиралда жидецаго гьабунилан абулеб хIалтIул кьураб баян:
Набиев ГIисалмухIамад: « Гьезул бищунго аслиб пикру буго цо кинаб букIаниги гIайиб букIиналда щаклъи букIун ккурав чиясул такъсир рагьунги нилъехъа бажаруларин, гьелъие гIурал хIужабиги нилъер гьечIин, гьел тIагIинариго бигьаяб масъала бугин нилъеейилан. Кьабунги рухунги, батIи-батIияб гIазаб кьунги гьеб иш рагIалде бахъинабичIогоги толаро гьез».
Гьесдаго тIадрекъолей йиго инсанасул ихтиярал цIунулеб «Правозащита» абураб гIуцIиялъул хIалтIухъан Тарасова Фатимаги. гьанжелъизегIан рикъарал гIадамазда хурхун цIех рех гьабун рагьараб цониги такъсир гьечIин гьезул.
Фатимаца абулеб буго гьел прокуратураялде араб соналъ рикъарал гIадамазда хурхун рачIарал гIаразаби жеги цIикIкIун рукIун ратулилан:
Тарасова Фатима: «Дида ккола гьединал хIужаби дагьалги цIикIкIун рукIун ратилилан, щайгурелъул рикъаразул гIагарлъиялъ кьурал гIарзаби прокуратураялде киналго гурелъул щолел. ГIемерал рукIана хIужаби викъун арав чи чанго къоялдасан автомбилалда жанив вухIун ватаравги. Гьелъие багьанаде цIех-рехачагIаз абула гьев чияс автомашиналда жаниб унеб букIараб алат кьвагьун бугин.
Амма дун гьелда божуларо, щайгурелъул дида чанго нухалда бихьана рикъаразул гIагарлиялъ бахъараб бухIараб автомобилалъул сурат. Гьезда бихьулеб букIана автомашина кьвагьун гьечIолъи, бухIараб жаназаялъул хал гьабидалги якъинго бихьулеб букIана бохдул ва цогидал лугби къаркъалаялдаса тIун гьечIолъи.
Гьединал хIужаби гIемерал руго. Жибго гьелда тIасан гIуцIараб статистикаги цIакъго бигъинабун буго хадур гъезе кIвеларедухъ, щай щайгурелъул гьел рикъарал гIадамазул гIемерисел цIех- рехго гьабичого чIван рехулел рукIун, гьелдаса хадуб гьел рикъун рукIиналъул хIужаги чIезабизе захIмалъулеб буго гIагарлъиялъе».
Комуфляжалъул форма ретIарал чагIаз гьабураб такъсириял ишазул бицунаго гьанибго тIаде жубазе бегьула араб соналда Гъизилюрт мухъалъул Чонтаул росулъ ккараб вахIшияб лъугьа-бахъиналъ